«ХIикматазул хурив» КIососа игит

Дагьал церегIан къоязда, «Поле чудес» передачаялда гIахьаллъизе вачIун вукIана Исрапил МухIамадов. ТIолабго магIарул халкъалъе саламги кьуна гьес федералияб каналалдасан.

 

Исрапил ккола ЛъаратIа районалдаса. Гьев хIалтIулев вуго НТВ-телеканалалда мухбирлъун.
Нижер пикру ккана Исрапилилгун «Поле чудесалда» гьабураб гIахьаллъиялъулги, хIалтIи-пишаялъулги бицун гара-чIвари гьабизе.

 

— Дун ккола КIособ росулъа. Росдал школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Ольга Сибир- киналъул «Останкино-тв» киноялъулгун телевидениялъул школалде. ТIаса бищана теле- радио журналистасул махщел. ЛъагIалица гьенивги цIалун, хIалтIулаб хIалбихьи дие щвана «Ру-тв» абураб музыкалияб каналалда ва гьединго «Звезда» телеканалалда. Жакъа дун хIалтIулев вуго «НТВ» телеканалалъул мухбирлъун. Цадахъго заочно цIалулев вуго Грибоедовасул цIаралда бугеб Москваялъул университеталъул журналистикаялъул факультеталда.

 

 

Журналистасул пиша тIаса бищизе сунца гьесизавурав?

 

— Нижер тухумалда цониги журналист вукIинчIо, гIемерисел учительзаби руго. Дие гьитIинаб мехалда бокьулаан батIи-батIиял передачабазухъ балагьизе. Бищунго рекIее гIолаан «Карусе- лалда» бихьизабулеб «Большие буквы» передача. Передача бачунев телеведущияс гьабулебщи- налда хадуб халккун вукIунаан. Бокьулаан гIадамазулгун гара-чIвариял гьаризе, видеороликал рахъизе. Школалда цIалулеб ме- халъго киназго абулаан гьалейила, нилъер Малахов вачIунев вугилан. Гьеб мехалъги тIубанго гъира ккана дир гьеб пишаялъул хIалбихьизе. Гьединлъидал ичIабилеб классалда цIалулеб мехалъго хIукму гьабуна журналистлъун вахъине.

 

— Якубовичасухъе, «Поле чудесалде» кин нуж ккарал?

 

— Гъоркьиса ракIалдаго гьечIого дун ахIана, гьенире рачIарал гьалбал дандчIвалев, нухарегIулев администратор хIисабалда. Дун валагьун вукIана гьеб передача бахъулеб куцалъухъ. Гьеб мехалъ диеги бокьилин гьенив гIахьаллъизеян ккана. Цеего гьений гIахьаллъарай цо ясалда бицана дица гьедин. Гьелъ цIех-рехги гьабун, гьенир гIахьаллъизе гIарза битIана. Заман индал, дихъе гьеб передачаялъул редактор Светланаца хъван бачIана дурго баянал ритIеян. 

Хадубги хъван бачIана гьелъ, мун гьениве игрок хIисабалда ворчIанилан. Гьеб лахIзаталъ дир рохалие гIорхъи букIинчIо. БитIун бицани, дида гьениве ворчIи цIакъго захIматаб жолъун бихьун букIана. Хадубго цун бачIана Якубовичасул гъулбас бугеб ахIункагъатги. 18 декабралда рукIана съемкаби. Дида цадахъ рукIана эбелги яцги. Эбел тIоцее щолей йикIана Москваялде. Яцалъ миллияб кьурдиги хIадурун букIана.
Гьениб букIараб ахIвал- хIалалъул бицун хIал кIвеларо. Журналист хIисабалда, дун паналъун хутIун вукIана гьезул къокъа хIалтIулеб куцалъухъ балагьун. Передачаялда цебе киналго гIахьалчагIазулгун гьитIинабго данделъи тIобитIана Якубовичас. Гьес абуна, нуж киназулго унго-унгояб байрамалда ругеб хIисаб букIине кколин. Хадубго цун гьикъана, кинаб мурадалда нуж гьанире рачIаралин. Дица абуна, гьитIинаб мехалъ кIудияб анищ букIанин гьаниве вачIинеян. Дагъистаналдаса вугин абидал, гьес гьикъана Ра- сул ХIамзатовасул рукъ цIунун хутIун бугищилан. Жиндир божарав гьудул вукIанин гьевинги абуна Якубовичас.

