«Ия, Рамазан»

Ия, Рамазанги лъаларев, гьес рицунел кепал харбалги рагIичIев чи къанагIатги ватиларо. Амма гьев гIемерисезда вихьун лъаларо, «Ия, Рамазан» абун бицадулъ гурони. ГIемерисезда ккола гьесул цIар гьеб бугилан. Гуро. Гьесда цIар буго МухIамадгIазиз. Бертаби, мажлисал камераялде рахъулев оператор. Иманги бугев, сабурав, гIамалги берцинав, исламияб нухда вугев инсан ккола гьев. Руго МухIамадгIазизил Телеграм-каналалда, Инстаграм, ВКонтакте сайтазда цоцахъе рехулел кепал харбал. Цо чангояз дихъе ватсапалдасан хъванги бачIана «Ия, Рамазанил» цIиял харбал гьечIищилан. Дицаги гьесул Телеграм-каналалъул адрес битIула гьезухъе. Гьал къоязда «Ия, Рамазан» гьоболлъухъ вукIана «ХIакъикъат» казияталда.

 

— ТIоцебесеб иргаялда, бокьилаан дурго росу-ракьалъул, хIалтIи-ишалъул хIакъалъулъ бицани.

 

— Дун гьавуна ва гIуна Казбек районалъул Дилим росулъ. Гьенибго школаги лъугIизабуна. 1998 соналдаса нахъе вуго районалъул росабалъ ва район тун къватIирги бертаби камераялде рахъулев операторлъун. Гьеб хIалтIи дие щвана инсудасан. Эменги вукIана дир киназдаго лъалев оператор. Анлъго соналъ хIалтIана Салатавиялъул студиялда оператор хIисабалдаги.

 

— «Ия, Рамазан» абун тIиритIизарулел дур кепал харбаз асар гьабулеб буго гIезегIан чиясе. Хасго 1980-1990-абилел соназул лъугьа-бахъиназулги, гьеб мехалда гIадамазул букIараб гIумрудулги бицине цIакъго бажарулеб буго духъа. Кин гьелде вачIарав?

 

— «Ия, Рамазан» харбал ракки дицаго ургъарал жал гуро. Киназулго ватсапалда группаби рукIунелъул, мунагьал чураяв Темирбулатов ХIабибица группаги гIуцIун, гьенив жанив вукIана нижерги 15 гьалмагъ. Гьениб бицен кколаан дол соназ гьадинал бертаби рукIунаанин, гьадин гьабулаанин абун. Гьедин цояс абун, цогидас бицун, тIатIалаги лъун рицунел харбал руго гьел. Нижер гьеб къокъаялда вуго органазда хIалтIулев Султанбеков Рамазан абурав чи. Цогидал кьижун ругеб мехалда, гьев дежурствоялда вукIуна ва гьесдехун гьабураб буго доб лъазабиги. Ия, Рамазаниланги абун ургъунго гуребха, гьадинго гьесдехун бицараб хабар буго цоцазухъе битIун, тIибитIун ун. Цинги цо-цояз гьарана цогидазулги щай бицунаребин абун. Гьединал жал гIадамазе рекIее гIолел рукIин бичIчIана дида. Чангояс ахIунцин бачIана, дуца бицараб жо дир гIумруялда ккараб бугинги абун. Гьеб кинабго буго дидаго бихьараб, 22 соналъ камерагун гIадамазда гьоркьов вугелъул, бертабалъги цогидал мажлисаздаги чанги батIибатIиял жал рихьула ва рагIула. Гьедин ккараб буго гьеб.

 

— Дуца рицунел жалазул гIемерисел ургъун рахъаралищ яги цогидаз бицунел рагIаралищ?

 

— Нилъер магIарулазул жиде-жидер росабазул хасаб юмор букIуна. Цинги гьезда аскIов гIодов чIедал рагIула батIи-батIиял лъугьа-бахъинал, ккаратараб ва дидаго бихьарабгиха. Чангияв вачIуна аскIове, кидаялиго жиндир ккараб щай бицунаребин абун. Дос бицараб хабар батула я магIна гуреб, я пайда гуреб жо. Чанги чи кIалъан вачIуна, цоясда тункизабизе, гьадинаб жоялда хурхун цо «голосовой» щай биччаларебин абун. Гьединаб жо бегьилищха, дие рокьуларо гIадамасул ракI хварал жал гьаризеги бицинеги. Чанги жо бицана пуланал чагIазул цIаралги рехсечIого, амма гьезухъа изнуги босун.

 

— Жакъа, ай гьаб заманалда ккарал лъугьа-бахъинал ругищ дур «голосовоязда» гьоркьор?

 

— Араб гIасруялъул 90-абилел соназул бициналъул магIна буго, доб заман, гIурусаз абухъе, «насыщенный» букIин. Доб мехалъ рукIарал бертабиги, лъугьа-бахъиналги, доб халкъги, цоцазулъ букIараб щулияб гьоркьоблъиги жакъа гьечIо. Кодор ккун телефоналгун ругезул щиб бицинеб? Гьезул бицинейин лъугьаниги, бицине жо батуларо, гьанжесеб гIел буго «виртуалияб» гIумруялда ругел чагIи. Доб нилъер заман… доб букIана ле, чIагояб. ГIемерал гIажаибал лъугьа-бахъинал кколаан. ЗахIматал соналги рукIана. Нилъер халкъалъ гIемераб къо хIехьараб заманги букIана доб.

