«Гьудулзабазулгун накъит» абураб проект хIалтIизабизе байбихьана редакциялъ. Нижерго студиялда гьабураб щибаб гарачIвари газеталдасан цIализе гуребги, гьелъул видео «ХIакъикъаталъул» сайталдасан, Телеграм-каналалдасан бихьизеги рес буго нужер (hakikat.info, hakikat_gazeta). Жакъасев гьоболлъун нижер гъанситохъ вуго МухIамад БисавгIалиев. - МухIамад, тIоцебесеб иргаялда, баркула театралъул 88-абилеб сезон рагьи. Гьал къоязда букIараб «Кьурулъ хутIарав ГIали» драмаги цIакъ бокьана. Гьаб гIагараб заманалда магIарулал рохизаризе щиб хIадурулеб...

