Нахъойги Шамилил сухъмахъаздасан

Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялда бан, гIемерал батIи-батIиял тадбирал гьаруна «АхIулгохI» абулеб жамгIияб идараялъ. Масала, гьезул цояб ккола чот1ахъаби Шамилил сухъмахъалккун ин.

 

Гьедин, гъоркьисалаги ана гьел АхIулгохIдасан Даргъоялде щвезег1ан. Г1иц1го гьел сухъмахъаздасан ин гуребги, гьезул мурад бук1ана тарихиял ц1и-ц1иял хIужаби лъазари, зияратазде щвей, бак1-бак1алъул гIадамалгун дандчIвай.

 

Гьеб сапаралъул хIасилги гьабун, исанасеб къокъаялде гъорлъе журана цоги батIи-батIиял гIолохъабиги — Болъихъ районалъул Гъагъалъа, Лаваши районалъул КъулецIмаса, Хасавюрт шагьаралдаса, Казбек районалдаса, Хьаргабиса, Гъуниса, Шамил районалдаса.

31 чиясдалъун гIуцIараб чуязул къокъаялъ ц1ияб сапаралъе байбихьи лъуна Даргъо росулъан.

 

Исана нигат букIана 1859 соналъ Даргъоялдаса Имам Шамил Гъуниб магIарде щвезегIан араб сухъмахъаздасан ине. Къокъаялъ тун буго, кинабниги 345 километраялъул нух — мугIруздасан, гIалахалдасан, кIкIалабахъан. Байбихьуда 31 чи вукIараб батани, чачаназул Ведено районалъул Даргъосан Гъунире щвелалде гьенив гIуна 55 чотIахъан. БатIи-батIиял росаби къотIун унаго, гьениса гIолохъабиги журана гъорлъе. Бихьулеб букIана тарих лъазабизе гьезул бугеб гъира -шавкъ.

 

Гъуниб магIарде щун, гьениб ахир лъолеб мехалъ, гьенив вукIана 55 чода рекIарав. Киналниги гьез тун ругоан Болъихъ, Гъуниб, Шамил, Гумбет ва цогидал районалъул кинабниги 15 росу.

Гьеб сапар сабаблъун т1атана жеги тарихалда загьирлъун рук1инч1ел х1ужабиги. Масала, мухIкан гьабуна наиб Хъараласул МухIамад кив вукъун вугевали. Гьел сухъмахъаздасан унаго, 17-ниги зиярат бугоан — Килалъ, РикIкIвани, Болъихъ, Ругъжаб, КIижани, ИчичIали ва Гъуниб.

 

ГIадамазул кинаб дандчIвай букIарабали бицани, чотIа рекIарал гIолохъаби гIажаибго хутIана росуго бахъун данде бачIиндал. Нилъер чотIахъабиги бачунаго зикригун лъугьунел рук1ана щибаб росулъе. Хасго кIудияб гьоболлъи гьабуна чачаназул Ведено, Даргъо, РикIкIвани, КIижани, ИчичIали, Гъуниб, Ругъжаб ва цогидал росабалъ.

 

ХIисабалде босун букIана нухда анкьго къо базе. Гьелда т1аде жеги цойгиги къоги жубана, щайгурелъул Имам Шамил 1859 соналъ жидер росулъан ун ватичIониги, жидехъеги гьоболлъухъ рачIаян гьарана цогидал росабазги.

 

Щибаб росулъа чотIахъабиги гIахьаллъун, гьаруна мавлидал, бачана зикру, кIудияб дандчIвай гьабуна Килалъ, ИчичIали росабалъ. ИчичIалире гIолохъаби рачIиндал, Имам Шамил вукIараб рокъоб жаниб лъуна мемориалияб къоно, гьелъие хIаракатчилъи гьабуна Гумбет районалъул бетIер Гъалип Гъалиповас ва ИчичIали росулъа бизнесмен ГIусман Къадиевас.

 

Цо лъугьа-бахъинги ккана гьениб. Килалъ росулъе щолаго, кьурул рагIалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго ракIалда гьечIого, цо чотIахъанасул чу, хъущтIунги ун, кьурдаса гъоркьеги бортун, хвана. Гьеб хабар рагIун бугоан килдерил жамагIаталда. ЧотIахъаби росулъе щвелалде жамагIаталъ хIукму къотIун буго, чу хварав васасе росдал жамагIаталъул рахъалдасан чу сайгъат гьабизе. Гьебги кколарищха Дагъистаналъул гIадамазул гъунки, цоцазе квербакъи.

 

Гъуниб магIарде щведал, районалъул бетIерас ва имамас хIурматалда дандчIвай гьабуна гьеб къокъаялда. Гьенире рачIун рукIана байбихьуда чотIахъабазул къокъа нухда лъурал Чачаналъа Жаватханов Гьарун ва гьесул вакилзаби. Гьел цIакъ гIажаиблъана Дагъистаналъул гIолохъабаз гьабураб хIалтIуда ва рикIкIана гьединаб тадбир жеги Дагъистаналдаги Чачан Республикаялдаги лъицаниги гьабун букIинчIилан.

ГIолохъабазул мурад буго хадусел соназдаги Шамилида ва гьесда хурхун гьарулел тадбиразда гIахьаллъизе.

 

«ХIакъикъат» газеталдасан «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Гъаирбег ГIабдулаевас гьел чотIахъабазе баркала загьир гьабулеб буго Чачан Республикаялъул Ведено районалъул Даргъо росдал жамагIаталъе, Болъихъ районалъул РикIкIвани, КIижаниб росабазе, Гумбет районалъул ИчичIали, Килалъ росабазе, Гъуниб районалъул Гъуниб, Ругъжаб росабазе ва Шамил районалъул Лъануб, ЦIекIоб, Хучада, ХIотода, Зивури, ТIогьохъ росабазе.

 

ЦIилъана гьоболлъи, гIадамазда гъорлъ гьуинлъи, Чачан Республикаялдаги магIарул миллаталъул хакъалда гьоркьоб тIадеги щулалъана гьуинлъи, вацлъи.