КЪЕДИ РОСДАЛ ТАРИХАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ЦО-ЦО БИЦЕНАЛ ВА БАЯНАЛ

 
«КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб тIехьалдаса
 
 
 
— ГIахьвахъ районалъул ЦIолодисезги (гьанже Герзели чIарал) абула Къеди росу жидехъа арал гIадамаз гIуцIараб бугин.
 
— КIкIаратIисезул буго бицен, цебе заманалъ ЦIунтIа ва ЦIумада районалъул мугIруздаса рачIарал гIадамаздаса лъугьарал ругин жал абун. 
 
— 1884 соназ гIурус хIукуматалъ гьарурал цо хъвай-хъвагIаязда
 
жаниб ГIахьвахъ районалъул ЦIалкIитIа росдал гIадамаз бихьизабун буго жидер росу бугеб бакIалда тIоцере рештIарал гIадамаз гьеб ракь босун бугин Къедиса амирзабазухъа.   
 
— Тарихалда буго гьидалъез Ислам босанин гьижрияб 880 соналъ (1475 с). Гьеб босизе бокьичIел гIадамал гочун Тушалъеги анин. Гьел соназ рачIун ратизеги бегьула Гьидалъел Къедире (авт.). 

 
— Асир гьарурал ва лагълъиялда ругел тушал гIемер рукIун руго Ункъракьалъул росабалъ. РукIун руго гьединго гуржиялги гIурусалги. Гьел нахъе риччаялъул багьаги 19 гIасруялда 50-60 гъурущ букIун буго. Гуржиялги гIурусалги гьеб гIарцухъ бигьаго эркен гьарулел рукIун руго, амма тушал къанагIат гурони риччалел рукIун гьечIо 
 
— Къедир гIадин Хъварширги рукIун руго Хунзахъа рачIарал нуцабазул чагIи. Жидер би бацIцIадал, къадру бугел гIадамал ругин абун, гьезул би хIалтIизабулеб букIун буго тохтурзабаз, захIматаб, жиндие цоги дару гьечIеб унти сах гьабизе. 
 
— Хунзахъа Ункъракьалде рачIун руго (нуцабазул) анкьго вац. КIудияб Росулъ рештIун вуго Нуцалхан (Алдам), Сасикь – МахIмуд, Силдив – Арсланбег, Гьакъов – ГIалихан. 
 
— Цебе заманалъ гьакъосез ва цогидал Ункъракьалъул росабазул гIадамаз Къеди росдада КIудияб росуян абулеб букIун буго.
 
— Гьакъоб мажгит цIи гьабулаго ракьулъ ратун руго тIухьидул гьарурал ункъбокIонал рогIрал, цебе заманалъго мажгиталде лъим бачине лъун рукIарал.
 
— Хунзахъа ханзабаз жидер ханлъиялда гъоркь ругел росабалъа магъало бахъулеб букIун буго жаниб цIа бакулеб щибаб гъансито рикIкIун. Цо рокъоб жаниб гьединаб гъансито чанго бугони ва щибалда жаниб рахъуги батани, гьеб жиб-жибалда тIад магъало лъолеб букIун буго. 
 
— 2001 соналъ къватIибе биччараб «Восстание» абураб тIехьалда буго Гъоркьгьаквариб Шамилил заманалъго бараб мажгиталъул къадалъ гамачI бугин «ЛъикIлъигун вачIарав силдисев нахъе чIваге» — ян хъвараб. Гьелъие гIиллаги бугин гьакварисезул гIиги бахъун унел тушазде данде силдал лъугьин. ГIараб мацI лъалел гIолохъабигун гьелъул хIакъикъат цIехезе ниж щвана Гъоркьгьакварире. Гьеб хабар рагIарав чиги нижеда гьенив данделъичIо, гьезул мажгиталъул къадалъ гьедин хъвараб гамачIги батичIо. ЧIамалазул жамагIатазде Хунзахъа ханасул кагъат: «Гуржиялъе давлаялде унел къокъабазе (нужер ракьалдасан)  гьенире ине квал-квал гьабе ва гьукъе, гьелъухъ дица нужее лъикIаб мухь кьела». 
 
— Хундерица Къеди росдал хIакъалъулъ абулеб букIун буго: «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу» ва «Къеди – кIиабилеб Хунзахъ».
 
