Авар театралда «АхIулгохI»

1969 соналъул багIарараб риидалил сордо. Авар театралъул бицинегIан кIудияб гьечIеб сцена. Гьеб август моцIалъул сардаз сверун букIана 130 соналъ цебе букIараб гIешдерил Щулалъул гохIалде.
Лъукъ­-лъукъарал, ракъуца хварал ва къечалъ рухIарал гIисинал лъималги каранде къан, руччабаз, гъазаваталда накълулъарал шагьидзабазул жаназабазде тIадеги къулун, бихъ­бихъараб ратIлилъ, бидаги рецIцIулаго муридзабаз бачунеб букIана зикру. ГIажаибго борхатаб ва кьварараб букIиналъищали, Шамилил гьаракь батIа бахъизе лъалеб букIана зикру бачунезда гъорлъан.                                       

Залалъул сценаялда чIаго гьабураб, ракI гъанцIулеб АхIулгохIил суратги, рес къотIарав имамас гъоркьлъалие кьолев вас Жамалудинги, гьесда хадуй инагьдулей, бадиб магIу бакъварай, гьаракь къурай эбелги, тушманасухъе щвечIого букIине цIакъго жиндие хирияб, щибго гIайиб гьечIеб, чIурканаб, киназего бокьулеб чу чIвазе витIулев СалихIги, чорхол хIал загIиплъарал, амма къохIехьеялъул гIурхъи гьечIел шагьидзабаз бачунеб «Лаиллагь илаллагьги». Гьеб бихьарал театралъухъ балагьизе рачIарал магIарулазда магIу кквезе кIолеб букIинчIо.
Байбихьуда бихьиназ квербацIцIаз, руччабаз кIазил гIинщаз бацIцIунеб букIана магIу, магIу бацIцIун гьеб хутIичIо, гIодун ругьунлъичIел бихьиназул цо кинабалиго, къватIиб загьираб хъумхъуди рагIулеб букIана руччабазул магIил гьаркьида гъорлъан.
Школазда риидалил каникулазул заманги букIун, АхIул- гохIил хабар рагIарав гIемерав чи вакIарана Авар театралде. Гьел киналго гIащикълъун рукIана Шамилихъги ралагьизе, АхIулгохIги бихьизе, бачунеб зикруялъухъги гIенеккизе.
РукIинарелги кинха, чи хваралъуб кверал цере кквезе коммунистал хIинкъараб, мавлидал ахIизе гьукъараб, цIалудаса эркенаб заманалда, Къуръан гIисинал лъималазда малъунин абун, хабалъе бох бортарал кIудадаби туснахъ гьарун жанир тIамулеб, рамазан моцIалъ цIалдохъабазда мугIалимзабаз, дарс байбихьилалде, лъимги гьекъезе кьун кIал биччазабулеб, ригьин-цIа гIолохъабаз комсомолазул вечерги гьабун тIобитIулеб, мегеж тезе беццичIеб, гьекъо- леб жа бочкабаз бичулеб, дунялалдаго кIудияб улкаялда инсанасул эмен маймалак бугин школазда малъулеб, Аллагь гьечIин чIезабураб заманалда. МагIарулазул театралда АхIулгохI лъей букIана Шамил имамас цIидасан гъазават лъазаби гIадаб, Дагъистаналъул тарихалда жаниб гуребги, театралияб исскуствоялда жанибги божизе захIматаб лъугьа-бахъин.
Анлъго нухалъ бихьизабуна Авар театралда «АхIулгохI» пьеса, амма анкьабилеб нухалъ гьеб гьукъана, ва жакъа къоялде щвезегIан тIокIаб бихьизеги гьабичIо.
Дагъистаналъул хIукумат хIинкъана «АхIулгохIалъ» магIарулазе гьабураб асаралдаса.
РачIаха лъаларезда лъазе букIинеги, лъалезда ракIалде щвезабизеги лъица ва кин «АхIулгохI» пьеса театралда лъурабали. Гьеб хъвана краевед Булач ХIажиевас гIурус мацIалда.
«АхIулгохI» магIарул мацIалде буссинабуна машгьурав хъвадарухъан МухIамад Сули- мановас.
ШамилимамасулрольхIана ЧIохъа ГIарипула Махаевас. ГIурус солдатазул роль хIазе, унеб харжалъухъ балагьичIого, вачана шагьаралда вукIарав 60 солдат, щивасе цо-цо къоялъ 3 гъурущги кьун. Гьеб букIана кIудияб харж, щивасе хас гьабун букъараб хасаб ретIел малъичIого.
Театралъул сцена АхIулгохIалъул мажгиталде сверизабун релълъинабун букIана декора- циялда тIад хIалтIарав художник, гIурусав Давыд Давыдовас.
Халатаб зикруялъеги цоги хутIаралъеги бакъан хъван букIана цIар рагIарав Дагъистаналъул композитор Ширвани Чалаевас. Гьеб куцалда бачунеб «Лаиллагьа илаллагь» рагIарав бусурбанчиясе гьелъ кIудияб асар гьабулаан, амма гьабсагIаталдаги гьеб зикру кибниги къватIибе кьун гьечIо, бегьилаан гьединаб рес бугес жакъасеб гIелалда рагIизеги, кIудияб гIелалда ракIалде щвезеги къватIибе кьуни, интернеталъул ресалдаса мунпагIатги босун.

