Шамилил хIакъикъат рагӀа-ракьанде щун рагьун гьечӀо жеги

Ункъабилеб февралалда, Шамил имам накълулъараб къоялда, «Алифба» абураб басмаханаялда тӀобитӀана МухӀамаднаби Ибрагьимовасул «Имам Шамил: биографиялъул гьурмал ва гьеб хисизабизе къеркьолел хӀаракатчагӀазе бадибчӀвай» (Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток ее фальсификации) абураб тӀехьалъул презентация. Гьелда гӀахьаллъана тарихиял гӀелмабазул доктор, профессор ХӀажимурад Доногъо, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул нухмалъулев АхӀмад МуртазагӀалиев, Дагъистаналъул халкъияв шагӀир МухӀамад ХӀамзаев. Тадбир нухда бачана АхӀмад МуртазагӀалиевас.

 

 

Хъвадарухъабилъун рахъарал математикал

 

 

Данделъи рагьулаго, А. МуртазагӀалиевас къокъаб баян кьуна тӀехьалъул авторасул хӀакъалъулъ. «Дида лъала машгьурав литературоведлъунги, хъвадарухъанлъунги, публицистлъунги вахъарав кӀиго математик: академик ХӀажи ХӀамзатовги МухӀамаднаби Ибрагьимовги. Пагьму-гьунарги адабияталдегун тарихалде рокьиги букӀиналъ тӀамуна гьел жидее щвараб лъаялдаса батӀияб пишаялде машгъуллъизе.

МухӀамаднаби Ибрагьимовас кутакалда лъикӀ хъвала магӀарулги гӀурусги мацӀазда. Гьев хӀалтӀана гӀагараб росдал школалда учительлъун, вукӀана гьелъул директорлъун ва Унсоколо районалъул администрациялъул бетӀерасул заместительлъунги. Гьесул жигараб хӀаракаталдалъун гӀуцӀун букӀана Шамилил цӀаралда бугеб маданиябгун тарихияб фонд. МухӀамаднабица магӀарул мацӀалда хъвана «Цевехъан» абураб къиса (18 гӀасруялда магӀарулаз гьарурал чабхъеназул цевехъан, Унсоколоса НурмухӀамадил хӀакъалъулъ), гӀурус мацӀалда – «Балахьуниса Муса» абураб тӀехь (Шамилил наибасул гӀумруялъул хӀакъалъулъ), АхӀулгохӀда къадаралде щварай Шамил имамасул лъади Жавгьаратилги гьелъул вас СагӀидилги хӀакъалъулъ къиса ва гь.ц.

ГӀемерал соназ МухӀамаднабица данде гьаруна гендерил шагӀирзабазул асарал. Гьес хӀалбихьана «Хьиндалазул годекӀан» абураб журнал басмаялде бахъизеги – къватӀибе бачӀана гьелъул цо чанго номер. Кутакалда ватӀан хирияв, пагьму тӀокӀав инсан, тахир бокьулев чи – гьев мустахӀикълъула нилъер адаб-хӀурматалъе.

Дагъистаналъул ва магӀарул адабияталда къанагӀатаб жанр буго тарихияб роман. Гьеб рахъалъ хӀалбихьи гьабун букӀана ХӀусен ХӀажиевас – гьес хъвалеб букӀана «ХӀамзатбег» абураб роман. Амма гьеб щвалде щвараб бугин абизе кӀоларо. МухӀамаднаби Ибрагьимовас цебе туркӀизабуна тарихияб проза. Гьесул асарал гӀемерав чиясухъе щоларо, тираж дагьаб букӀиналъ. РакӀчӀун абила: гьесул тӀахьал чарагьечӀого рахъизе ккола цоги нухалда», — ян бицана А. МуртазагӀалиевас.

