Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагIаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гIемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хIакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кIудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцIинабизеги кIвечIо. Цересел соназдаго гIурус мацIалда «Денгау-Магома» (ДенгавмухIамад) абун хъвараб цIаралдаса босун, араб гIасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул МухIамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тIадбуссун гIурус...

