«Ислам босизе ракIалде ккана гIицIго Дагъистан бихьидал»

 
Ахираб кIиго соналда жаниб Хунзахъ гIумру гьабун вугев Тюменалдаса ЖабрагIилие (Евгений Плесовских) дора хутIарал гьудулзабаз кьолеб рагIула Дагъистаналда хурхун щуго суал — республикаялде рачIине ккани, кинаб валюта къваригIунеб, загранпаспорт хIажалъулебищ, цо-цоккун рачIиналъул хIинкъи букIунищ, бугебищ Дагъистаналда интернет, гьединго лагъзал гIадин хIалтIизаризе кирпич къотIулеб заводалде рикъун ине рес бугищ?
 
 
КIиго соналъ цеве турист хIисабалда Дагъистаналде щварав Евгений Плесовских гIумру гьабун гьабсагIаталда Хунзахъ вуго. Исламги босун, ЖабрагIил абун цIарги хисун буго гьес. ЦIияб соналда цересел къоязда гьес гьоболлъи бана «ХIакъикъаталъул» редакциялда. Чанго сагIаталъ халатбахъараб нижер гара-чIвариялдаса цо-цо бакIал кьолел руго гъоркьехун. 
 
 
 
 
 
— ЖабрагIил, кин букIаниги, дуца кIудияб таваккал тIамун бугоха дурго миллаталъул, халкъалъул диналдаса инкарги гьабун, ислам къабул гьабизе.
 
 
— Нижер эбел-эмен православная абулеб насранияб диналъул чагIи ругониги, дун цо гьеб диналдехун гьетIи бугев чи киданиги вукIинчIо. Амма дида кидаго лъалаан ракI-ракIалъ абулеб дир гьари тIубалеб цо ТIадегIанаб Къуват бугеблъи. Исламалъул хIакъалъулъги дида гьедигIан гIемер жо лъалароан, гIицIго дунялалда бусурбаби рукIинги гьел нахърилълъунеб ТIехь — Къуръан букIинги гурони. Кинабго байбихьана дун тIоцеве Дагъистаналде – Хунзахъе — щведал. Гьеб букIана 2020 соналъул июль. Пандемиялда бан къватIисел улкабазде гIорхъаби къан рукIана доб мехалда. Дие кидаго тира-сверизе, батIи-батIиял миллатазул, халкъазул рукIа-рахъин бихьизе, тIабигIат, ракь лъазе бокьула. Гьедин мугъзада нахъа рюкзакги бан, гостиницабазухъ гIарац кьечIого букIинелъун, аэропортаздаги кьижун, Европа сверана дица. 
 
 
ПалхIасил, арендаялъе машинаги босун, кIиго гьалмагъгун цадахъ Дагъистаналде щвана дун. Аэропорталдасанго бичIчIулеб букIана гьаб тIубан батIияб бакI букIин – щиб къваригIаниги кумекалъе ратулел гIадамалги…
 
 
Дагъистаналда бищунго аслияб жо буго гIадамазул лъикIлъиги тIабигIаталъул берцинлъиги. Жидеего данде кколареб жо бугони, гьез ракI рагьун абула гьеб жидее къабуллъу-
ларилан. Дагъистаналде щун тIоцебесеб къо букIана. Къаси сордо базе бакI цIехон, къад микьир бичун босарал чагIазул кавуда кIетIана ниж. Кирениги инчIого, жидехъ чIаян лъугьана гьел. 
 
Лъималазул лъималги цояб рокъорехун ритIун, рукъги бихьизабуна нижеда. КIудияб ригьалде рахарал чагIи ругоан гьел – рос-лъади. Цинги рохел бицун, Москваялда йигей жиндирго ясалъухъе кIалъазе байбихьана гьей, бихьуларищин, ахир-къадги жидехъеги рачIанин туристалилан. Дир къисматалъе бищунго асар гьабураб дандчIвай ккана Хунзахъ – гьенив дида ватана дица ислам босиялъе сабаблъун ккарав МухIамад. Гьесухъе ниж ракIалдаго гьечIого ккана – гьалбал къабул гьарулеб рукъ балагьулаго. ТIубараб сордо ни-
жер Дагъистаналъул гIадатазул, диналъул бицунаго ана. Хадув дун Тюменалде тIадвуссана. Амма МухIамадилгун нижер бухьен тIечIо. Гьесулгун гара-чIвариялдаса хадуб щибаб нухалда хIайранлъизе бачIунаан  Дагъистаналдасаги гьелъул гIадамаздасаги. МухIамадида лъикI лъала динги, тарихги, гIадаталги. ТIадежоялъе, дида гьев дирго вацлъунги вихьула (цо эбелалъ гьарурал гьечIониги). Гъосул гIагарлъиялъги цIехола дун.
 
