БЕЧЕЛЪИ КIВАРИЧIО, МАХЩЕЛ БОКЬИЛА

укIанила, вукIинчIила цо бечедав хан. Гьесул цо
гогьав васги вукIанила. ЧIужу ячине гIолев вас ву-
кIаго, хан хванила. Цо заманалдасан эбел къачIа-
данила васасе чIужу ячине. Васги кинго разилъулев
вукIинчIила, ахиралдаги цо къоялъ тIохде вахун вас ву-
кIаго, гьесда лъадае уней цо берцинай яс йихьанила. Хана-
сул васасул гьелъухъ рокьи кканила. Васас эбелалда
абунила жиндие гьай пуланай яс ячеян. Ханзабазул гурей
яс ячине эбелалъе бокьун букIинчIила, кинниги вас тIаса
вичIичIого, гьей яс ячине хIукму кканила. Цо къоялъ
ясалъул эбел-инсухъе гьарун чагIи ритIанила. Ясалъ абун
бачIанила гьадин: «Жиндие ханасул бечелъи къваригIун
гьечIо, гьесул щиб махщел бугебали лъазе бокьила», – ян.
Васасул щибниги махщел букIинчIила, амма ясалъ
цIакъ берцинал халичаби рессулаанила. Ханасул васги ра-
зилъанила, гьей яс жиндие ячIани, живги гьебго махще-
лалде ругьунлъизе. Гьеб къотIи-къаялда яс ханасул васасе
ячанила. КватIичIого васги, ясго гIадин, берцинал ха-
личаби рессизе ругьунлъанила.
Цо заманалдасан ханасул вас вахъанила къватIиве ва
щванила цо пуланаб шагьаралде. Вакъунги вукIун, гьев
гьеб шагьаралда цо ашбазалде кваназе анила. Гьеб ашба-
залде жаниве вачIаравщинав лага-черх бугев кьарияв чи,
гьенир хIалтIулел гIадамаз вачун цо рокъовегун, чIвалаа-

нила ва, гьеб гьанал квенги гьабун, бичу-лаанила. Гьедин хана-
сул васги гьевго гIадинав цо-кIиго кьарияв чиги ккун, цо бе-
цIаб рокъор жанир тIамунила. Гьенир гьел цIакъ лъикI
хьихьулел рукIанила: гьел чIвазе кьара гьарулел рукIанила.

Гье-дин моцIгIанасеб
заман банила. Ханасда аскIоса хъвезе вачун цин цояв
анила, цо дагьаб мехалдасан кIиабилевги анила. Гьанже
ирга ханасул васасде щванила.
Цо къоялда рачIун жанирегун, ханасул васги вачун
унев вукIанила. Гьесда бичIчIанила жив чIвазе вачунев ву-
кIин. Гьес гьезда цIакъ гьаранила:
– Дун чIвани, дидаса нужее гIемер кIудияб пайда щве-
ларо, амма нужеца дун чIвачIого тани, дица нужее щибаб
анкьие нус-нус кIинус-нус туменалде ричун унел берцинал
халичаби рессила. Нужее гьелъул пайда цIикIкIун бу-
кIина, – ян.
Гьел разилъанила ва ханасул вас, къваригIунеб къайиги
кьун, халичаби рессизе цо рокъове жаниве тIамунила.
ЛъикIалан заман банила ханасул васас гьедин халичаби
рессулев. Гьел халичаби, батIи-батIиял шагьаразде ун,
ричулел рукIанила гъол чагIаз.

Цо нухалда ханасул васас жинцаго бессараб халичаялда
тIад гьадин хъванила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдаса ха-
насул вас, пуланав чи. Дун жанив тIамун вуго. Дун хвасар
гьавурав чиясе гIемераб боцIи кьезе буго», – абун. Гьелда
тIад хъвараб жо цIакъ халгьабуни гурони, цIализе лъала-
роанила.
Гьеб тIад жо хъвараб халичаги цогидал халичабиги
ричизе росун анила цо пуланаб шагьаралде. Гьеб шагьар
букIанила гъов ханасул васасул ватIан. Гьеб бичун боса-
нила гъов ашбазалда жанив тIамун вугев ханасул васасул
мадугьалас. Гьеб, тIад жо хъвараб халича цогидаздаса
цIакъго берцинабги букIанила.
Мадугьалас босараб гьеб халичаялъул хабар рагIун,
гъов ханасул васасул чIужу анила гьеб бихьизе. Гьелъие
гьеб халича цIакъ бокьанила, гьелъухъ битIахъе ракI
бахъун анила. Гьелъ мадугьаласда гьаранила, жиндиеги
гьединаб халича бессизе бокьун бугин, гьелъухъ балагьизе
цо-кIиго къоялъ жиндихъе кьеян. Мадугьаласги кьун
анила.
Мадугьаласул халичаялъухъги балагьун, гьелда релъ-
лъараб халича бессулей йикIанила ханасул васасул чIужу.
Цо заманалдасан ханасул нусалда лъанила гьеб халича-
ялда тIад хъвай-хъвагIай гьабун букIин. Гьелъ гьел хIар-
пал дандранила ва гьадин цIаланила: «Дун вуго пуланаб
шагьаралдаса ханасул вас. Дун гьаб пуланаб шагьаралда
гьадинаб ашбазалда жанив тIамун вуго. Дун хвасар гьаву-
рав чиясе дица гIемераб боцIи кьела», – ян.
ГьебсагIаталъ ясалъ хIадурлъи гьабунила росасда
хадуй ине. Кинабго аскар бакIаранила, ва кире рачунел ру-

гелали гьездаги бицинчIого, гьел гъоб шагьаралде ралагьун
къватIире рахъанила.Чанго къоялдасан ясгьение щванила.

02

Цо азбаралъур чуял, гьакалги тун, гьел гъоб ашбазалде
анила. Ясалъ киналго богогьанал, цере хIал-тIулел чагIи, ашба-
залъул бетIергьан жиндихъего ахIанила ва цоясда гьикъанила
гьадинав чи кив вугевилан. Гьес лъаларилан абунила.
ГьебсагIат гьесул бетIер къотIанила, цогиясда цIеханила,
гьесги лъаларилан абунила. Гьесулги бетIер къотIун реха-
нила. Лъабабизе цIехарав ашбазалъул бетIергьан вукIа-
нила. ЧIваялдаса хIинкъун, гьев гьардезе лъугьанила:
– Гьев нужеца абулев чи гьанив вуго, гьесие щибго
лъугьараб жоги гьечIо, дун чIваге, – ян. Гьес ханасул вас
вугеб бакI бихьизабунила.
Ханасул васги хвасар гьавун, ашбазалъул бетIергьанги
чIван, гьелги рокъоре тIадруссанила.
Гьеб мехалда бичIчIанила ханасул васасда бищунго кIу-
дияб бечелъи инсанасул жиндирго махщел букIин.