— Хашаевас хъвалеб буго, батIиял мацIазул гIадамал багвалаздаги, тIиндаздаги, чIамалаздаги гьоркьор, Ункъракь абун магIарул цIар бугеб бакIалда цадахъго магIарулазул 8 росу щай ва кисаян цIех-рех гьабулаго лъанин гьел гIадамал хундерил  росабалъа рачIун гьенир чIарал рукIин ва гьел киназго жидеца пайда босулеб ракьалъул магъало Къедиса нуцабазе кьолеб букIараблъиги. Абизе бегьулин гьеб ракь магIарул ханзабаз лъихъан бугониги бахъун батилин ва гьенив чIезе жидерго рукъалъул чиги витIун вугин. — ГIурус пачаясул гинарал Клюки Фон Клугенауяс 1839 соналъ гьарурал хъвай-хъвагIаязда жаниб буго 1837 соналъ тушазул 3 росу хъамал гьабураб магIарулазул боялъе бетIерлъи гьабунин Ункъракьалъул кверщел жидехъ бугел нуцаби АмирхIамзаца ва Малачица. Гьел росабаз гьезие магъало кьолеб букIанин (Омало, ШенакIо, ДикIло). 
 
«Сасикь, Къеди ва Силди росабиги гьез жал бетIергьаналлъун рикIкIуна, щайгурелъул гьеб ракь гьезул букIиналъ ва, гьединлъидал, гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез щибаб лъагIалие цо-цо чахъуги, цо-цо къали тIорщалилги, лъаб-лъаб къо хIалтIулги босула». 
 
— «…Абумуслимил аскараз мутIигI гьаруна гьезул росаби, рахъана шагьарал ва гIадамазда босизабуна Ислам. Цинги гьел рахана мугIрузде 
 
– Авариялде (Хунзахъе). Аваразул хан Байар, Суракъатил вас, нуцалин жинда абулев, жиндирго богун, гIагарлъи-хъизангун лъутана жиндир ханлъиялда гъоркь букIараб Туш мухъалде».
 
 
 
— «Бугеб биценалда рекъон, хундерил хан Баяр, цо рагъулъ къун хадув, жиндирго хутIараб аскаргун Ункъракьалде лъутула ва гIумру гьабун Къедив чIола. Аскар цадахъ букIиналъ гьесда кIола гьенир гъоркь рукIарал гIадамал мутIигI гьаризе ва гьезул ракьазда тIад кверщел гьабизе».
 
— «Цо заманалдаса гьев, жиндие нагIана батаяв Суракъатил вас Байар ГIаббасил вас ГIамирсултIаница, жинда нуцалин абулев ва Исламалдаса лъутун капурзабазухъе жив арав цинги гIумру гьабун Тушалъги вукIарав, жиндир боялда гьарана инсул бакIалде тIад вуссине кумек ва ЦIунтIаса байбихьараб ГIариштIи щвезегIан аскIарги бакIарун сардилъ балъго Хунзахъе вачIана ва гьенир рукIарал мунафикъзабазул кумекалдалъун (Абумуслимица гьенив амирлъун тун вукIарав) ГIамирахIмад чIвана. Гьединго гьез чIвана гьенир рукIарал цогидал бусурбабиги. Гьедин жиндир инсул ханлъиги бахъун гьев тахида рештIана, цересел гьесул умумул рештIун рукIараб гIадин». 
 
— Тушаз абула жал Дагъистаналдасаги, Чачаналъаги, Гуржиялъаги рачIарал гIадамаздаса лъугьарал ругин. 
 
— Дагъистаналда тIад бищун ахиралда жидеца ислам босарал гIадамал руго цIунтIал. (18 гIасруялъул ахир — 19 гIасруялъул байбихьи. 
 
— 1844 соналъул цо хъвай-хъвагIаялда жанив Къедиса Алдам вихьизавун вуго Дагъистаналъул БакътIерхьул рахъалда бугеб Гьаквари мухъалъул росабазул ва жидеда гьоркьор Кьохъ ва Силди росабиги ругеб цолъиялъул кIудиявлъунги, Къиялъ ва Къеди росабазул бетIергьанлъунги. 
 
 
МухIамадил Гъазияв:
 
— Къеди, гьанже Сабигулал Темерсултанил рукъ бугеб бакIалда цебе, къилбаялъул рахъалда, дида лъалеб заманалъги си букIана. Бицен буго, гьелъул рагьоялда тIад къадалъ лъун букIанин гамчIил гьабураб кIудияб хъанч (крест). Гьеб хъанч гьенисаги бахъун бекараб хIисаб буго нилъер росдал имамасул тIалабалда рекъон. Асали Нуцалханил колода цебе майданалда ракьулъа баккунги букIанин гьединаб хъанчин бицун букIана дида ХIанапица. 
 
