РухIиялде цIайи цIикIкIунеб буго

 
РакIалдаго гьечIого ккана дун Гъуниб районалда «Аманат» медиахолдингалъ тIобитIараб нашидазул сордоялде. Гъунисаги цогидал росабалъаги нашидазухъ гIенеккизе рачIарал гьалбадерица занкIан цIун букIана культураялъул кIалгIаялъул зал. Гьеб тадбиралда ятана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат Абакароваги.
 
 
 
— ПатIимат, бокьилаан гIагараб заманалда жаниб нужер идараялъ гьабураб ва гьабизе ракIалда бугеб хIалтIул бицани.
 
 
— Культураялъул хIалтIухъабазда церечIарал масъалаби цIакъго гIемер руго. Гьел ккола лъималазе, гIолилазе ва чIахIиязе гьарулел тадбирал, дандчIваял. Масала, ноябрь 
моцIалъул ахиралда нижеца тIобитIана, школлъималги, гIолилалги, бахIарчиял улбулги гIахьал гьарун, Эбелалъул къоялда хурхараб тадбир. 32 гIолохъанчи ана дагьалъ цеве 
мобилизациялъ. Гьелдаса цебеги 79 контрактникасги гIахьаллъи гьабулеб букIана хасаб рагъулаб операциялда. Хас гьабун гьезул улбузе сайгъат гьабун букIанин абизе бегьула гьеб тадбир. Гьединго тIобитIана дунялалдаго машгьурав художник Мусаясул Халилбег гьавуралдаса 125 тIубаялъул хIурматалда мажлис.
 
 
Дагьалъ цере нижехъе рачIун рукIана Лак театралъул артистал. Р. ХIамзатовасул асаразул кьучIалда лъураб гьезул церерахъин гъунисез цIакъ къабулги гьабуна. Зама-заманалдасан Авар театралъул коллективги бачIуна гьоболлъухъе.
 
 
 
— Нужеца тIоритIулел тадбиразулъ гIолохъанаб гIелалъ гIахьаллъи гьабулищ?
 
 
 
— Киса-кибго гIадин, нижер гьанибги цебе гIадаб жигараб гIахьаллъи гIолилазул гьечIо. Амма гъираги бугел, кумекги гьабулел камуларо. Абизе бегьула, район бугин  Дагъистаналда туризмалъул тахшагьар гIадаб бакIин. ГIицIго нижер гIуцIиялъ гьабураб хIисаб-суалалда рекъон, исана районалде вачIун вуго гIага-шагарго 16255 турист. Гьезие нижеца тIоритIула экскурсиял, халкъиял махщалилазул мастерклассал рихьизарула.
 
 
— Гъуниб районалда тIатана гIемерал гьунарал: ГIанхил Марин, Элдарилав, Халилбег, Муи, Мазалова, ГIалихъараев, Къурачев ва цогидалги. Гьезул нухдасан ине бокьарал, творческияб нух тIаса бищулел гIолилалго гьечIищ?
 
 
— Масала, дагьаб цебегIан Башир Чимиловасе кьуна «ДРялъул мустахIикъав артист» абураб цIар. Гьебго цIар щвана МохIоб росулъа машгьурай кочIохъан Эльмира Аминовалъеги. КечI-бакъаналъе гьунар бугел гIолилал гIезегIан руго. Амма гIемерисел улбуз гьезие гьеб махщел тIаса бищизе изну кьолеб гьечIо. Гьезулгунги нижеца кIалъа-басаял гьарула. Районалда жакъа гьечIо искусствоялъул школа. Цебе букIараб къана. Районалъул нухмалъулев М. Къадировас рагIи кьун буго гьединаб школа рагьизе. Гьеб гьечIолъиялъ, букIине кколеб куцалда гьунар бугел гIолилалгун хIалтIизе рес кколеб гьечIо.ТIоцебесеб июналда, районалдасаго лъималги ракIарун, нижеца тIобитIула «Гьунарал 

тIатинари» абураб тадбир. Ахирисеб гьеб тадбиралда нижеда халлъана анкьгьунаралин абизе бегьулел школлъимал. Гьезие сайгъаталги кьуна.
 
 
— Гьаб нашидазул сордоялда гIахьаллъизе гIемерав чи вачIун вуго. Масала, спектаклял, концертал кин къабул гьарулел жакъа халкъалъ?
 
 
 
— Дица абиларо, нижер халкъалъе концерт-театр бокьуларин. Амма къаси гIадин зал цIураб тадбир гьаниб букIинчIо ахираб заманалда. Бихьулеб буго рухIияб, динияб тайпаялъул тадбирал цIикIкIун рокьулел рукIин гIадамазе. Хасго чIахIияб гIелалъе.
 
 
 
— Киназдаго лъала, гъунисезулгун Расул ХIамзатовасул щулияб гьудуллъи букIараблъи. Гьев гьавуралдаса 100 сонилаб юбилеялде кинал тадбирал тIоритIизе ругел?
 
 
— Расулица жиндирго кочIолъ гIемер реццана Гъунибги гъуниселги. «ХъахIал къункърабазе» тIоцебесеб памятник нилъер республикаялда тIоцебе Гъуниб бана 1986 соналъ. Москваялдаса вачIарав Я. Франкелица хъвалеб роялалда гъоркь «Къункърабазул» кечI ахIулеб лахIзат жакъа гIадин ракIалда буго дида. 2022 соналъ 37-абилеб нухалъ тIобитIана нижеца «ХъахIал къункърабазул» байрам.
 
 
ГIемерал батIи-батIиял тадбирал тIоритIизе ракIалда буго. Масала, литературиял вечерал, бахIсал, кучIдул ахIиялъул ва пасихIго цIалиялъул, гьесул творчествоялда хурхун баянал ракIариялъул къецал.
 
 
ГьабсагIаталда «ХъахIал къункърабазе» бараб памятник бугеб бакIалда унеб буго капиталияб ремонт.