Нилъеда лъалевги лъаларевги Жамалудин

1839 сон. Август моцI. Шамил:

«… Рагъ къотIизабиялъе гIоло дица аманаталъе кьезе кколев вуго дир хирияв вас Жамалудин. Гьанадаса гьан тIезабизе бигьаяб буго, ракIалдаса рак1 кин къотIун батIа гьабилеб…». Гьедин байбихьулеб буго дагьал церегIан къоязда къватIибе биччараб ХIажи Сайпуевасул «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат» абураб драма хIисабалда хъвараб тIехь. Гьеб хъваялъул хIакъалъулъги кIудияб тарих буго. 

 

30-ялдаса цIикIкIун соналъ данде бакIарун, хIакъикъияб тарих къалмиде босанин бицана нижергун ккараб гара-чIвариялда ХI. Сайпуевас. Драмаялдалъун рагьун буго нилъеда лъаларев Жамалудинил образ, гьесул къваридаб къисмат.

Баян:
Болъихъ районалъул РикIваниса ХIажи Сайпуев цIалана Москваялъул Полиграфияб институталъул журналистикаялъул факультеталда. ХIалтIана республикаялъулаб теле-радиокомпаниялда, Болъихъ райгазеталда ва районалъул радиовещаниялда. Гьев вукIана «ХIакъикъат» газеталъул хасав мухбирлъунги. 
РФялъул Журналистазул союзалъул ва РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХI. Сайпуевас къватIибе биччана анлъго тIехь.
 
— ХIажи, Жамалудинил хIакъалъулъ художествияб асар хъвазе кин ва кидал ракIалде ккараб? 

 
— 1982 соналда Москваялда, «Комсомольская правда» газетаялъул редакциялда, дун дандчIвана публицист, таржамачIужу, хъвадарухъан Ремида Радовскаягун. Дун гьелъухъе гьоболлъухъ щведал, къадада бан бихьана бихьинчиясул ва чIужугIаданалъул кIиго сурат. Гьелъ абуна 125 сон цебебахъараб Шамил имамасул вас Жамалудинил сурат бугин гьабилан абун. Дица гьелда абуна гьеб сурат Жамалудинил букIине рес гьечIин, гьесул цоги батIияб сурат бихьун букIанин дида шагIир ГIумар-ХIажи Шахтамановасул рокъобГьеб мехалъ гьелъ бихьизабуна дида кIиго суратцояб — цебеккунго дида бихьун букIараб ва дирго тIехьалда лъураб ва цогидаб — гьениб къадада баралда релълъараб. Радовскаялъ абуна гьеб кIиябго сурат цого чиясул бугин.
 
 
«Цояб дуда Дагъистаналда бихьараб, талихIкъарав Жамалудинил, гьаб дихъ бугеб сурат– талихIав Жамалудинил бугин. ЛъикIгобалагьидал гурони сураталда цого чи вукIин бичIчIуларо», — ян абуна гьелъ.
 
 
ТалихIав Жамалудинил сурат Ремидахъе щун буго, гьесул йикIарай абурай Елизавета Олениналъул цогидаб къайигун цадахъ. Польшаялда вугеб заманалда жиндирго абуралъухъе битIизе бахъун букIун буго гьеб
Гьелъ дида бицана жинца Жамалудинил хIакъалъулъ хIакъикъияб къиса хъвалеб бугин, Дагъистаналдаса гьесул хIакъалъулъ материал бакIаризе кумек гьабеян абун. Гьеб къоялъ гьелъ дида бихьизабуна Елизаветал дневникги. Гьелдаса цо-цо хъвайхъвагIаял гьарун рукIана дицаги

 
— Доб мехалда гьеб темаялда тIад хIалтIизе гьукъун букIинчIищ?
 