 

БитIун бицани, дун хIаялда вугев гIадинго вукIинчIо. Финалалде ворчIиялъул ургъелго букIинчIо. Гьениб букIараб унго-унгояб байрамалъул ахIвал-хIалалдаса лазат босулев вукIана дун. Эбелалъеги яцалъеги цIакъго рекIее гIуна. ЦIияб соналде унго-унгояб сайигъат гьа- бунин дуцайилан абуна эбелалъ. Гьениб кьураб рагIиялъул лъабго хIарп лъана дида.

 

РакIалда буго хадубккунги гьединал передачабазда гIахьаллъизе. Бокьун буго Андрей Малаховас бачунеб передачаялде инеги.

 

Дурго цониги проект ялъуни передача гIуцIизе ракIалда гьечIищ?

 

— Дир анищ букIана Якубовичасул бакIалда гьеб передача бачине. Гьеб къоялъ гьес дие дагьалго минутаз гьединаб ресги кьуна, живго дир бакIалдеги ун. Дир буго дирго ютуб-канал. Гьениб дица дирго росдал, гIумруялъул, дунго щварал бакIазул хIакъалъулъ бицуна. РакIалда буго гьеб блог цебетIезабиялда тIад хIалтIизеги.

 

 

Исрапил, абулеб рагIана мун къанагIат гурони магIарул мацIалда кIалъаларин. Гьелъ гIурус акцент хисизабулеб бугин.

 

— Гьеб битIараб буго. Дида лъим гIадин лъала рахьдал мацI. Дун «Останкиноялъул» школалде вачIиндал, гьез абуна, дуда Москваялда телевидениялда хIалтIизе ракIалда батани, мун Москваялъул «говоралде» ругьунлъизе кколин. Дида нижер нухмалъулес абуна, акцент сабаблъун, бицунеб жо тIубанго бичIчIулеб гьечIин. Дирго пикругицин гIурус мацIалда за- гьир гьабизе захIмат букIана 17 соналъ магIарул мацI гурого бицинчIев дие.

 

Амма, цохIо мацI бицинчIого теялда бараб жоги букIунаро гьеб. ТIад хIалтIизе ккола литературияб гIурус мацI гъваридго лъазабиялда. ГIемерал классиказул асарал цIалана. Дие тIадкъай кьолаан гIурус мацIалда нухдасан унаго бихьанщинаб жоялъул хIакъалъулъ бицине. Нижер букIана «Техника речи» абураб дарс. Гьениб нижеда малъулаан щибаб рагIи абизе кколеб куц. Цо гьоркьоб заманалъ бащдаб лъагIалица Дагъистаналде тIадвуссун вачIарав дир каламалъулъе добго акцент тIадбуссун бачIине лъугьана. Гьанжейин абуни, хIаракат бахъула хIалкIванагIан гIурус мацIалда кIалъазе.

 

Жакъа Дагъистаналда журналистасул пиша тIаса бищулел гIолилал гIемер гьечIо. ГIемерисез тIаса бищулеб буго СММ. Гьенир кепкал цIикIкIун щолеллъидалха. Москваялда кинаб ахIвал-хIал бугеб гьелда хурхун?

 

— Цо нухалъ дун щун вукIана ДГУялъул журналистикаялъул факультеталда цIалулел ругел студентазухъе. Гьез абуна, рес бугелдаса нахъе Москваялде ани лъикI бугилан. Щайгурелъул, Дагъистаналда гьеб пишаялъулъ церетIезе ресал дагьал руго. Дун кIиго-лъабго моцIалъ РГВКялда практикаялъ вукIана. Гьениб кIиго-лъабго батIияб жанралъул гурони передачаби рахъулел рукIинчIо. ГIицIго информациялъулаб жанралда чIезе бокьун букIарабани, дун Москваялде инчIого, Дагъистаналдаго чIелаан. Амма дие бокьун букIана, батIи-батIиял жанразда хIалбихьизе, проектазда гIахьаллъизе. Харж-мухьги гьаниб, гьайгьай, ниж разияб щола. Амма хIамул гIадин хIалтIизеги кколаха.