Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялда бан, гIемерал батIи-батIиял тадбирал гьаруна «АхIулгохI» абулеб жамгIияб идараялъ. Масала, гьезул цояб ккола чот1ахъаби Шамилил сухъмахъалккун ин. Гьедин, гъоркьисалаги ана гьел АхIулгохIдасан Даргъоялде щвезег1ан. Г1иц1го гьел сухъмахъаздасан ин гуребги, гьезул мурад бук1ана тарихиял ц1и-ц1иял хIужаби лъазари, зияратазде щвей, бак1-бак1алъул гIадамалгун дандчIвай. Гьеб сапаралъул хIасилги гьабун, исанасеб къокъаялде...

