Такъсиралъ — гloдовегlaнлъизавун, хlалтlуца — ворхизавун

«Открытая власть» абураб проекталда рекъон, журнали­ сталгун дандчIвана УФСИНалъул начальник, генерал­майор Андрей Поляков ва промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Аслияб суал букIана такъсир гьабурал чагIи тамихIалде цIаялъе ахирал соназда билълъанхъизабулеб бугеб цIияб къагIидаялъулгун журналистазул лъай­хъвай гьаби.

 

— Такъсир гьабуразда хIалтIизе тIадаблъун гьабиялъул къагIида нилъер улкаялда билълъанхъизабизе байбихьана 2017 соналъул 1 январалдаса нахъе. Гьединаб хIукмуги гьабула судалъ, ай тIадагьал такъсирал гьаруразе. Гьединазе гIуцIулел руго хасал централ, гьенир чIезарун руго бигьаял шартIал. Кибго гIадин, гьезиеги буго микьго сагIаталъулаб хIалтIул къо, 18 къоялъул отпуск, харжги кьезе бегьуларо МРОТалъул къадаралдаса дагь. Харж бачIуна щивасул картаялде. Гьесда хадуб налъи ялъуни бецIизе кколеб зарал батани, картаялда бугеб гIарцудаса гъоркь ккола 5-20 процент, — ан бицана Андрей Поляковас. 

 

Гьесул рагIабазда рекъон, централде ритIуларо санаде рахинчIел лъимал, лъимаде йигей чIужугIадан, гьитIинаб лъимер бугей эбел, 55 сонил ригьалде яхарай гIадан ва 60 сонил ригьалдаса тIаде арав бихьинчи, аскариял.

 

Гьеб къагIида хIалтIизе биччаялъул аслияб мурадги ккола колониял, дагьабго къадаралъ ругониги, эркен гьари ва тIадагьал такъсирал гьарурал, жамгIияталъегун пачалихъалъе жиндаса хIинкъи гьечIел жанир тIамун ругел дагь-дагьккун ракълилаб, эркенаб гIумруялде ру- гьун гьари.

 

ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Хали- ловас бицухъе, гIезегIан руго гьединал хIалтIухъаби къваригIарал, гьезие хIалтIи кьезе хIадурал предприятиял. Масала, Буйнакскиялда – «БОФ», Дербенталъул зонаялда — «Татляр» магIишат, ДагъОгни шагьаралда — цIер гьабулеб производство.

 

— ТамихIалде цIарал гIемерисел хIалтIухъабазул буго лъикIаб махщел (цо-цоязе гьеб щола колониязда ругел профтехучилищеязда цIалунги). Гьединлъидал предприятиязе бокьула гьелгун хIалтIизе. Амма буго цо масъала — гьел жанир чIезе бакIал гьечIо, — ян бицана Н. Халиловас.