Бищун гIакъилаб дарс – тарихалъул дарс

(«Къеди ва къедисел» абураб тIехьалдаса)

 

Будалаазул мегIер
 
 
ЦIад гьарулеб мегIералда цоги «Будалаазул мегIер» абун цIар буго. Гьенир будалаал рукIунеблъиялде ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго. 
Дир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магIарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гIодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун, гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелде балагьулев гьав вукIаго, дов чи, цояб мачуги босун, цевеса тIагIун вуго. Жиндихъ хутIарабги босун, гьевги росулъе вачIун вуго. БагIараб кьералъул, цIакъ берцинго букъараб хьит букIанила гьеб. Росулъ гьесде рагъун руго дуца гьеб кодобе 
босизе кколеб букIинчIин, гьев будалаазул чи вукIун ватулин, гьединлъидал гьеб досухъе щвезабизе кколин. МагIардеги вахун гьес хьит доб иццда лъун буго ва лъабго къоялъ хъаравуллъи ккун чIун вуго. ВачIунев чи гьесда вихьун гьечIо, амма лъабабилеб къоялъ гьеб гьениса тIагIун батун буго.
Гьеб магIарде цIад гьаризе гIадамал иналъулги буго гьадинаб къагIида. Жалхъолеб иццда хIайванги хъун, (гIемерисеб нухалъ чIегIераб чахъу), какиеги чурун, хIатIидагIицIго рахунаанила гьелъул тIогьире. Гьениб дугIа-алхIамги гьабун, гъоркьеги рачIунаанила. Насранияб дин бугеб ва гьелдасаги цебе цIадуе лагълъи гьабулеб заманалдаги гIадамал гьеб магIарде цIад гьаризе рахунел рукIун ратилин тола дица. 1980-абилел соназ мацIазул гIалимчи Казбек МикагIилов вукIана дихъе вачIун ва ниж ЦIад гьарулеб магIарде ине къватIире рахъана. Суратал рахъулел алатал, картаби ва цогидаб къайи букIана гьес цадахъ босун. ХIухьбахъизе гIодор чIедал, гьев гIемер валагьулаан цо хъвай-хъвагIаязде, картабазде, амма щиб гьениб бугебали дида бицинчIо ва бихьизеги течIо. Кьурда нахъа, МикагIилил колодаса гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда, гьесде гIанкIиунти бачIана ва гьеб сабаблъун ниж нахъруссине ккана.
 
 
 
Къедисезул обсерватория
 
 
ГъазимухIамадил АмирхIамзаца бицаралдаса:
 
 
— ГъалбацIгIалил ШапигIил минаялъул кIиабилеб тIалаялда, дир рукъалъул хьибилалда букIараб КIушкIандилазул минаялъул Баходехун балагьараб рахъалда къадалъ букIана цо натI гIеблъиги, натI гIечIеб борхалъиги бугеб гордо. Гьеб гордухъанги балагьун, Бахо магIарда нахъа щиб бакIалдаса 
бакъ тIерхьунебали хIисабги гьабун лъазабулеб букIун буго цебе къедисез лъагIалил ригьазул гIурхъи: хасел чIей, хасел бащалъи, их чIей, рии чIей ва цогидалги гIужал. Риидал гьеб бакIалдаса балагьани, кIиго нухалъ тIерхьунеб бихьула бакъанида бакъ. Цин тIерхьун хадуб гьеб чанго минуталдасан баккула ва хадубги тIерхьуна.
 
 
 
Ханзабазул дагIба сабаблъун
 
 
Хунзахъ-Сивухъа Хъайтмазица 
бицаралдаса:
 
 
— XVIII гIасруялъул байбихьуда аваразул ханлъун вукIана хундерил нуцабазул лъабго вацасда гьоркьоса цояв – МухIамаднуцал. МухIамаднуцалил васал рукIинчIо, гьесул вац Булачнуцалил вукIана цо вас – ГIумахан, цогидав вац ТIурарасул вукIана лъабго вас – Гьанкалав, МухIамадбег ва 
Чупан (Чупалав). 1727 соналъ хан МухIамаднуцалица аваразул ханлъун лъазавуна Булачнуцалил вас ГIумахан. Гьелда рази рукIинчIо ТIурарасул васал. Гьелъие гIиллалъун гьез бачунеб букIана ункъавго вацгIаласда гьоркьоса ТIурарасул Гьанкалав бищунго гIумруялъ кIудияв вукIин ва гьединлъидал гьев мустахIикъав вукIин ханлъиялъул тахида чIезе. МухIамаднуцалица ГIумахан тIаса вищиялъе гIилла букIана гьесул рагъуе бугеб гьунар, ва гьесие гьев жиндирго вас гIадин вокьулаан. 1729 соналъ МухIамаднуцал хвана.
 
