«Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда бицана СВОялда гIахьаллъулаго хваразул гIагарлъиялъе «Киналго цадахъ» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъ гьабулеб бугеб кумекалъул хIакъалъулъ. Фонд гIуцIана ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул гIахьаллъиялдалъун, ва гьелъул учредительги ккола пачалихъ. Фондалъ гьабураб хIалтIул, гьелъие квербакъулел сахаватал гIадамазул ва кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ бицана фондалъул директор Селимхан Мерзихановасги захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министрасул заместитель ГIабдулкерим ГIабдулаевасги. «Республикаялъул бетIерасул бихьизабиялда рекъон, тIоцебесеб иргаялда,...