Жидедего гIайиб гIунтIизабиялда хIинкъараб КПССалъул Обкомалъ (обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIана М-С. ГIумаханов) гьеб лъугьа-бахъиналъул ахиралда цо кьарияб тIанкIги лъуна, «АхIулгохIалъ» магIарулазе гьабураб асар гIодоцинабизе.
ЩугогIан сагIаталъ халат бахъараб партиялъул бюроялда «АхIулгохI» пьеса рикIкIана тушманаблъун, чIегIераблъун, гIорхъолъа ун заралияблъун…
Гьелдаги иш лъугIичIо — Шамил рикIкIана пачаясул зулмуялдаса ватIан цIунун гурев, гIурус халкъалде данде вагъулев вукIарав имамлъун ва музеялда рукIаралщинал Шамил имамасулги муридзабазулги сураталцин нахъе рахъана ва рахчана.
Ватана, тIатана гьеб киналъего гIайибиявги Дагъистаналъул культураялъул министр, коммунист, цо чанго соналъ цеве КПССалъул об- комалъул вукIарав секретарь, Хунзахъ районалъул Сивухъа МухIамадов Дибир.
ХIасилул калам, партиялъул судалъул хIукмуялдалъун, эркен гьавуна Дибир ми- нистрасул хъулухъалдасаги ва зулмуялдалъун бахъана магIарулазухъа кIиабилеб нухалъги «АхIулгохI».
Амма гьелдалъун лъугIичIо Дагъистанги Россияги бокьулев, баракатги чорхолъ загьирго камилав, хIалихьалъиялда цебе бетIер къуличIев, къвакIарав магIаруласул гIумрудул нух…
Гьанже киназдаго лъала АхIулгохIалъул, дагъистаниязул ва чачаназул гьитIинаб хIежлъун лъугьараб гIешдерил Щулалъул гохIалъул къиса. КъанагIатги жинда релълъараб цоги мисал гьечIеб бахIарчилъи магIарулаз бихьизабураб гьеб тIабигIияб хъала лъабго моцIалъ цIунана магIарулаз Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь тIаса рищарал аскаразул гьужумаздаса.
МагIарул театралъул коллектив хIаталдаса ун чIухIараб ва гьезул щивас гIорхъи гьечIеб ро- халидалъун ракIалдещвезабулеб лъугьа-бахъинлъун букIана АхIулгохIалъул ракIалдещвей цIилъизабизе, тIоцебе хIалбихьи гьабизе щвеялдаса.
Гьелъ магIарул искусствоялъул тарихалда тана кIочонареб лъалкI.