— Вабаъ унтиги баккун тIагIарал гьидалъезул Къедив лъабго чи хутIун вуго. Гьеб унтиялъ хварав ахирав чиги хабалъ вукъун гьел нахъе ун руго росулъецин щвечIого, Нахъамагъилъа эхере. Хелекьщобилъе щведал лъалхъун, росулъеги балагьун, гьез абун буго: «Гьениб букIа гьанже тIад гьуриги пун, пурчIина гурого бижулареб ракь», — ан.
Гьедин вабаъ унти баккараб мехалъ нилъер мухъалда росабазда гьоркьоб хъаравуллъи толеб гIадат букIун буго, гIадамал цоцахъе ин гьукъизе. Холел хун, рахъулел рахъун Къедиса нахъе буссиндал гьеб унти баккун буго Гьаквариб ва гьениса чи вачIун вуго щиб дару-сабаб гьелда данде гьабураб абун цIехезе. Хъаравулзабаз гьев росдал рагIалда бугеб лъар бахизе тун гьечIо — къваригIел гьикъун буго ахIун. Гьеб гьес бициндал, щиб дару ва кин гьеб гьабурабги хъван кагъат бухьун буго халатаб гIералда ва гьеб лъарал добцояб рагIалда вукIарав гьакварисесухъе бегьун буго. 
 
 
ГъазимухIамадил АмирхIамза:
 
— Чиги чIван вахчизе ккарав хундерил нуцабазул цо вас, рецIел босун чIванин абун хабарги биччан, гьеб заманалъ хунзгун ракълида рукIарал гьидерил кIудиясухъе цIунизе щвезавула гIагарлъиялъ. Гьесги гьев байбихьуда гьеб мухъалъул цо росулъ вахчун вукIуна ва хадув вачун жиндирго чагIазухъе Къедиве щвезавула. Нилъер умумузул къагIида букIун буго Хунзахъги Къедибги гьоркьоб бухьен чIезабизе гIоло цереса-цере, цоялдаса балагьун цогидаб бихьулеб бакIалда гохI-щобазда цIаял ракулеб. Щибаб гьединаб бакIалда сиялги ран, хъаравуллъи гьабун тарал цIа бакулел гIадамалги рукIун руго гьезул. Гьедин лъазабулеб букIун буго  тушман гIагарлъун вукIиналъул яги цоги гьелда релълъараб кIвар бугеб ишалъул хIакъалъулъ хабар цоцада.
 
 
Кавуялъул бищун борхатаб гохIда тIад, гьанже телевизоралъул шурмалги рукъги бугеб бакIалда дун гьитIинаб мехалъги жеги биххун лъугIичIеб сиялъул къадал рукIана. Росдал гIадамаз гьелда «Аслаханил си» ян абулаан. Гьев Аслахан АмирхIамзалазул чи вукIанин ва гьесул цIар лъурав вукIанин немцазулгун букIараб рагъда тIагIарав Сурхайил 
Аслаханин букIана нижер рокъоб кидаго бицен.
 
 
 
ГIалихъиличил МухIамадкамил:
 
— Шамилил заманалдаса цебе Къедиса нуцабаз жидедаго гьоркьоб бикьун букIун буго жал бетIергьанаб Ункъракьалъул киналго мугIрузда ва гIалах-ракьалда тIад хIакимлъи. Сасикь чIарал, гьанже «Даитилал» ва «БацIилал» ин жидеда абулел Къедиса гIадамазул умумузул тIалабалда гъоркь букIун буго АсаликIалдаса эхебе бугеб ракь. Чачаналъ жаниб ракь: Шаро-Аргуналде щун, Хонокь, Хашакь, КIесели, Сандакъори ва цогидал бакIал Къедиса Сурхайил умумузул бетIерлъиялда гъоркь рукIун руго. Гьединго, жалго жакъасел сасикьезда лъалеб ва гьезухъги бицен бугеб жо буго, гьезул росдада тIад «Басриял хабал» ва гьанже школа бугеб бакIалдаса эхеде бакъда ругел хурзалги гьев Сурхай бетIергьанал рукIараблъи. Гьез гьеб майданалда ХIарималъул ракьинги абула. Къедиб бугеб ракьалда бижулареб гьоло, хъабахъ, цIоросаролъ хьалаанила гьес гьениб. Гьел киналго ракьазда тIад балагьи гьедин бикьун букIаниги, гьенир ругел гIадамазухъа бакIарараб магъало: щибаб кIкIуялдаса кIи-кIи сахI тIорщалил, цо-цо гIиялъажо ва лъаб-лъаб гулла-хер  цо бакIалде – Къедибе бачIунеб букIун буго. Гьединго гьезда тIадаб букIун буго лъагIалил лъабго къоялъ гьел нуцабазе хIалтIизеги. Кидаго яргъид гIуцIун хIадурарал 
рагъухъабазул къокъаги букIун буго Къедиб, гьел нуцабаз цебехъанлъи гьабулеб ва гьеб магъалоялъул цо бутIаялдалъун жиб хьезабураб. 
 