 
— Дагъистаналде щвейдал, Елизаветал дневникалдаса гьарурал хъвай-хъвагIаялги магIарул мацIалде руссинарун, «БагIараб байрахъ» газеталде ритIана. Гьел газеталда рахъичIо, кьучI гьечIел, дицаго ургъарал жал ратилин абураб багьанаги батун. 
 

Хадуб, 1986 соналда газеталда къватIибе бачIараб макъалаялда Жамалудинил хIакъалъулъ КIаратIа росулъа ГIалихIажи ГIумарасхIабовас хъвараб гьитIинабго макъала батана дида.

 

Ункъо соналъ цебе Ремидае кьун букIараб рагIиги ракIалде щун, дун ана КIаратIе. ГIалихIажихъ батана Жамалудинил дневникги, чадирги, Елизаветал сурат жаниб лъураб, цесеб рахъалда хириял ганчIалги лъун хъанч бахъараб меседил кулонгун рахасги. 

 

ГIалихIажица дихъе дневник кьечIо. Гьеб цIализе ва тIаса хъвай-хъвагIаял гьаризе, щибаб шамат ва гьатIан къоялъ хьвадана КIаратIе. 


Х
ъвай-хъвагIаялги росун дун ана МоскваялдеРадовскаялъухъе. Гьей хун ятана. Гьелъул вас ватана рокъов. Гьелъ нахъе цIунараб дневник кьеян гьаридал, васас бицана жинца эбелалъул библиотека бичанин, цо-цо жо макулатураялъегикьунин абун. Гьеб мехалда ракIалде ккана дида Жамалудинил хIакъалъулъ тIехь дицаго хъвалин абун.

 

Дун щвана СанктПетербург, Москва, Рязань, Торжок, Тифлис шагьаразул архивазде. Гьениб Жамалудинил хIакъалъулъ кодобе босизе гIадаб жого батичIо дида. Доб заманалдаго Жамалудинил хIакъалъулъ хъвазе биччалеб букIинчIо пачаяс, тIадвуссун хадуб Шамилицаги гьукъун букIана гьесул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал, тарихиял документазулъги цIакъ мукъсанал гурони гьесул хIакъалъулъ баянал гьечIо. ГIемерисеб халкъалъе гьев хутIана инсул рахъги кколарев, инсуда дандеги чIарав чилъун. Гьев вичIчIулев вукIинчIо гIемерисезда.

 

Жамалудинил дневник цIаларалдаса нахъе дир мурад букIана, гьезул хъизамалда гьоркьов вукIарав кинигигьезул хIакъалъулъ хъвазе. Макьилъгицин вихьулаан дида гьев. Халкъалда Жамалудинил хIакъикъат бихьизабизе бокьун букIана дие. Гьаб драмаялдалъун дица рагьулев вуго гьесул ва Лизал дневникалда вихьарав, унго-унгояв Жамалудин. 

 

Хъвазе гъукъиялъ тарих мискинаб батана

 

— Драмаялдалъун гьеб хъваялъе гIилла щиб?

— Къаламцояз дида абулеб букIана драмаялъул бакIалда киналго ругьунаб роман хъвазе бегьулеб букIанин абун. Дица хIалбихьана, амма драмаялъ гIадин героязул рекIел хIалги, гьезда гьоркьоб бугеб дагIба-къецги къватIибе кьун бажарулареблъи бичIчIана. Гьединаб кIудияб драма сценаялда лъоларин абулелги камичIо. Драмаялъул чанго батIияб жанр буго, гьелда гьоркьоб буго цIализе хъвараб драмаги. Гьеб къагIидаялда хъвараб буго дица «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат». 

 

Драмаялъулъ цIикIкIун кIвар кьун буго хIакъикъиял лъугьа-бахъинал рихьизариялде. Гьениб цониги цIар гьечIо дицаго ургъун бахъараб. Художествияб асар бугелъул, гьенир руго эпитеталги метафоралги, калам берцин гьабизелъун къачIарал предложениялги. Гипербола гьечIо. КIодо гьабун, бугелдаса цIакъаблъун, кутакаблъун бихьизабун гьечIо кинабгIаги лъугьа-бахъин яги героязул калам. 