ТӀехь хъваялъе гӀиллалъун М. Ибрагьимовас рехсана Шамил имамасул хӀакъалъулъ газетаздагун журналазда рахъарал макъалабазда риччарал гъалатӀалги мекъал баяналги. «Ахирал соназда, хасго Интернеталда, гӀемерлъана мекъал баяналги рехсон кьолел макъалаби. Масала, Шамилил умумул ЦӀумада районалъул Гьаквариса кколин абун. Гендерил биценазда Денгаван абулаан Шамилил инсуда, гьабсагӀатги росдал чӀахӀияз гьесде абула Денгасул Шамилилан. Гьелда бан, Денгав абураб цӀар бугеб шинаб росдал вакилас имам жидер росулъа кколин абураб «къец» бана. МагӀарул шагӀир ва хъвадарухъан ХӀусен ХӀажиевас хъвана Шамил ГьоцӀалъа вугин абун. Гьигьалъа кколин чӀана рехсараб росдал биценал данде гьарурав ИмамамухӀамад. Гьединал макъалабазе жаваб кьолаго, анцӀгониги соналъ баяналги данде гьарун, хӀадурана гьаб жакъа цебелъолеб бугеб тӀехь», — ан бицана тӀехьалъул авторас.

 

 

Гендерил бахӀарзазда гьоркьоб мустахӀикъаб бакӀалда

 

 

Шамил имамасул хӀакъалъулъ гӀемерал баянал загьирлъана ХӀажимурад Доногъол хӀаракаталдалъун. Республикаялъул ва улкаялъул гурел, къватӀисел улкабазулги архиваздаса ралагьарал баянал хӀалтӀизарула гьес Кавказалъул рагъул хӀакъалъулъ хъварал гӀелмиял хӀалтӀабазулъ. М. Ибрагьимовасул тӀехьалъе къимат кьолаго, гьадин бицана тарихиял гӀелмабазул докторас: «Гендерил росулъе щванщинахъе ракӀалде ккола сундул баракаталъдай гьаб росу гьадигӀан гьуинлъарабан абун. Гьеб росулъа вахъана дунял-гӀаламго жиндир хӀакъалъулъ бицине тӀамурав, Дагъистаналдагун Кавказалда ва Россиялдагун къватӀисел улкабазда машгьурлъарав чи. Генуса Мадинаялде щвезегӀан – гьеб гӀумрудул нух буго гӀажаибаб, инсанасул пикру хадуб гъолареб хӀикмалъиялъул сапар. ГьитӀинабго росдал вакилас жиндир кӀигъуждузда баччана гӀемераб захӀмат, хӀехьана гӀакъуба, рекӀел унти, къварилъи-пашманлъи. Гьебго заманалда гьес кидаго ритӀухълъи цӀунана жиндирго аслияб пикруялъе – шаригӀат тӀибитӀизабиялъе, дин цӀуниялъе. Гъваридго гъорлъе лъугьун гьелъул хӀисаб гьабураб мехалда гурони, тӀубанго бичӀчӀуларо гьелъул кӀодолъиги магӀнаги.

ТӀоцевесев имамги Генуса вукӀаравлъи ракӀалде щвезабидал бичӀчӀула дунялалъулго тарихалда лъалкӀ тарал машгьурал имамзабазулги церехъабазулги росу гьеб букӀин. Дица бищун кӀудияб талихӀлъун рикӀкӀуна, 1980-абилел соназда, заниги босун, колхозалъул басрияб автобусалда гендерил гӀолохъабазда цадахъ Гъарачай-Черкессиялъул Первомайское росулъеги ун, Шамил имамасул вас МухӀамад-ШапигӀил хабада гьеб эхетизаби.

Гьанжезаманалъул гендерил бахӀарзазда гьоркьоб мустахӀикъаб бакӀ ккола МухӀамаднаби Ибрагьимовас. ХӀикматаб пагьмуялъул ва кӀудияб сабуралъул чи вуго гьев. Гьунар бугев хъвадарухъан вуго гьев. Гьес абуна, тӀехьалда цӀияб жо щибго гьечӀин абун. Амма дица абила: гьеб тӀехьалда кинабго ккезабун буго жинди-жиндир бакӀалде, тӀад щивго кӀалъалареб хӀалалда. Дица гьеб цӀалана, байбихьаралдаса ахиралде щвезегӀан бер тӀаса босичӀого. Диего цо чанго цӀияб хӀужаги рагьана дица гьелдаса. Цебеккун дидаго кьучӀабин ккарал хӀужабазда шаклъизеги тӀамуна. Гьеб буго Шамил имамасул гӀумруялъул хӀакъикъат лъазе бокьарал гӀадамазе цӀакъ хӀажатаб тӀехьги кӀудияб сайгъатги.

