Дагъистаналъул полиграфия – канлъи-лъаялде лъураб нух

«ТIехь лъикIаб буго гIарцудаса. Щайгурелъул гIарац дуца хьихьизе ккола, тIехьалъ мун хьихьула»

 

19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некIсияб Русалда 1564 соналда тIоцебе «Апостол» абураб тIехь къватIибе биччаялда бан.

Дагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетIеялъул тарих. Советияб заманалда рикIкIунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб хIуригат ккезегIан, басмаханаго букIинчIилан. Амма гьеб хIакъикъаталде дандекколеб пикру гуро. РукIана нилъер республикаялдаги басмаханаялде кIвар кьолел хIаракатчагIиги гьез рахъарал тIахьалги. Гьеб рухIияб нахърател, кинабго гьечIониги, батIибатIиял архивазда цIунунги буго. Абизе ккола, жакъаги жеги гIелмияб къимат кьун, тIубанго рагьун гьечIо XIX гIасруялъул байбихьудасанго Дагъистаналъул бакIалъулаб администрациялъул изнуялдалъун рагьун рукIарал басмаханабазда гIараб, гIажам мацIазда кьабурал тIахьазул къимат ва кIвар.

 

 

Дагъистаналда тIоцевесев басмачи

 

Дагъистаналда басмаханаялъе кьучI лъурав махщелчи, республикаялда миллиял мацIазда периодикияб басмаялъул гIуцIарухъанлъун вукIана Гъуниб округалъул ЧIохъ росулъа, Дагъистаналда машгьурав гIараб гIелму цIаларав МухIамадмирза Мавраев (1878-1964).

Гьесул хIаракаталдалъун XX гIасруялъул авалалда Дагъистан лъугьана Северияб Бакъбаккул Кавказалда гIараб хъвай-хъвагIаялъул тIахьал басмаялда рахъиялъул аслияб бакIлъун.

МухIамадмирзае байбихьуда лъай кьуна инсуца, цинги гьев цIалана доб заманалда машгьураб Сугъралъ мадрасаялда. Гьенив цIалулеб мехалда М. Мавраев дандчIвана Гъоркьагъазда нущиса Абусупян Акаевгун. КIиялго цадахъ цIалана гьел мадрасаялда. Гьадин абулеб буго 1925 соналда А. Акаевас хъвараб жиндирго автобио графиялда: «Дун Сугъралъ мадрасаялда цIалулеб мехалда гьенив вукIана ЧIохъа МухIамадмирза Мавраевги. Гьев дидаса гьитIинав вукIана цо сональ. Щулияб гьудуллъи ккана нижер. Гьев вукIана цIакъ жигарав ва гIезегIанго ресалда вугев чи. Гьеб кинабгоги бихьун, дица Мавраевасда лъикIаблъун бихьизабуна Дагъистаналда типография рагьизе. Гьев разилъана ва жигаралда тIаделъана гьеб иш гIумруялде бахъинабизе. Доб соналъул ахиралде ниж инженер ГIадилгерей Даитбеговасул кумекалдалъун Казаналде ана школазда лъимал цIализариялъул цIиял къагIидаби лъазаризе ва типографиялъулал станокал росизе. Гьеб букIана 1900 сон»

 

 

Басмаханаялъул алатазда хадур Бахчисараялде

Дагъистаналда типографиял гIуцIизе гъира базабурал М. Мавраев, А. Акаев, Щуланиса ИсмагIил Абакаров 1902 соналда ана Бахчисарай шагьаралде ва хIалтIизе лъугьана ИсмагIил Гаспринскиясул типографиялде. Мавраевасе бокьун букIана гьениса типографиялъулаб алат бичун босизе, амма пачаясул хIукуматалъул гьелъие изну букIинчIо. Гьединлъидал байбихьуда гьес И. Гаспринскиясул цIаралда бичун босана типографиялъул гьитIинабго станок. Амма хадуб тIахьал риччазе ккани, хIажалъулаан пачаясул хIукуматалъул бакIалъулал хIакимзабазул хасаб изну. Мавраевасул васал Анварица ва Ниязбегица жиндир заманалда кьурал баяназда рекъон, МухIамадмирзал имгIал Ризван Мавраевас, Типлисалде, Кавказалда пачаясул сардарасухъе ун, гьесул хъван кьураб изну-кагъат босун буго Темир-Хан-Шураб, Дагъистан областалъул тахшагьаралда, басмахана рагьизе.