 

— Нилъерго тарихчагIазда аскIове ун цIеханищ дуца Жамалудинил гIумрудул хIакъалъулъ?

 

— Жамалудинил хIакъалъулъ гьезда лъалеб жо гIемер батичIо. Ю. Дадаевасухъе ун вукIана. Гьес абуна Доногъохъе аян. Гьесухъе дун инчIо. Гьесул «Аманат Кавказской войны» абураб тIехь бихьана дида. Гьениб Жамалудин цIалараб бакIалъул ва буюрухъазул хIакъалъулъ документал ругоан. Гьес абулеб бугоан Жамалудинилги Елизаветалги «легкий флирт» букIанин, кинайгIаги абурайги гьей йикIинчIин. Дицаго цIалараб Жамалудинил дневникалда хъвалеб буго гьелде букIараб кутакаб рокьул хIакъалъулъ. Инсудаги гьарулеб бугоан гьес жиндие Елизавета ячеян абун. Жиндие ячани гьелъ ислам босизеги рагIи кьолеб бугин бицун буго гьес инсуда. Шамилица инкар гьабулеб буго васасе Елизавета ячине. Гьеб мехалда Жамалудиница инсуда абулеб буго, дуца эрменияй ячине бегьараб, жинца гIурусай ячине бегьуларищин абун. Гьединги разилъун гьечIо имам.

 

— Дневник хIакъикъаталдаги Жамалудиница хъвараб букIиналда ракIчIей бугищ?

 

— Доб заманалъул къагIидаялъ хъвараб, гьесул васигатги тIад бугеб дневник букIана доб. «Гьаб васигатги дневникги инсухъеги ГъазимухIамадихъеги кьоге, МухIамад-ШапигIихъе кьеян абун» — хъван букIана гьениб. Жамалудиница магIарул цIаразулъ гIурус мацIалда гьечIел хIарпазул бакIазда гIараб хIарпал хъвалел ругоан. Цадахъ букIараб къайиги Жамалудинил букIана. Гьениб букIана Аллагьасдехун гьабураб хитIабги. НахъвуссинчIелъухъ эбелалда тIаса лъугьаян гьарулеб бугоан гьес, йокьулейги тIаса лъугьинаюлей йигоан…

 

Жамалудинил дневник тIагIана

 

— Дневникалдаса хъвай-хъвагIай гьабун гурони, цогIаги сурат гьечIищ хутIун? Гьанже лъихъ бугеб гьеб?

 

— Доб мехалда ГIалихIажица жиндирго рокъов гIодовги чIун, тIаса хъвазе гурони дихъе кьечIо дневник. Суратал рахъизеги гьанжегIадаб рес букIинчIо. Гьес абуна жиндир кIудияв инсул эмен ГIалихIажица Жамалудиние рагIи кьун букIанила дневникги цогидаб къайиги гьесул гIагарлъиялъухъе кьезе. КIудияв инсул васигат тIубазабизе Москваялде щун вукIана гьев. Гьезул хъизамалъ Казахстаналъул Ош шагьаралда гIумру гьабулеб букIана (Сталинил репрессиял сабаблъун ккана гьел Ошалде). Гьенисан Москваялде щвана ГIалихIажи Шамилил гIагарлъи цIехезе. Адресазул тIехьалдебалагьидал гьединаб фамилиялъул гIемерал гIадамалги ратун, лъихъе Жамалудинил ирс кьелебали лъачIого гьеб иш тана гьес. ГьенисавачIаравги вукIана гьев Дагъистаналде. КватIичIого ГIалихIажиги Ошалде тIадвуссана. 

