АхIулгохI — Даргъо: Шамилил сухъмахъккун

 
Дагьалъ цебе «АхIулгохI» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун рекIаразул къокъаялъ, Шамил имамасул нухккун, сапар гьабуна АхIулгохIдаса чачаназул Даргъоре щвезегIан. Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ рачIун рукIана гьеб къокъаялъул вакилзаби.
 
 
Тадбиралъул мурадалъул бицунаго, «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIабдулаевас гьадин абуна:
 
«Шамил имам гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул хIурматалда, нижер жамгIияб гIуцIиялъ тIоритIана батIи-батIиял тадбирал. ХIисабалде босун букIана «АхIулгохI-Даргъо» абураб рекIаразул сапарги. Гьеб мурадгун нижеца хитIаб гьабуна республикаялъул батIи-батIиял идарабаздеги росабазул жамагIатаздеги. Сапаралъул аслияб мурад букIана дагъистанияздаги чачаназдаги гьоркьосел бухьенал щулалъизари, умумузул гIаммаб тарих ракIалде щвезаби, ай гьудуллъиялъул кьо щулалъизаби. Мадугьалихъ бугеб республикаялде гьабулеб бугелъул сапар, къваригIун букIана 
пачалихъиял идарабазул квербакъи. Гьеб рахъалъ кIудияб кумек гьабуна ДРялъул Миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министерствоялъ. Гьелъул кумекалдалъун мухIкан гьаруна сапарчагIи рещтIунел бакIал, дандрана дандчIваял гIуцIиялъул рахъалъ пикраби, хIадурана сапаралъул план», — ан. 
 
«АхIулгохI-Даргъо» сапар байбихьана 10 октябралда, АхIулгохIдасан. Гьенир ракIарун рукIана имамги вокьулел, тарих лъазабизе гъираги бугел гIадамал, щвана Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовги. Гьениб зияратги гьабун, данделъиялъул гIахьалчагIазул гьара-рахьи къабул гьабеян Аллагьасде аманатги гьабун, сапарчагIи ана Гум-
бет районалде. ЧIиркъатIасан Лъанлъари ва гьенисанги — Аргъванире. Гьениб бана тIоцебесеб сордо. «Нижгун дандчIвазе гьениве вачIана Гумбет районалъул бетIер Гъалип Гъалипов, гьесул заместителал ва районалъул администрациялъул цогидал вакилзабиги. Росдал жамагIаталъ лъикIаб гьоболлъи гьабуна нижее. КIудияб баркала буго Аргъвани 
росдал жамагIаталъе», — ян абуна Гъ. ГIабдулаевас.
 
 
Гьенир ругел гъазизабазул хобазде зияраталги гьарун, рекIаразул къокъа багъарана Данухъе. Гьенибги буго ГьитIин абурав наибасул зиярат. СапарчагIигун дандчIваялъе цIакъ хIадурун ратана данхъал. 
 
 
«Данухъ росулъ хутIун руго дагьалго гIадамал, гIемерисел гочун руго шагьаразде. Хасавюрталдаги цогидал бакIаздаги ругел гIадамалги ракIарун, кIудияб мажлис гIуцIана гьез ро-
сулъ. Сайгъатал кьун, гьарзаяб гьоболлъи гьабун, нечезаруна ниж гьез», — ан ракIалде щвезабуна Гъайирбегица.
 
 
Гьенисан къокъа багъарана Казбек районалъул Алмахъалде – гьениб базе кколаан кIиабилеб сордо. Гьел рачIана къокъаялде дандего. Гьеб бакIалда буго, Чачаналъе унаго, имам Шамилица сордо бараб бакI. Гьениб бакIарун бугоан алмахъазул жамагIат, хIадурун квен-тIехгун. Алмахъалда сордоги бан, рилълъана Чачаналъул гIорхъодехун.
 
«Нижеда ракIалда букIана къадекак Байтеркалда базе. Гьеб ккола нилъерги дозулги гIахьалаб бакI. Доба гьоркьоб, ай ЦIияб Лак районалда, буго Мажгар абураб кули. Нижеде данде гьениве щвезегIан вачIана районалъул бетIер. Цо рохьил рацIцIалъиялда букIана гIуцIун дандчIвайги. Гьевги дунги аслияб къокъаялдаса цере-цере унел рукIана. ГъутIби ругеб бакIалде щведал, дица абуна, цогидал хадур гъезегIан гьанир лъалхъилин абун. Гьениб батана кIиго гьитIинабги цо кIудиябги лъабго зани. Гьезухъ халгьабун рукIаго, тIаде вачIана мадугьалихъ росулъа Зиявудин абурав чачанав. Гьес бицана Дагъистаналдаса инсулги васазулги занал руго гьелин абун», — ан бицана 
«АхIулгохIалъул» нухмалъулес. 
 