 
 
 
 
ГIалихъиличил МухIамадкамил:
 
—  Нилъер росдал гIадамал рикьула чанго тухумалде. Гьездаса цоял ва бищунго гIемерал ккола «Малалал» абулеб тухум. РачIараб бакIги гьезул гIемерисезул Къиялъа буго. Малалалин жидеда абулелщинал гIадамалги киналго Малалалги гуро рукIун ругел. Гьезул цо тайпа буго мухь кьун гьез гьоркьоре риччарал. Цоцазул рахъ кквезе, цояз-цоязде мугъчIвай гьабизе, чи гIемер вукIине ва гьелдалъун къуватги цIикIун букIине гIоло данделъулел рукIун руго цере гIадамал. Гьелъул мисалги буго чачаназул тейпалъул мисал. 
Руго нилъехъ хундерил Гьамушиса рачIарал чагIиги. ХIинцасул ва Пайзулал гIадамал ЦIелмесалдаса рачIарал ругинги абула.
 
 
Руго нилъехъ «Уздензабиян» жидеда абулеб тухумги. Руго гьединго ТIехIнуцабиги. Гьел ккола нуцабазулгун ригьнал гьарурал, гьез жидеда аскIоре риччарал гIадамал. «Лолонисал» абунги руго цо чагIи. Рикъун яги мухь кьун росун рачIарал цо-цо бихьиналги руччабиги рукIун руго цере нилъер гьанир. Эбелалъ бицунаан жинда лъалеб заманалъги дир мина бугеб авалалда вукIанин Мамука абун цIар бугев херав гуржияв. Цо-цо иш тIад къазе къватIиве ахIарав гьес, рокъоса вахъине кватIун жинда рагъидал, халат бахъун абулаанин: «Лъуу-гIизегIан чIаа-ха, лее!» — ян. Гьединго нилъеца бицун букIана Шамилиеги гьесул муридзабазеги хъулухъалъе кьун йикIарай гуржияй Тамарал 
хIакъалъулъги. Жеги гьитIинай яс йикIадго Гуржиялъа йикъун ячIарай гьей, дир кIудияв инсулги инсул эмен, Шамилихъе унаго гьесул рагьдухъ чIварав Ханбулатгун цадахъ цо рокъой гIурай, гьесулгун гIел бащадай йикIун йиго. Гьедин рачIарал лъималги нилъехъ доб заманалъ чанго рукIун руго. Хасало квачараб бакI букIиналъ хундерил ханзабазги, 
гьездаса цереккун рукIаразги Къедире ва Акнаде тамихI гьабун ритIулел рукIун руго жидеда гIайиб ккарал цо-цо гIадамал. Цо биценалда рекъон гьедин рачIарал гьидалъезулги букIун буго нилъер гьаниб чанго хъизан. Нижер тухумалъул гIадамал рачIараб бакI буго Хунзахъ районалъул Байикь ва ЧIондокь росаби. РачIараб заманги кколеб буго тIоцебе нилъер мухъалда Ислам дин тIибитIизабизе Хунзахъаги, Гьидалъа ва Гъазигъумекисаги бусурбаби щвараб мех. Гъоркь рукIарал гIадамазда динги босизабун, гьеб щула 

гьабизе ва гьел гIадамаз гьеб рехун течIого букIине гIоло балагьизе гьанир тарал чагIазул ругин нижин бицен батана дида нижер рокъоб.  Дир инсул вац БатагIалида лъалаан Хунзахъ букIараб гIагарлъи. Гьенир ругел ва Къедире рачIарал цересел нижер умумул цоцаде гъоркье-тIадеги гIемер щолел рукIун руго. Шамилил наибзабазги гьездаса хадур балшевикIазги гьел росабазул гIадамазе кIудияб къварилъи гьабун буго, чIван ва жанир тIамун анцI-анцI сахав чиги тIагIинавун вуго.