 

 

Куйдул ричун щвараб — станоказухъ

Гьанже хIажат букIана типографиялъе цогидабги алат-къайи босизе гIарац. МухIамадмирзал гьеб букIинчIо. Кумек гьабуна ресалда ругел гIагарал гIадамаз. Гьез бичана 400 гIиялъажо ва щвараб гIарац кьуна Мавраевасе. Гьес А. Акаевасул ва цогидал гьудулзабазул кумекалдалъун Турциялдаса ричун росана литографиялъул станокал, Шураб – типографиялъе мина ва 1903 соналда байбихьана тIахьал къватIире риччай гIуцIизе.

ТIоцебесеб соналда типография заралгун хIалтIаниги, хадусел соназда гьелъ кьуна хайир, рецIана гьелда тIад гьарурал харжал, ва дагь-дагьккун Мавраев лъугьана Дагъистаналъул бищунго бечедал гIадамазул цоявлъун. Гьесул рукIана цIол бол ахал, консервазул заводал, хунжрул гьарулеб завод, лакай-тIом гьабулеб фабрика, складал, тIахьазул тукен, жиндирго хъизамалъ, гьединго типографиялъул, заводазул, фаб рикаялъул хIалтIухъабаз жаниб гIумру гьабулеб анцIгоялдаса цIикIкIун мина.

ГIага-шагарго 1905 соналда М. Мав раевас типо-литографиялда къва тIибе биччана жиндирго васият — «Мавлид манзур». Доб мехалъ Дагъистаналъул типо-литографиябазда гIараб ва бакIалъулал халкъазул мацIазда тIахьал аслияб куцалъ литографиялъулаб къагIидаялъ къватIире риччалел рукIана. Гьединлъидал тIахьазул качество ва берцинлъи бараб букIана катибазул (квералъ тIахьал хъвалезул) махщалида.

М. Мавраевас жиндирго типографиялда гьеб захIматаб хIалтIи гьабизе рачунел рукIана Дагъистаналъул бищунго лъикIал махщелчагIи. Масала, гьенир хIалтIана Дагъистаналъул гьунар тIокIал катибал НакIкIикьа НурмухIамадил вас ГIабдулатIип, Гъоркьагъазданущиса Ака ев Абусупян, Ибрагьимил вас ХIа сан, Гьамушиса МухIамадил вас Асадула, Урариялдаса МухIама дил вас ДавудхIажи, Куласа МухIа мадмирзал вас ГIиса, Щуланиса Абакарил вас ИсмагIил, Хважалмахьиялдаса ГIабдулгIазизил вас Нурислам ва цогидалги.

ГIараб мацIалда хъвараб Дагъистаналъулаб литератураялда гъорлъ машгьураб букIана, Шамилил хIара катчилъиялдалъун ва гьевги гIахьаллъун, гьесул секретарь ва магIарулаз жидерго эркенлъия лъе гIоло гIемерал соназ гьабураб ба хIарчияб къеркьеялъул гIахьалчи Къарахъа МухIамадтIагьирица 1852-1882 соназда хъвараб «Шамилил цо-цо рагъазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб хроника. Амма пачаясул хIукуматалъ гьеб асар басмаялда бахъизе гьукъана. ГIицIго совет хIукуматалъул соназда гьеб къватIибе биччана гIараб мацIалда ва, гIурус мацIалдеги буссинабун, «Лъабго имам» абураб цIаралда гьоркь.

 

 

Дагъистаналъул халкъазул мацIазда тIахьал рахъи

Дагъистаналда гIемер батIи-батIиял мацIазда кIалъалел гIадамал ру кIинги хIисабалде босун, М. Мавраевас бакIалъулал гIалимзабазул, таржамачагIазул ва катибазул кумекалдалъун гIуцIана магIарул, дарги, лъарагI, лак, адыгей, азербайжан, гIараб, балкар, кабардин, гъарачай, асатIин, чачан, гIурус мацIазда тIахьал басмаялда рахъи.

Гьединал словаразул тIоцебе себлъун букIана, «Суллам ал-лугъат» («МацIазул мали») абулеб, ункъо маДагъистаналъул полиграфия – канлъи-лъаялде лъураб нух «ТIехь лъикIаб буго гIарцудаса. Щайгурелъул гIарац дуца хьихьизе ккола, тIехьалъ мун хьихьула» 19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некIсияб Русалда 1564 соналда тIоцебе «Апостол» абураб тIехь къватIибе биччаялда бан.

Дагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетIеялъул тарих. Советияб заманалда рикIкIунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб хIуригат ккезегIан, басмаханаго букIинчIилан. Амма гьеб хIакъикъаталде дандекколеб пикру гуро. РукIана нилъер республикаялдаги басмаханаялде кIвар кьолел хIаракатчагIиги гьез рахъарал тIахьалги. Гьеб рухIияб нахърател, кинабго гьечIониги, батIибатIиял архивазда цIунунги буго. Абизе ккола, жакъаги жеги гIелмияб къимат кьун, тIубанго рагьун гьечIо XIX гIасруялъул байбихьудасанго Дагъистаналъул бакIалъулаб администрациялъул изнуялдалъун рагьун рукIарал басмаханабазда гIараб, гIажам мацIазда кьабурал тIахьазул къимат ва кIвар. 13 №14, рузман 2023 с. 14 апрель цIалъул – гIараб, лъарагI, авар, гIурус – словарь. Гьеб хIадур гьабун букIана Абусупян Акаевас, къватIибе биччана М. Мавраевас 1908 соналда. Жа мгIияталда гьелдехун хIажалъи цIикIкIиналъ МухIамадмирзаца гьеб къватIибе биччана чанго нухалъ.

М. Мавраев Дагъистаналда машгьурав вуго периодикияб басмаялъул гIуцIарухъан хIисабалдаги. 1911 соналда гьес Дагъистан областалъул начальникасда гьарана гIараб мацIалда газета къватIибе биччазе изну кьеян. Пачаясул администрациялъ изну кьуна. Газеталъе хIажат рукIана гIараб ва цогидал мацIал лъалел гIадамал. Гьединав чилъун вукIана ГIали Каяев. Кабардаялда хIалтIулев вукIарав гьевги Дагъистаналде вачун, 1912 соналъул 1 январалда къватIибе биччана «Джаридат-уль Дагъистан» газеталъул тIоцебесеб номер. Редакторлъун вукIана Бадави СагIидов, таржамачилъун – ГIали Каяев.

1917 соналъул Февралалъулаб революциялдаса хадуб Дагъистаналда гIуцIана ва къватIибе биччана чанго газета, 1918 соналъул 27 январалда «Мусават» газеталда бахъараб «Халкъалде хитIаб» абураб макъалаялда М. Мавраевас гьадин хъван буго: «Эркенлъи щун хадуб (Февралалъулаб революция бергьиндал) нилъер щивас жигар бахъулеб букIана жиндаго хIалкIвараб куцалда халкъалъе кинаб бугониги пайда гьабизе. Дицаги дидаго кIвараб куцалъ жигар бахъана нилъер халкъалъе кумек гьабизе ва гьелъие лъай щвеялъул мурадалда гIуцIана лъабго газета: авар мацIалда — «Аваристан», лъарагI мацIалда — «Мусават» ва лак мацIалда — «Чанна цIукIу» ва гьел къватIиреги риччана», — ян.

1917 соналъул 3 апрелалда МахIач ва Написат Дахадаеваз Мавраевасул типографиялда къватIибе биччазе байбихьана магIарулазул «Заман» абураб, жиндир ирсилаблъун гьанжесеб «ХIакъикъат» кколеб газетаги. М. Мавраевасул басмаханаялда 1917-1918 соназда кьабулел рукIана, тIадехун рехсарал газетал гурелги, революциялъулал тIанчалахIиял ва лъарагI мацIалда — «Ишчи халкъ» (ЗахIматалъулаб халкъ), авар мацIалда — «ХIалтIулел чагIи», лак мацIалда — «Илчи» газеталги. МухIамадмирза Мавраевас цIакъ кIудияб хIалтIи гьабуна тIахьал халкъалда гьоркьор тIиритIизариялъеги. 20-абилел соназул авалалда МахIачхъалаялда байбихьана цIияб типография базе. М. Мавраевасул бажари жинда лъалев Дагъистаналъул лъай кьеялъул халкъияв комиссар ГI. Тахо-Годица гьев тIамуна гьелъул управляющийлъун.

1929 соналда М. Мавраевас Дагъистан тезе ккана. Щайгурелъул гьесда лъана «гьудулзабаз» жинда тIасан бечелъиялъул хIакъалъулъ хъвараб гIарза газеталъул редакциялда метер къватIибе бачIине бугеб номералда лъезе хIадурун букIин. Гьев ана Бакуялде, гьенисан Узбекистаналде. КIиго сон гьенибги бан, гочана Казахстаналде. Акмолинск шагьаралде ва гьенив гIумру гьабун чIана Кутишаса ГIисаев МухIамад абураб цIаралда гъоркь. Ячана лъади, рагьана рукъалъулал тIагIелал къачIалеб мастерская ва Аллагьасул къадаралде щвана 86 сонил ригьалда, 1964 соналда. Гьев вукIана Дагъистаналда тIоцебе басмахана рагьарав чи. Жа къа нилъер республикаялда гIемерго цебетIураб полиграфия буго.

Зикрула ИЛЬЯСОВ