 
Дагьалъ чIун — сентябралда — дун цIидасан щвана гьаниве, туристалги рачун. Дие бокьана гьеб дида тIоцебе бихьараб куцалда цогидаздаги бихьизабизе — берцинаблъун, гьобол-гьудул хирияблъун. Декабралда дун, Тюменалдаса кинабго къайиги бакIарун, тIуванго гочана Дагъистаналде. Лъицаниги тIамун гуреб, дирго рекIее бокьун вачIана гьаниве, босана ислам динги. Хадуб пикру хисичIого букIине, киналго рахъал цIадирабазда лъейин, дин босизе гIедегIугеян абулаан дида МухIамадицаги. Цевехун Турциялде щведал, гьенивги ун вукIана дун мажгит бихьизеги ахIулеб какихъ гIенеккизеги. Амма ислам босизе ракIалде ккана гIицIго Дагъистан бихьидал. 
 
 
— Тюменалда хутIарал дур гIага-божараз, гьудулзабаз щиб абулеб гьелда?
 
 
— Байбихьуда гьел гIажаиблъун рукIана, кIудияб шагьаралдаса Дагъистаналде, хасго магIарухъ бугеб росулъе, гочине кин бокьараб абун рукIунаан. Амма щибаб нухалда самолет 
МахIачхъалаялъул аэропорталда рещтIиндал, гIажаибаб парахалъи лъугьуна рекIелъе, гьале гьаб бугин дир бакIилан ккола. ГIезегIан хIужаби руго дие асар гьабурал. Масала, туристал хIисабалда тIоцере Хунзахъе щведал, нижеца цо кIудияв чиясда гьикъана гьаб бакIалда хъарпуз къотIизе бегьилебищилан. Бегьулин, амма нужедаго хадуб бакIаризеги бакIарехаян абуна гьес. Гьебмехалда нижеца гьесда баркалаян абуна. Жиндиени щибин, нужее бугин баркалаян жаваб кьуна гьес. Нижее сундухъин гьикъидал, гьанире щвезегIан рачIаралъухъилан. Гьедин кIиго соналъ цеве Хунзахъе, МухIамадихъе, гочана дун. Исламги босун, гьанив чIараб кIиябго сон бищунго талихIаб заманлъун рикIкIуна дица. Гьаб жониги щайдай дица гьабураб абун ракIбухIиги ккечIо. Церехун ричIчIулел рукIинчIелщинал суалазе жаваб щвана дие ислам босун хадуб нагагь гъалатIал кканиян, 
мажгиталдеги инчIого какал дица тIоцере рокъор ралаан. Гьанже МухIамадги дунги щибаб къо-ялъ какде, мажгиталде уна. Гьаб кIиябго соналда жаниб гьоркьоб хутIараб цониги какги гьечIо дир. Аллагьас гьел киналго къабул гьарун ратиялде хьулги буго. Гьединго устарасухъеги ун, босараб вирдги буго дир.  
 
 
 
— ГIумруялъул нухда нилъеда данде ккарал гIадамазда барабги букIунелъулха гIемерисеб жо. Гьедин дуе сабабалъе МухIамад тIамун вугоха Аллагьас.
 
 
 
— У, Аллагьас ниж хас гьабун гьесул нуцIида кIетIезе тIамун рихьуларищха. Гьедин букIинчIебани, рикIкIен гIемерал дир суалазе жавабалги кьун, дида тIад жиндирго заманги чIвалаанищха гьес. МухIамад (Шапиюлал вас) Хунзахъ районалъул администрациялда хIалтIулев вукIана. Байбихьуда досул рокъов дун вихьидал, киназго гьикъулеб букIун буго гьесда гьав щив, гьев кида нахъвуссун уневилан. Иргадулаб нухалда Дагъистаналде ине хIадурулелъул, мун гьанже исламги босун тIадвуссинчIонихаян абуна дида 
цо нухалда эбелалъ. Гьаниб бугеб ахIвал-хIалги гIадамазул цоцаздехун бугеб бербалагьиги щибха долда лъалеб, гьединлъидал цодагьабго рахIатхвей загьирлъулеб букIана гьелъул харбилъ. Гьедин ислам босун Тюменалде щун хадуб, бицана дица гьелда ккараб жо. Эбел гIодана. Жинца мун килисаялде вачунев вукIаравани, Библия цIализе тIамулев вукIаравани, босилароанин дуца исламилан, жиндего гIайибал гьаризе лъугьана гьей. Цо заманалдасан гьей йиго абулей, Тюменалде вачIараб мехалда, бусурбанчилъун вукIунгейила мун (велъулаго).
 
