ЗАРУЛ БАГЬА

Малла Насрудинидаги цо пуланав чиясдаги

гьоркьоб цо щибго гуреб жоялдасан дагIба-рагIи

кканила. Ахиралдаги дагIбадулас Малла Насру-
динида зар кьабунила. ГьебсагIаталдаго гьоркьоре масли-
гIаталъе чагIиги речIчIун, Малла Насрудинихъе кьабизеги
щвечIого, гьел ратIа гьарунила.
Жинда кьабураб зарги цIакъ захIмалъун, Малла Насру-
диница гъов дандияв диваналде кьунила.
Цо пуланаб къоялъ диванбегас гьел кIиялго ахIанила
ва гьезда гьоркьоб ккараб жо цIеханила.
Малла Насрудиница абунила:
– Гьас дир магIарзукъалазулъ зар кьабуна. Гьединлъи-
дал гьасдаса кколеб мухь дие бахъун кьеян гьарула дица
дуда, – ян.
Гъов Малла Насрудинида зар кьабурав чи диванбегил
гьудул вукIанила, гьединлъидал диванбегие бокьанила
гъов хвасар гьавизе. Гьес абунила цохIо нухалда кьабураб
заруда тIасалъугьун тезе бегьуларищан. Малла Насрудин
разилъичIила. Гьебмехалъ диванбегица абунила:
– Гьедин батани, гьасдасан дуе цо гIабаси гIарац ккола,
– ян.
Гъов чияс жиндихъ гIарац гьечIин, гьеб босизе, рокъове
виччаян абунила.
Диванбегицаги гьев рокъове виччанила ва тIокIав гьа-
нивеги вачIунгеян абураб жо бичIчIизабунила.

ГIарац босизе арав чи вачIинегIан Малла Насрудин ба-
лагьанила цо сагIаталъ, кIиго сагIаталъ. Ахиралдаги
гьесда бичIчIанила дов чи гьениве тIадвуссун тIокIав вачIу-
наревлъи. Диванбегица жиндие гьабураб жоги бичIчIун,
Малла Насрудиница гьесда гьикъанила:
– БетIерчIахъаяв диванбег, къануналда рекъон, магIар —
зукъалазулъ зар кьабурав чиясдаса цо гIабасийищха кко-
леб? – ан.
– У, – ян жаваб кьунила диванбегица.
ЛъикIго сверизеги гьабун, диванбегил магIарзукъала-
зулъ зар щвезабунила Малла Насрудиница ва цинги гьесда
абунила:
– Дов, гIабаси босизе рокъове арав чи вачIинегIан гьа-
нив чIезе дир заман гьечIо. Дов вачIараб мехалда, доб дие
кколеб гIабаси дуего босе, – ян.