БитӀараб бицани, рекӀеда рекӀун рукӀана Шамилил биографиялъул хӀужаби гьанирехун-дорехун цӀалел цо-цо «гӀалимзаби». МухӀамаднабица чӀванкъотӀун, щибаб хӀужаялъе лъабго-ункъо далилги рехсон, кьолел руго киналгӀаги баянал. Гьес гьедин бичӀчӀизабичӀебани, ниж, гӀалимзабицин, мекъал баянал рехсолел хутӀилаан. ЦӀакъ хӀажатаб тӀехь буго. Шамилил тарих лъазабулев щивав чиясул библиотекаялда чарагьечӀого букӀине ккола гьеб.

ГӀемераб ахӀи-хӀур букӀуна Шамил гьавураб яги хвараб къоялъул хӀурматалда гӀуцӀулел тадбирал стадионазда тӀоритӀизе кколин абун. Щайха тӀоритӀуларел? ГӀалам бакӀарараб данделъиялдаса гьаб жакъа гӀадинаб тадбиралъулго магӀна кӀудияб буго, дир пикруялда. Жакъа гьанив гӀодор чӀарасдаса гӀемер вуго вахъун чӀарав чи. Гьелъги бихьизабула Шамилил тарих лъазабизе бокьарал гӀадамал гьанире рачӀун ругеблъи», — ян.

 

 

Кагътазги рагьула имамасул сипат

 

 

МухӀамад ХӀамзаевасул хӀаракаталдалъун, дагъистаниязе рес щвана Шамил имамасул щунусгоялдаса цӀикӀкӀун кагъат цӀализе. Гьел кагътаз рагьула имамасул гӀамал-хасият, гьесул пикрияб дунял. М. Ибрагьимовасул цӀияб тӀехьалъул хӀакъалъулъ МухӀамадица абуна: «ТӀехь бахъулеб мехалда МухӀамаднабица гӀемераб жо дандбана дунгун. 152 сон ана, имамас гьаб дунял таралдаса нахъе. Гьесул хӀакъалъулъ аза-азар тӀехь хъваниги, гьесул гӀумру-гӀамал тӀубанго рагьизе къуват гӀун гьечӀо. Чанги хӀужа,лъугьа-бахъин жеги лъаларо нилъеда. Гьев кӀудияв инсан тӀубанго нилъеда жеги вичӀчӀун вахъунаро. Гьеб бихьулеб буго имамас хъваралги имамасухъеги хъварал кагътаздасан. ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӀалимзаби ШагӀбан ХӀапизовгун, МухӀамад ШехмухӀамадовгун ва Жамалудин МалламухӀамадовгун цадахъ гьабулеб буго Шамилил кагътал магӀарул мацӀалде руссинариялъе тадбир. Гьел кагътазда батулеб буго нилъеда жеги лъаларин чанги хӀужа», — ян.

Шамилил баракаталъ жакъаги дагъистаниязе кумек гьабулинги абун, гьадинаб хӀужа рехсана М. ХӀамзаевас: «Чорхол сахлъиги загӀиплъун, вахъун чӀезе кӀоларев херав имамас, Маккаялде щвараб мехалда, тӀалаб гьавун вуго Жамалуллайи абурав Маккаялъул цо имам. Гьес хъвараб кагъатги батана нижеда. «Дица, Шамил имамасул тӀадкъаялдалъун, тӀаде босулеб буго, чӀаго вугебгӀан мехалъ Дагъистаналъул хӀажизабазе мутӀалиблъи гьабизе», — ян хъван буго гьеб кагътида. ХӀежжалда тӀавап гьабиялъе квербакъулел чагӀи ккола мутӀалибал.

ГӀолохъанаб заманалдаги, Кавказалъул рагъдаги, Калугаялда вукӀагоги Шамилица дагъистаниязул тӀалаб гьабулеб букӀараблъи лъала нилъеда. Херлъун, вахъун чӀезе кӀолареб хӀалалде ккедалги, ракьцоязул ургъалида вукӀун вуго гьев. Гьеб буго цо хӀужа. Гьединал хӀужаби жеги гӀемер руго. Шамилил феномен рагӀа-ракьанде щун лъазабун бажарун гьечӀо жеги».