Гьелдаса чанго сон ун хадуб дунго ун вукIана Ошалде, доб дневникалъул хIакъикъат цIехон. ГIалихIажи хун ватана ва гьесул рокъоса цо кIудияй гIаданалъ бицана гьеб къайиги Жамалудиние МухIамад-ШапигIица сайгъат гьабураб хвалченги цадахъ босун анин васазин абун. Гьезухъеги щвана дун, Москваялде. Гьез немцасе бичун батанахвалчен. Дневникги жидеца бухIанин абуна. 

 

— «Аманат» фильмалда бихьизабулелдаги дуца дневникалдаса цIаларалдаги гьоркьоб релълъенлъи бугищ?

 

— ГьечIо. Тарихиял хIужаби хисизарун, мукъсан гьарун, ургъун рахъун руго гьенир. Императорас жинцаго гьарана Жамалудиние Елизавета. Гьезул берталъ Жамалудинил эменлъунги живго вукIине вугин абун буго гьес. Жамалудиница Елизаветалда абулеб буго нилъ цин магьари лъезе мажгиталде рилълъине ругин, хадуб дур къагIидаялъ килисаялдеги ун бертинги гьабилин. Императорас мажгиталде ун магьари лъезе ихтияр кьоларин Елизаветаца абидал, Жамалудиница абуна гьес жиндирго яс Ольгаги православияб ва католикияб къагIидаялъ бертин гьабун кьунин, жиндиеги инкар гьабиларин абун.

 

Жамалудиница дозул дин босаниланищ хъван батараб дневникалда?

 

— Гуро. Гьесие тарбия кьуна исламияб диналда рекъон. Императорас гьев Москваялъул академиялдаса ургъунго Александровский корпусалде витIула гьениб ислам малъулеб букIиналъ. КIиго соналъ гьенив цIалула гьев. Жамалудиница Къуръанги цIалулаан, гIараб, татар, ингилис, паранг, немец мацIалги лъалаан. ГIараб ва татар мацIал кIочонел ругин хъвалеб бугоан гьес дневникалда

 

Доногъоца абулеб буго Жамалудинида кинабгIаги къватIисел улкабазул мацIал лъалароанин. Доб мехалда паранг мацI лъазабулеб гIадат букIана киса-кибего, хIатта гьеб мацIалда кIалъалаан гIурусалги. КIудиял хъвадарухъабазгицин жидерго асаразулъ бащадаб къадаралда паранг мацI хIалтIизабулаан доб мехалда. 

 

— МагIарул мацI лъалеб букIанищ Жамалудинида?

 

— Гьесда гьеб кIочон букIана. КIоченчIо эбел ва гьелъ жиндиего рикIкIунеб букIараб кечI. Аманатлъун витIулаго сордо рогьинегIан Жамалудинги къвалакь ккун, ракI унтарай эбелалъ рикIкIарал «Дир берзул канлъи – мун, рекIел кIутIи – мун, гIумрудул магIна – мун, чорхол рухIги мун» абурал рагIаби такрар гьарулаан гьес. Дневникалда бицунелда рекъон, гьесие анкьго сонцин тIубан букIун гьечIо. Гьев августалъ вачуна аманатлъун, декабралда анкьго сонги тIубала. ТарихчагIазин абуни, гьев аманатлъун витIидал ичIго сон букIанин абулеб буго. 

 

Инсулги васасулги бигьаяб гуреб гьоркьоблъи

 

Дуца хъвалеб буго Жамалудиние гIагарлъиялъухъе тIадвуссине бокьун букIинчIилан. Ва пачаяс гьев вас хIисабалда хьихьун вукIанилан. Гьедин хирияв вукIун ватани, пачаяс Жамалудин гуржиязул асиразухъ хисиялъе гIилла щиб?

