ВАРАНИ ГУККАРАБ КУЦ

РукIанила, рукIинчIила, цо нохъода гьалмагълъи-
ялда чIун, бетIербахъиялъе цо ГъалбацIги, Циги,
Церги, Цакьуги, ГIангурги, Гъедуги. РукIанила
гьел, щибаб къоялъ чанареги ун, кепалда бетIербахъулел.
Цо къоялда гьезул нохъодул рагьтIасан гIебеде анила
варанабазул къокъа.

Гьездаса цояб, хIетIе унтун, билъ-
лъине кIвечIого, авлахъалда хутIун букIанила. Царада
бихьанила гъоб; гьеб бортун анила ГъалбацIида бицине,
гьадин цо варани хутIун бугин, билълъине кIвечIого абун.
Гьанже ГъалбацIица гъолъухъе битIун буго Цер: «Мун
гъолъухъе а, щибниги хиянатги гьабиларин, нилъер гьал-
магълъиялда чIезе бачIаян абе», – ян.
Цараца абунила Варанида:
– Нижер бетIергьанас ахIулеб буго мун, щибниги хия-
натги гьабиларин, цадахъ бетIербахъиялъе чIезе бачIаян.
РескъотIараб бакIалде ккун бугелъул, ун буго гьеб
нохъоде ГъалбацIихъе.
ГъалбацIица Варанида гIемераб хабарги бицун буго:
– Мун хер кунеб жо буго, ниж гьан кунел жал руго,
кIиязулго данде ккеларилан ккун батила дуда. Щибниги
хияналъи гьабизе гьечIо, воре, мун щибго хIинкъуге, – ян.
Гьедин цадахъ рукIун руго гьал таманаб мехалъ. Цо
къоялъ ГъалбацI, чанабе араб мехалъ, Пилгун багъизе
ккун, цIакъ квеш лъукъ-лъукъун бачIун буго. Чан гьабизе
кIоларого, босада бегун букIанила.

Гьелъие квине гIураб чан гьабизе гьездаги кIоларого, хвезе дагьалъ хутIун буго

ГъалбацI.
Гьанже Цараца абунила ГъалбацIида:
– Нилъее гIураб гьанги батила, гъоб ВаранигIаги чIван
лъикI, – ян.
ГъалбацI кинго разилъун гьечIо:
– Дица рагIи кьуна, хиянат гьабизе гьечIо, – ян.
Нахъеги ун буго Цер, нижеца дуде гIайиб щвезе теларо
абун, кье нижее изну доб чIвазе. Кинго кьун гьечIо гьелъ
изну. Нахъеги, лъабабилеб нухалъги бачIун буго Цер Гъал-
бацIихъе, нижеца гьадинаб тадбир ургъун бугила дуде
щибго гIайиб щолареб. Дица абилин долда, нилъ киналго
ракIарараб бакIалдеги ахIун: нилъер бетIергьан хвезехъин
бугин, нилъер умумузул гIадат букIанин, бо биххизабизе-гIан,

нусгоги хвезе кьолеб, нусгояв хвезегIан, анцIго хвезе

кьолеб, анцIго холев вукIани, цояв хвезе кьолев, нилъеда
гьоркьоса цояв хвезе бегьилаян.

Гьелъие дир гIураб хIилла бугин, мун разилъеян гьарун
буго Цараца. Ахир ГъалбацIица абун буго, гьеб жибго ра-
зилъани, дунги рази бугин, гурони гьечIилан.
Гьанже цо къоялъ, киналго гьалмагъзабиги ракIарун,
Цараца бицун буго жинцаго ГъалбацIие бицараб умумузул
кици. Гьебмехалъ Цакьуялъ абун буго нужеца дун кунин,
дица дирго би хIалал гьабилин нужейилан. БацIицаги абун
буго: «Мун кун, цонигияб гIорцIуларо, гьедигIан гьитIинаб
дур гьан чамалъе щолеб?» Дун кунилан абун лъугьун буго
БацI. БацIил гьан квани, ниж киналго хвеларищан, цони-
гияб разилъичIила. Дун кун, дун разияб бугоян бахъанила
ГIангур. Белъине кIолареб дур гьан лъица кунеб, гьеб белъ-
унаго, цIул тIагIинабилин, рохьобе нухги гIазуца къан
бугебин, тIаде бортун, семизе лъугьун руго БацIги Циги.

АскIобе бачIун, Вараница абун буго:
– Щай нуж рагъулел, гIезегIан кIудияб къаркъалаги
буго дир, гьуинаб гьанги буго дир, киназего гIезеги гIела,
дица дир би хIалал гьабула нужее, дун кун, – ан.
БитIараб бугин абун, Цараца киналго тIаде разарун,
гъоб Варани, цо лахIзаталда жаниб тIутIу-хъухъун
реханила.