ТӀехьалъул хӀакъалъулъ пикраби загьир гьаруна шагӀир ТубхӀат Зургьаловалъги. «Дица цӀалана гьесул киналниги тӀахьал. Дун хӀикмалъизаюна МухӀамаднабил хъвадарухъанлъиялъул гьунаралъ. Гьес кидаго ралагьула кьучӀал, мухӀканал, чӀванкъотӀарал хӀужаби, гьединлъидал гьес хъвараб асаралда ракӀги божула.

Дунго гӀадин, Ибрагьимовасул гьунаралъ асир гьарун ратила жакъа гьанире рачӀарал гьал гӀолилалги. КӀиго-лъабго соналъ Расул ХӀамзатовасул цӀаралда бугеб библиотекаялда тӀобитӀараб тадбиралдеги рачӀун рукӀана гӀемер гӀолилал. Гьеб ккола гӀолилаз нилъер тарихалъул адаб гьаби, гьеб лъазабизе гьезулъ гъира букӀин», — ян бицана гьелъ.

 

 

ЦӀалдолезул пикраби

 

 

«Нилъер имамасул хӀакъалъулъ рекӀекълъизарулеб къимат кьолел цо-цо хӀаракатчагӀиги камуларелъул, Шамилил бицунеб мехалда, хӀисабалде босизе ккела гьев исламалъул цевехъанлъун вукӀаравлъи. Масала, гьев асирлъуде ун вукӀун ватани, кьолищ шаригӀаталъ гьедин гьабизе ихтияр? Дир пикруялда, буго гьединаб ихтияр. Щайгурелъул асхӀабзабиги асирлъуде унаан – гьединал хӀужаби нилъеда лъала. ШаргӀ тӀибитӀизабизе къеркьарав имамасул сипат рагьизе ккола шаргӀияб рахъги кьочӀое босун», — ян пикру загьир гьабуна тадбиралде вачӀарав цо гӀолилас, авторасеги тӀехьалъухъ баркалаги кьолаго.

«Дун вуго Москваялъулги цогидал регионазулги студентал-ракьцоязул ассоциациязул член. Нижее, гӀолилазе, цӀакъ хӀажат руго гӀагараб ракьалъул тарих рагьулел тӀахьал. ГӀолилаз кӀудияб адабалда къабул гьарула ва кьучӀаллъун, божизе бегьулеллъун рикӀкӀуна ХӀажимурад Доногъол тарихиял тӀахьал. Нижеца тӀадчӀун цӀалула гьесул щибаб гӀелмияб хӀалтӀиги тӀехьги. Дица гьарилаан, хадубккунги гьадинал, ай гӀагараб ракьалде рокьи куцалел, тадбирал гӀуцӀулеб мехалда гӀолилаздаги лъазабеян абун. Нижер ихтияр гьечӀо, нужер, ай Дагъистаналъул къадруял тарихчагӀазул, гӀахьаллъи гьечӀого гьединал тадбирал тӀоритӀизе. Школалда Дагъистаналъул тарих малъичӀо нижеда букӀине кколеб куцалда. Дун цӀалулеб заманалда малъичӀо школалда рахьдал мацӀ, Дагъистаналъул гӀадаталгун маданият. Гьел дарсал рукӀунаан бищун ахиралда ва гӀемерисеб мехалда ниж рокъоре риччалааан яги нижго лъутулаан. Гьединлъидал бокьун буго, нижго тӀадчӀун хадурги лъугьун, гьанжегӀаги гьеб лъазабизе. Гьанжесел цӀалдохъабаздеги хитӀаб гьабизе: хӀаракат гьабе нилъерго тарих, рахьдал мацӀал ва адабият лъазабизе», — ян бицана ДГПУялъул студент СагӀидбег ГӀусмановас.

«Баркала гьадинаб лъикӀаб тадбиралъухъ, халкъалъул цевехъанасул хӀакъалъулъ нижее, гӀолилазе, бицаралъухъ! Дица цӀалана МухӀамад ХӀамзаевасулги ХӀажимурад Доногъолги тӀахьал. Жакъаги нижеда гӀемер цӀияб жо лъана. ХӀакъикъаталдаги, цо макъалаялда дица цӀалун букӀана Шамил гуржиязул пачаясул тухумалъул чи вугин абун», — ян абуна ралел бакӀазул инженер Тимурица.

 

Сурат босана гьаниса — https://t.me/CaucasianGazavat