 
Гьев хун хадуб, ГIумаханил ханлъиялда дагIба бугел ТIурарасул васазул гьесдехун кьал цIикIкIана ва гIемер кватIичIого гьевги ханлъиялдаса хъуштIизавун, гьенив Гьанкалав щула гьавуна. ГIумаханица ахIи бан, гьесул рахъ кквезе Хунзахъе ракIарана бакI-бакIалдаса гIадамал: багвалал, чIамалал, тIиндал, Ункъракьалъулал ва гьездаго цадахъ Къедиса гIагарлъиги. ДагIба цо хъизамалда жаниб букIиналъ рагьун рагъ лъицаниги лъазабичIо, амма гьоркьоблъи цIакъ хIалуцун букIана.
1730 соналъ жидерго лагъзадерил балугълъарал лъимал рикьа-къотIизе абун, КIахъ данделъана лъабавго вацги жиндие кколеб бутIа босизе вачIарав ГIумаханги. Гьеб бакIалда гьезул нукарзабазда, чукъбузда гьоркьоб дагIба ккана ва гьеб ярагъ бахъараб рагъалде сверана. Гьеб рагъулъ лъукъана ГIумаханги, Гьанкалавги, МухIамадбегги. Щварал ругъназдасан ГIумахан сахлъана, амма Гьанкалавги МухIамадбегги хвана. Гьедин эркенлъараб ханасул тахиде цIидасан ГIумаханги вахана. Гьеб ханлъигун цадахъ кIиявго вацгIал хвеялъул гIайибги жиндие щварав гьес боцIи бикьун, ракьал кьун гIагарлъиялда жаниб рекъел-маслихIат гьабуна, амма вацгIал Чупаницаги Гьанкаласул вас АмирхIамзацаги гьелдаса инкар гьабуна, жидеца вацазулги инсулги би бичуларин абун. 
 
Гьеб хIалалда Хунзахъ хутIани, жеги биял гIодоре тIеялде рачине бегьулин абун, гIагарлъиялъ гьара-цIалун гьел мукIур гьаруна гьениса нахъе гочине. Гьелъие гьез тIаса бищана Къеди росу. Жидер гIагарлъиги, ракьги, сверухъ ругел халкъаздаса бакIарулеб магъалоги бугеб бакI бугин гьеб абун. Гьеб ракьалдаса бакIарараб магъалоялъул Хунзахъе бачIунеб букIараб бутIаги гьенибго гьезие тезе къотIи гьабуна.
Гьедин, 1730 соналъ жиндир кIияйго яц СунтIазадайгун ва Ханзадайгун АмирхIамзаги, цадахъ гьесул имгIал Чупанги Къедире ана ва гIумру гьабун гьенир чIана. Баянаб жо буго гьей кIияйго яц АмирхIамзацаги Чупаницаги Алдамил чагIазе гурони цоги бакIалда кьечIеблъиги. АмирхIамзацаги гьезулго гIадан ячун ятилаха. Жидеда ращадазулгун гурони ригьин гьабулареб къагIидалъидал гьел гIадамазул цебе букIараб. 
 
 
XIX гIасруялъул байбихьуда Хунзахъа Чупанил Хъарагишицаги кьун йикIун йиго Къедие яс. Гьединго Къедиса Хунзахъеги, Къедиса Сивухъеги рачу-
нел рукIун руго ясал. Гьедин ригьнал гьариялъги, гIагарлъи-гьудуллъи букIиналъги бижараб батила, Хунзахъ аби буго «Къадалъаги нах баккулеб Къеди» абун.
 
 
Тарихчи Айтберов Тимургун Къедире щведал, нижеда гьениб хабалалъ гьей Ханзадалги СунтIазадалги занал ратана. ЦIакъ гъира букIана Тимурил 
Къедиве щвезе. Тарихалда цIакъго цIар рагIараб бакI бугин, гьединлъидал гьенир гIемерал хIужаби, баянал, хъвай-хъвагIаял ратизе кколин абун цоцалъ кверал лъулъалев, яхI хун вукIана гьев. Амма гьеб жо гьениб батичIеб мехалъ хIикмалъизеги хIикмалъана. ХIисаб гьабидал, бихьулеб 
буго Къеди росдал хобал чанго нухалъ ччукIун рукIин. Гьедин тIаде бачIараб ракьалъ рахчун рукIине ккола басриял хобал. Гуребани, щаклъи гьечIеб жо буго гьенир 400-500 сон баралги занал ратизе рукIараблъи.