Социалиял гьиназдасан гьабураб даран Социалиял гьиназдасан тIибитIизабураб рекламаялъул хIасилалда, республикаялдаги гьеб тун къватIибехунги гIемерисезда рагIана Гъизилюрт районалъул Миякьоса Салмановал ХIажимухIамадицаги гьесул вас Камалицаги жидецаго гIезабураб микьир бичиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гIезегIан гIадамал щвана гьенире, гьездаго гьоркьов дунги. Гьезул буго 2 гектаралда гIезабураб ах. Гьениб бижулеб буго 30 тайпа цIолбол, 6 тайпа мокьрол, 3 тайпа...

