Дунги эбелги рокъоса къватIире лъугьана бакъанил гIужалъ. Унел рукIана гIазуца бахчараб, чIедераб сухъмахънух ккун, цеве арав чиясул загIипалго лъалкIал рукIана бакI-бакIазда гIазуца рахчун. Ниж унел рукIана эбелалъул росулъе кIудада вихьизе, гьев лъикI гьечIого вугин кIалъана эбелалъухъе телефоналъ. Эбел уней йикIана хехаб рилълъада, дун хIалица гъолев вукIана хадув. БичIчIулеб букIана эбелалъул рахIатхун букIин. Гьеб...

