Улбулги лъималги. Киналго гIадамазул кидагосеб ургъел. Дир имгIал, инсул вац вукIана Бисавилан. Нижер ЧIурмутIалда цохIо гьев вукIана доб мехалда Бисав. Фамилияги къокълъизабун, дида Бисавилан абизе байбихьана магIарул газеталда цадахъ хIалтIулез. Гьединго абулаан дида Расул ХIамзатовасги ГIадалоцаги. Гьедин санагIалъиги букIана. Дир имгIал Бисав гIумруялъ вехьлъун хIалтIарав чи вукIана. Хасало рокъове вачIингун, тIубараб моцIги гьес тIахьал...