 

— Пачаясе гьев виччазе бокьун букIинчIо, амма витIичIогоги рес букIинчIо. Жамалудиница пачаясда гьикъана инсухъе тIадвуссине жив разилъичIони щиб дуца гьабизе букIарабин абун. Гьес жаваб кьуна жинца армиялъул къуват цIикIкIинабизе ва гьел асир гьаризе хIаракат бахъизе букIанин. Гуржиягун цадахълъугьунжидер армиялъ Дагъистаналдаги Чачаналдаги гIемерал биял тIезе рукIанин абун. Гьеб кIудияб тунка-гIуси ккечIого букIине гIоло вачIана Жамалудинги инсухъе, Чачаналде.

 

Гьев вачIиналъе кIиабилеб гIиллаги букIана — жиндир хъизам хвасар гьабеян абун, гиназ Чавчавадзеца Жамалудинихъе кумек гьарун кагъат битIун бачIин. «Мун нахъе кьечIони, дур инсуца жиндир хъизам наибзабазда гьоркьоб бикьула» абун хъван буго гьес Жамалудинихъе. Лъабго моцIидаса тIадвуссине вугилан гьалмагъзабаздаги Елизаветадаги абун ана гьев инсухъе. 

 

Гьес инсуда абулеб букIана рагъ теян: «Дур дол цере рукIарал бахIарчиял наибзабиги хвана. Гьанже тараз халкъ къварид гьабулебги буго. Наибзабаз рагъуеян абун магъало бахъулеб буго ва гьелдаса дагьабго рагъуеги тун хутIараб жидерго царгъазухъе ккезабулеб буго. Халкъ бакъун ва унтун буго. Дуца пачаясда цере дурго тIалабалги рихьизарун, рагъ къотIизе те, эмен. Гьелдалъун мун бергьинеги вуго». Шамил разилъичIо…

 

— Жамалудинилги Шамилилги гьеб диалогалдалъун Шамилил къадру дагьаб гIодобегIан гьабулеб бугин кколеб гьечIищ дуда?

 

— ГьечIо. Жиндир эмен гIадав кIудияв стратег къанагIат гуроги гьечIин дунялалдаян абулеб буго Жамалудиница. РитIухъав, вацIцIадав, лъикIав гIакълучи, лъицаго хIурмат гьабулев цевехъан вугин жиндир эменин хъвалеб буго Жамалудиница.

 

Жамалудиница абулеб буго жиндаги инсудаги гьоркьоб бугеб бичIчIунгутIи нуцIа тун къватIибе босизе кколеб жо гьечIин. Гьеб бугила инсулги васасулги иш. ХIакъикъаталдаги гьедин жидедаго гьоркьоб тIубан букIинчIебани, гьес инсул адаб тараб жоги гьабулеббукIун батани, гьеб къватIибе рагIизеги лъазеги букIана. Гьелъул хIакъалъулъ чияца бицинеги хIажат гьечIин хъвалеб буго Жамалудиница.

 

Дневникалдаса цIалараб, драмаялъе босичIеб лъугьа-бахъин хутIанищ?

 

— 1870 (71) соналда Александр II цадахъ гьесул вац гиназ Михаилги, Елизавета Оленинаги, Жамалудинил вац МухIамад-ШапигIги Дагъистаналде рачIун рукIун руго. Гьел щун руго Гъунире. МухIамад-ШапигIгун цадахъ Елизавета щун йиго КIаратIе, Жамалудинил хабадеги. Гьеб дица цIалана гьелъул дневникалдаса. Гьелъ гьениб бицунеб буго Болъихъ ругел хъулбузулги сверухълъиялъулги хIакъалъулъ. Гьелда божичIого кин вукIинев. 

 

Жамалудинил дневникги, букIараб хIалалда, гIурус мацIалда къватIибе биччазе ракIалда бугин бицана ХIажи Сайпуевас. Доб мехалда гIемер щолаан гьев пачалихъиял архивазде. Турциялдаса рачIарал ГъазимухIамадил кагътал руссинаризе таржамачиги вачIунаан гьесие кумекалъе архивалде.