Новость на родном

«Би бакъваларо, налъи холаро»

Бидул къисас ккола умумуз наслабаз наслабахъе кьолеб букIараб некIсияб гIадат. Гьеб баккиялъе гIиллаги букIана хасаб пачалихъ, хIукумат гьечIолъи яги законал хIалтIуларого рукIин. Тухумазулаб къавмазул заманалда гIадатал хIалтIулаан, жакъа законал гIадин. Гьелъ квербакъулаан жалго тухумал цIуниялъе, яхI-намусги, къадруги, низамги гIадлуялда чIезабиялъе. Советияб улкаялъул тIоцересел соназдаги жамгIияб гIумруялда жаниб бидул къисасалъ саламатаб бакI кколаан. Дагъистаналъул цо-цо бакIазда...

Новость на родном

МустIафа Дагъистанли — къей лъачIев гугарухъан

1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цIар рагIарав турказул гугарухъан, магIарул мугьажирзабазул вакил  МустIафа Дагъистанли. Гьесул кӀудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. МустIафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен МухIамад. Гьев вукIун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магIарда букIараб цо хIоринивеги ккун,...

Новость на родном

Халкъалъе тараб къиматаб ирс

Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, халкъал цолъиялъул лъагIеллъун лъазабураб 2026 сон Дагъистаналда Шамил имамасул гIумруялда, тарихалда бугеб гьесул кIваралъул хIакъалъулъ бицунел, гьеб бихьизабулел тадбираздалъун байбихьи лъикIаб гIаламат бугин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул Дагъистан цолъизабулеб гьесул къисматалъул бахIарчияб мисал буго гIелаз гIелазухъе кьун бачIунеб. Р. ХIамзатовас абухъе, нилъер республикаялъул гIемерисеб тарих хъван буго хвалчабазгун хунжруз....

Новость на родном

Дур гьитIинаб зани заназул рохьоб…

Исана 155 сон тIубала имам Шамил Аллагьасул къадаралде щваралдаса. ГIемераб жо лъугьана гьелдаса нахъе, чанги балагьалги талихIалги къоял хIехьезеги рорхизеги ккана Дагъистаналъги магIарулазги. Гьезда гьоркьор рукIана имам веццаралги гьесде гъегъ баралги къоял. Амма сундухъго балагьичIого, кигIан мех баниги, кIочон течIо халкъалда Шамилги гьесул бахIарчияб тарихги, свинчIо гьев багьадурасдехун халкъалъул рокьиги хIурматги. МагIарулазул гьеб хIалги пикруги...

Новость на родном

МагIарул академия

Дагьалъ цебегIан Хунзахъ районалда тIобитIана ХIариколо росдал школалъ 100 сон тIубаялъулаб юбилей. 2024 соналъго тIобитIизе кколеб букIараб гьеб байрам нахъбахъизе ккун букIана сверухълъи, нухал къачIаялъул хIалтIаби росулъ унел рукIиналда бан. ПалхIасил, байрамкъоялъ баркиялъулаб кIалъай гьабулаго, районалъул лъай кьеялъул нухмалъулей ПатIимат ХIамзатовалъ бицана цIалулъгун жамгIияб гIумруялъулъ школалъ ва коллективалъ гьабулеб жигараб гIахьаллъиялъул, цIалана районалъул нухмалъулев НурмухIамад...

Новость на родном

РухIияб ирсалъул хазина

Гьал къоязда, гIуцIаралдаса нусго сон тIубаялъул юбилей гIатIидго кIодо гьабуна Северияб Кавказалда бищун кIудияблъун рикIкIунеб Дагъистан Республикаялъул ГIали­бег Тахо-Годил цIаралда бугеб миллияб музеялъ. Гьеб тадбир тIобитIараб куцалъул, музеялъул тарихалъул ва хIал­тIул бицун нижеца гара-чIвари гьа­буна музеялъул генералияв директор МухIамадов Пахрудин ГIумаро­ви­ча­сул­гун. — Пахрудин, байбихьилин тарихалдаса. Музей кида гIуцIараб, лъил хIаракаталдалъун ва киб? — Музеялъул тарих...

Новость на родном

«НекIони, дудаса гьел хIинкъун рукIун ратила. Гьанже щайзе хIинкъулеб гьаб Госкино, гьаб Мосфильм?»

Араб гIасруялъул 60 абилел соназ машгьурав режиссер Георгий Данелияца («Мимино», «Афоня», «Кин-дза-дза!») бахъизехъин букIун буго гIурус пачаясда рихарав наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ драма. – ЦIакъ лъикIаб сценарий букIана Георгий Николаевичасул, — илан ракIалде щвезабулаан ХIажимурадил роль хIазе жиндир анищ букIарав машгьурав Вахтанг Кикабидзеца. – РакIчIун абизе кIола – дица гьениб роль хIазе букIана, амма кинабали лъалароан....

Новость на родном

Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

Ахъбердил МухIамад  (1803-1843) Гьавуралдаса  220 сон Шамил-имамасул тIоцевесев мудир, маг1арул бахIарчияв бодул цевехъан. Цеве вукIарав кIиявго имам ГъазимухIамадидаги ХIамзатбегидаги цадахъ къеркьарав гьалмагъ вукIана гьев. Шамил-имам чIаго вукIагоги, гьев хисизе вугев чийилан абулаан гьесда. Щайгурелъул гьев рикIкIунаан имамасул кваранаб кверлъун ва Имаматалда Шамилидаса хадув кIиабилев чилъун. МагIарулаз гьесда абулаан Ахъбердил МухIамадин, яги Ахъбердилавилан. Гьесие щвана лъикIаб...

Новость на родном

Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

ГьаракIуниса СагIид  (1763-1834) Гьавуралдаса 260 сон Г1алимчи, сиясатияв хIаракатчи, шигIир ва педагог. СагIид вукIана гъваридаб лъаялъул инсан. Гьесда лъалаан гIараб, парс, турк мацIал. Гьесухъ цIалулел рукIана лъабавго имам — ГъазимухIамад, ХIамзат-бег ва Шамил; гIалимзаби — Ярагъиса МухIамад, Игьалиса СагIид, Къарахъа МухIамадтIагьир, Гьолокьа Даитбег, Хъваршиса Загъалав, Эндиреялдаса Ташав ХIажи, Хунзахъа НурмухIамад, Яхсаялдаса Юсуп, Ахтиялдаса МирзагIали, Гъазданущиса...

Новость на родном

«ПатIимат ТахIнаева: Шамилица жинцаго хъвана жив асир кколилан»

7 июналда МахIачхъалаялда Профсоюзалъул минаялъул зал занкIун цIун букIана тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъухъ гIенеккизе рачIарал чагIаз.   Гьелъ бицана лъабавго имамасул заманалда Дагъистаналда букIараб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалалъул. Гьелде щвезегIан чанго моцIалъ цебеккун батIи-батIиял харбал тIиритIизарулел рукIана тарихчIужуялъул рахъалъ. Масала, гьелъ имам Шамил какун вугила, гьев гIурусаз унголъунги асир гьавун вукIанилан чIун йигин гьейилан. Гьединлъидал лекциялъухъ гIенеккизе...