 

— Пуланаб хабар гьадин щай бицинчIебилан абун критика гьабулел чагIиго кколищ?

 

— Критика букIунаро. Щайин абуни, дица бицунаро лъида бугониги квеш бихьулеб, чи сансикъ гьавулеб хабар. Дица рицунел харбазул ахиралда, дунго дибир гурониги, насихIат гIадаб жоги гьабизе байбихьун букIана. Щайгурелъул рекIелгъеялъе рицунел харбазухъ гIенеккаразеги гьитIинабго бугониги пайда щвелародайин абун.

 

— Духъ гIенеккидал, ракIалде ккола, дуца гьеб хабар маххул кроваталъул цояб рахъалда мун, цогидаб рахъалда Рамазанги регун, ботIрода гъоркь квералги лъун, бохалда бохги базабун, хъахIаб ракьалъ жужараб мокърукьеги валагьун бицунеб бугилан…

 

— Гьелде тIадеги, доб рокъоб печалъул тIала букIараб бакIалда чIван букIунаан картон-кагъат, ункъбокIонги къотIун, магIалги чIван. Вегизе вахиндал, мокърукьеги валагьун, дол магIалги рикIкIунаго кьижун ккун ватулаан.

 

— МухIамадгIазиз, дида ккола дур лъикIав журналист вахъинаанин, хъвадаризе байбихьани. Бокьиларищ «ХIакъикъат» казияталъе цо-цо гьединал лъугьабахъинал хъвазе?

 

— Исана лъагIел тIубала районалъул «Чапар» казияталда хIалтIулев вугелдаса. Гьениса бачIунеб гIарац къваригIун гуро, магIарул мацI хиралъиялъ вуго гьенив хIалтIулев. Дица хъвала Украинаялда ругел гIолохъабазул хIакъалъулъ макъалаби, гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьезулгун бухьенги гьабула. Творческияб хIалтIи бокьула дие. Жакъа интернеталда хъвараб ток ссун ани, тIагIанин абизе бегьула. Интернеталда бугеб информацияги буго цо чиясда сагIаталда жаниб тIагIинабизе кIолеб жо. Амма казият-журналалда бахъараб макъала буго лъималазе ва гьезулги лъималазе ракIалдещвей. Гьединлъидал диего казият бокьула цебеги ккун цIализе. БитIараб бицани, дида лъалароан «ХIакъикъаталде» макъалаби ритIизе бегьулеблъи. Гьанже лъанаха. Нилъеца нилъерго чиги, казиятги, мацIги, ватIанги цIунизе ккола.

 

— Дур гIумруялъулъ букIанищ рахIат хвезабураб жого?

 

— Студиялда хIалтIулеб мехалда гIемерисеб заман дибирзабазда цадахъ унеб букIиналъ рахIатхун вукIунаан. Бищунго рахIат хвараб жо букIана СагIидафанди (къудиса сиру) къадаралде щвей, гьевги гьевго гIадал гIалимзабиги чIвай. Киса-кирго гьарулел мажлисазда щивав гIалимчигун дандчIван, гьезул кверал рачун, гьезда цадахъ гIодов чIун, гьезул вагIзабазухъ гIенеккун вукIарав дие, гьелдаса захIматаб жо щиб тIокIабги букIинеб.

 

— Мунго цохIо хутIидал рачIунел ратила батIи-батIиял пикраби?

 

Дир ботIролъе щибаб пикру бачIуна, квешезего гIадин, нухда, гIадамазул цIураб машинаялда рекIун вукIаго. Сапаразда вугев дир кинаб санагIалъиха букIинеб ботIролъе бачIараб пикру хъвазе. ГIодов чIун хъвазейин жувайдал, ботIролъ рукIанщинал жал ун ратула, кигIан ургъаниги, ракIалдеги щоларо. Гьанже, нужеда дунго веццулевилан ккоге, дица назмабиги хъвала. Доб фонарик-телефон кодоб бугеб мехалъ, сообщениял гIадин хъвалев вукIунаан дун назмаби. Амма хъвазейин абун гIодов чIедал, цо жугьацин бачIунаро ботIролъе.

 

— Ия, Рамазан, щибха абилеб магIарулазда дунялалда лъугьабахъунелда бан? Кинаб гьоркьоблъи бугеб «ХIакъикъат» казияталъулгун?

 

— Жакъасеб гIелалъ казият сан гьабулеб гьечIо. Доб цебе заманалда хIакимчиясул хIакъалъулъ казияталда хъван батани, дов чи я хIалтIудаса нахъе рехулаан, яги бадибчIвай щолаан. ГьедигIанги къуват бугеб жо букIана казият. Амма гьанжесеб гIелалда гьеб бичIчIулеб гьечIо. Дир кутакалда ракI унтун букIуна магIарул мацI тIагIунеб букIиналъ. Гьеб тIагIани, нилъер тарихги букIунарелъулха. ГIисинал росабалъцин лъимал руго гIурус мацIалда кIалъалел. Гьезул лъималаздайин абуни, магIарулалъ кIалъазецин лъазе гьечIо. Дица гьарула магIарул мацIалда рахъулел казияталги, журналалги, магIарул мацIалда хурхун гьарулел тадбиралги гIемерлъагиян.