 
Сапаралъул иргадулаб рещтIен гьабизе, ай лъабабилеб сордо базе кколаан Беной-Веденоялда. РекIарал гьенире щвелалде рачIун ратана БайгIали абурав чи (росдал бетIер) ва цогидал гIадамал. Гьез хIадурун бугоан сапарчагIазе рега-рахъине бакIги, чуязе кIалцIи-херги, кинабго хIажатабщинабги. Радал гьенисан рилълъана Даргъоре. Чачаназул гIорхъодаса байбихьун, кире аниги, рекIаразул къокъаялда цадахъ рукIана низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби. Гьез гьел цIунулел рукIана нухда сунцаниги квалквал-квекIен гьабиялъукьа. 
Даргъоре щолеб бакIалда буго Воронцовасе бараб кIудияб памятник. Цадахъ рукIана Ведено районалъул администрациялъул вакилзабиги. Гьеб сапаралъул гIахьалчагIазе кьуна «АхIулгохI» абураб ДРООялъул сертификатал. РекIаразда гьоркьоса бищун гьитIинав чотIахъанасе – Шамил районалъул КъахIиса 14 сон барав МухIамадие кьуна Шамил имамасул хIурматалъул гIаламатги. 
 
 
Хадур рилълъана Даргъоре. Гьениве вачIана районалъул бетIерасул заместитель ва цIехана щиб мурад бугебан, программа киб бугин абун. Нижер мурад букIана зияраталги гьарун, росдал жамагIатгун дандчIвазе ва, Аргъваниса вачIун, гьенив чIарав ХIусенихъеги щвезе. Ниж ана ГIабдурахIман-хIажиясул хабаде зияраталъе. Гьениса тIад руссана нижее чIезе бихьизабураб бакIалде. Гьениб букIана мажгитги. Гьеб бакIалда хIадурун батана нижее квен-тIехги. Администрациялъул вакилзабаз нижее гьукъизе лъугьана сурат яги видео бахъизе. БичIчIизабунаха гьезда цоги нухалда нижер сапаралъул мурад: гьудуллъи-вацлъи щула гьаби. 
 
 
Абуна, рес кьеян жамагIатгун дандчIвазеги. Лъазабуна, гьелъие санагIат гьабичIони, гьабсагIатго сапаралъ рахъине ругиланги. ТIад ругелгун гIакълуги дандбан, бакIарана ахирги жамагIат – чIахIиялги гIисиналги. Мажгиталда жанир ахIана мавлидал – нижецаги дозги. Гьаруна кIалъаял. Бицана имамасул хIакъалъулъ. ЦIакъ лъикIаб, гьудуллъи гъункизаби-
ялъе пайдаяб дандчIвай лъугьана. Бищун гьитIинав чотIахъан МухIамадил лъай-хъвай гьабуна гIелцоял васазулгун ва къотIи ккана гьудуллъи-вацлъи гьоркьоб къотIунгутIизе.
Сапаралде рахъиналдего, нижеца чачаназухъе битIун букIана нижер мурадги гьаризехъин ругел тадбиралги рехсон хIадурараб видео-ролик. Гьез гьеб бихьизабун бугоан респу-
бликаялъул телевидениялдасан. Гьединлъидалги батила, чачаназул щибаб росулъ ратулаан гIемерал гIадамал, нижеда дандчIвазе, ниж рихьизе гъирагун ракIарун. 
 
 
«ГIемерал сапаразда вукIарав чи вуго дун. КъватIиве вахъараб мехалда лъала гIадамасул хIал. Амма гьал рекIаразул гIадинаб сабурлъиги, берцинаб гIамалги, ракIа-рахариги бугел чагIи гIемер дандчIвачIо дида. Дун бахиллъун хутIана гьезда. ЦогIаги нухалъ тохаб рагIи борчIичIо гьезухъа, адаб тараб иш гьабичIо. Бищунго гIажаиблъизавуна тарихалде бугеб гьезул рокьиялъ. Нижер росдал чигойищ вукIинчIев Кавказалъул рагъулъ? Шамил имамасул къокъадулъ бищунго гIемераб хIаракат гьабураб жамагIат кинаб? Гьел ва цогидал суалал кьолаан гьез дие, сапаралда рукIаго», — ян бицана Казбек районалдаса МухIамад-Апанди Дадаевас. 
 
 
Гьалбадерида гьоркьов бищун кIудияв сапарчи вукIана лъабкъоялда анцIилъе вахарав Данухъа СагIидбег Ахъаев. Гьесги цогидал гIахьалчагIазги цокIалго загьир гьабуна гьадинаб пикру: нилъер тарих кIочене бегьуларо; гьеб лъазабизе хIаракат бахъизе ккола; хасго кIудияб гIелалда тIадаб буго гьеб гIолилазда малъизе, росуцоязулги ракьцоязулги бахIарчилъиялъулги къохIехьеялъулги хIакъалъулъ гьезда бицине.