НекIсияб мажгитги, сиялги, умумузул устарлъиги

 
Республикаялда буго 6000-ялдасаги цIикIкIун тарихияб объект. Гьезда гъорлъ руго некIсиял сиялги, рагъулал хъулбиги, басриял мажгитазул хутIелалги ва цогидабги. Къокъго абуни, 
ракI тIаде цIалел, гIемерав чиясе интерес бугел тарихиял бакIал гIезегIан руго. Гьел киназдаго сверухъ хIалтIи гьабулеб идара ккола ДРялъул Маданияб ирс цIуниялъул рахъалъ агентство. 
 
 
Гьелъул нухмалъулев МахIач Мусаевасул гIахьаллъигун, 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана пресс-конференция. 6000 тарихияб объекталда гьоркьоса 2000-яб гурони гьечIо федералияб сияхIалде босараб. Гьединго, МахIач Мусаевас абухъе, гIемерал бакIал рагIула жеги гьезул, ай агентствоялъул сияхIалде росичIелги.
Республикаялъул бечелъилъун рикIкIунел гьел бакIал рикьула лъабго тайпаялде. Гьелги ккола тарихиял назарал (памятникал), ансамблял ва цогидал. 
 
 
Умумузул щибаб кверагъари бихьулеб хIалалъ цIунизе ккола 
 
 
Жалго назаралги рикьула та­рихиял ва архитектуриял тай­пабазде. Тарихиялин абун гьез­да цIар чIваялъе гIилла ккола кинаб букIаниги тарихияб лъу­гьа­бахъиналъул нугIзаллъун 
гьел рукIин. Масала, Гъуниб районалъул Къорода росулъ бугеб некIсияб мажгит. 1832 со­налда кIиабилев имамлъун ГьоцIалъа ХIамзат вищана гьенив. Амма гьединаб кIвар бугеб тарихияб лъугьа­бахъиналъул нугIлъун кколеб гьеб мажгитал­да сверухъ, гьанже заманалъул шартIазда рекъон гьарун ругел хIалтIабаздаса рази гьечIолъи загьир гьабуна МахIач Мусаевас.
­
Гьединаб тарихияб бакIалде щведал, гIажаибаб асар гьабула. Гьениса умумузул гIетIулги би­хьинчилъиялъулги махI чIвалеб бугин ккола. 300­-400 соналъ цебего букIараб гIадаб ахIвал­-хIал гьединал бакIазда цIунизе кIвей буго жакъа бищун кIудияб масъала. РугебгIан мехалъ, ба­жарарабгIан заманалда, умумуз­го ран ратараб хIалалда гьел ба­кIал наслабазе цIунизе ккола нилъеца. Квеш ккараб жо буго гьезул кIвар кинавго чиясда бичIчIун­гутIи. Мисалалъе, цо некIсияб магIарул росулъ хутIараб, уму­музго бан букIараб некIсияб мажгиталъул ялъуни рукъалъ­ул, яги сиялъул бетIергьанлъун ватулев вуго тIоцебе гьелъие кьучI лъурав чиясул анкьаби­леб наслуялъул чи. Гьесин абуни, тарихалъеги маданияталъеги кигIан кIвар гьелъул бугебали санцин гьабичIого, жиндиего цIияб мина базе биххизабулеб буго. Жиндир умумузул бакI бугин, бокьараб гьабиларищин кIалъала. 
Гьединал гIадамалгун хIалтIи­зеги цIакъ захIмалъула. ГIолеб гIелалъе мисаллъун букIине, маданияталъул ирс хIисабалда, цIунизе хIажат бугин гьеб ба­кIилан абуни, тIоцебе кьо­
леб суал букIуна жиндие щиб гьелъ кьезе бугебин абураб. Ха­дубго цун кьола кIиабилебги суал, ай жиндие щоле­-толеб жо букIунищин абураб, -­ ан бицана М. Мусаевас.
 
 
 
Хрюг росдал мажгиталъул сиги
 
 
Бищун машгьурал бакIаллъун ругин абизе бегьула Хучниял­да бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъалаги», Гьооргун КъахIир ругел некIсиял сиял­ги. ВачIанщинав туристги уна 
гьезухъ балагьизе. Гьезул кумекалдалъун киса­кибего гьезул цIарги рагIулелъул, гьел бакIал рихьизе рачIунезул къадарги гIемерлъулелъул, гьел цIи гьарун къачIазе ракIалда бугищ агент­ствоялдаян Мусаевасда гьикъи­дал, гьес гьадинаб жаваб кьуна: 
 
-­ Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъала» жеги щулаго бугин абизе бегьула. ГIагараб заманалда хIалтIи гьабизе ккараб хIалалда гьечIо гьеб. Гьаадерил ва къехIдерил некIсиял сиязул бащдал жеги сах-­саламатго ругониги, хутIарал бащдал цIи гьарун къачIазе кко­леб хIалалда руго.  Нижеда ракIалда буго некI­сиял сиял ругел росаби музей-­за­поведникаллъун лъазаризе. Гье­дин гьабуни, пайдаги букIина. Мисалалъе, Гъамсукь росдал хутIелазухъ балагьизе къойида жанив азарго туристги вачIуна. Гьезие белтал ричулеб къагIида гьабизе щай бегьулареб? 
 
М. Мусаевас бицана лезгиязул Хрюг росулъ бугеб мажгиталъул хIакъалъулъги. 22 метр бугеб си рагIула гьелъул. Республикаялда руго умумуз рарал мажгитал. ГIага-­шагарго 
450 мажгит. Гьездаго гьоркьор руго насраниязул килисабиги. Масала, Кала-­Корейшалда буго гьединаб мажгит, Дербенталда буго. Югалъулаб Дагъистаналда гIемер руго гьединал бакIал. 
 
Дие асар гьабураб мажгит буго Генуб росулъ. 13 соналъ цеве щун вукIана гьениве. Кав­казалъул имамзабаз жаниб как­ги бараб, 250 сонги балеб маж­гит ккола гьеб. Гьениб жакъаги бессун бугин ккола дол гьал­долел къоязул бухIиги асар­ги. Нилъер умумузул чIухIиги, къвакIиги, яхIалъул борхалъиги гьелда жаниса тIагIинчIого бу­гин ккола. Гьалдаса хадубги на­слабазе, умумузго ран рукIараб къагIидаялъ, гьезулго архитек­турияб хаслъигун ва берцинлъи­гун цIунизе лъикIан гьел, -­ ин бицана МахIач Мусаевас.
 
Кала-­Корейшалъул кинал­го ресал ругин гьеб дунялалъ­улго кIвар бугеб тарихияб бакI хIисабалда ЮНЕСКОялъул сия­хIалде босизеянги абуна гьес. ГьабсагIаталда гьеб сияхIалда 
буго гIицIго Дербенталъул На­рын-­Хъала.
 
Сурат босана гьаб сайталдаса —