 
 
 
Гьебмехалда дида бичIчIана эбел Дагъистаналде ахIизе кколейлъи. Гьедин, араб риидал гьание ячIун йикIана гьей, дир гьитIинав вацги вачун (лъималазул лъималги рукIана 
цадахъ). Гьанже гIодое йиччан йикIине бегьулин жийин абуна гьелъ. Эбелалда рихьана гьанир ругел гIадамалги гьезул рукIа-рахъинги. Байбихьуда гьанибги гIемерисезда лъалароан дица ислам босараблъи. Лъан хадуб, къвалал ран, баркулеб букIана гьез. Цо-цоязул бадиб магIуцин хулулеб букIана. Жалго Дагъистаналде рачIунел туристазе хIатталдаса ун хинаб асар гьабула гьаниб цоцаздехун гIадамазул бугеб бербалагьиялъ, гьитIиназ кIудиязул гьабулеб хIурматалъ.  Масала, гьелъ хIайран гьавун вугоан дагьалъ цеве Хунзахъе рачIарал туристазда гьоркьов вукIарав Подмосковьеялдаса чи – кашиш. Масала, наслабаз наслабазухъе кьун лъалеб бугила гьезда диналъул тарихги магIнаги, улкаялъул цогидал регионазда абуни жидерго дин цIакъ мукъсанго лъалеб бугила. Гьединго вотсапазда рукIунел росабазул чатазда лъазабиял рихьула лъидаялиго кибали батун бугила кигIанасебалиго гIарац. Гьелъул бетIергьан жидехъе вачIайилан. Дагъистан тун къватIир ругел гIадамазе гьелъ асар гьабичIого толаро. 
 
 
 
— МагIарул мацI лъазабулеб бугищ?
 
 
— Цо-цо рагIаби лъала, къ, кь, хI гIадал гьаркьалги кIола рахъизе. Къуркъбузул хIакъалъулъ бицинеги лъала (гьеб мехалда бахъун чвантиниса телефонгун, 8848 къверкь къвакъвадана кьода гъоркь абун цIалана гьелдасан ЖабрагIилица — авт.). Амма дие къваригIун руго расги лъаларел дун гIадал чагIазда кьучIдасанго мацI малъулел мугIалимзаби.  
 
 
 
— Дур бетIербахъи сундасан бугеб?
 
 
— Туризмалдасан. Гьале дагьалъ цевегIанги 2,5 моцIги Латиназул Америкаялда (Аргентина, Бразилия, Чили, Колумбия) бан вачIана дун. Гьениса тIадвуссун вачIунаго, гIумраялде, 
СагIудиязул ГIарабиялдеги ана.
 
 
 
— Аллагьас къабул гьабун батаги! Кин гьеб ккараб?
 
 
— Амин! РакIалдаго гьечIого ккана. Колумбиялда вукIана дун. Гьениса рокъове (Дагъистаналде – авт.) вачIине бищунго къокъаб нух кисандай бугеб абун ургъулаго, тIаса бищана Турция. Гьенисан щвана СагIудиялдеги. Дора дир гьудулзаби руго – гIарабал. Гьез малъана хIеж борхизеги. 
 
 
 
— Кинаб асарха дуе гьелъ гьабураб?
 
 
— Байбихьуда цо цIоро-гъорораб хIал букIана. ГIицIго КагIба сверун тIавап гьабулелъул ункъабилеб свериялда бичIчIана дицаго гьабулеб жо. Гьеб мехалда дирго гIага-божаразе, лъале-хъвалезе дугIа гьабуна. ГIадада гурин Аллагьас хас гьабун гьаб заманалда гьаб хирияб ракьалде дун ахIаравиланги ккана.