15 октябралда кIодо гьабула росулъа руччабазул Халкъазда гьоркьосеб къо. Хурзал ракул цIуни, цагърал богIол цIолин абулаан умумуз. ЧIужугIаданалъул гIетI тIинкIичIони, чIорого хутIила гьел. Гьанже хурзал чIахIил, цагърал химикатазул ва къватIисел пачалихъазул нигIматазул цIун ругин абуни, дагIба балев чи нагагьги ккеларо. ГIолилаз гIака хьихьулеб гIадат тун буго, гIемерисел бокьалги чIунтулел руго. Рахьдал ва нахул къучIби ричун росизе ресги букIаго, захIматаб хIалтIи щайха гьезие тIаде босун? Амма камун гьечIо мисалалъе рехсезе мустахIикъаб яшав гIуцIарал ясалги.
ХIалтIи батарасда боцIиги батулеб
КъучIбузухъе, шушбузухъе тIун бичулеб, лъабго моцIалъги цIекIлъулареб, химия гъорлъ жубараб «рахьалдаса» инкар гьабулел руччаби дагьал гьечIо. Гьединазда лъикI лъала, захIмат бихьун гьабураб букIаниги, нилъерго тIабигIаталда гIезабураб нигIматалъул пайдагун къимат. ЖамгIиял гьиназда 57000-ялдасаги цIикIкIун чи валагьула ГIайшат Мухтаровалъ боцIи хьихьулеб, хур бекьулеб, ай гIадатияй магIарулалъ магIишат гьабулеб къагIидаялъухъ. Аishat_blog абураб цIаралда гъоркь рагьараб жиндирго гьумералда гьелъ бихьизабулеб буго росдал ва хъутаналъул гIадатияб гIумру. Шагьаралда гIурал, рикIкIадаса гурони гIакабече бихьичIел ясазеги росулъа шагьаралде гочарал, лъимерлъи хур-ахазда арал руччабазеги цIакъ интерес буго ГIайшатица шавкъалда гьабулеб яшав бихьизе.
ГIолиллъиялъул тIагIам босизе ресго щвечIей
Цудунго росасе кьурай ГIайшатил тIоцебесеб ригьин битIичIо. ЯтIалъун хадуб, ункъо сон барав васгун, гьей цIидасан росасе ана. БатIияб районалдаса, цингIаги вихьичIев чиясе унелъул, ГIайшатица жиндирго къисмат Аллагьасухъе кьуна. Эбелги хун, инсул цIобалда хутIараб кIиго лъимер бугин Багьавудинил абун бицун букIана гьелда гьалмагъзабаз вукIинесев росасул хIакъалъулъ. Сураталда гурони гьел цоцадаги рихьунги рукIинчIо. ГIайшат ккола ЛъаратIа районалдаса. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьей Терек хъутаналда гIумру гьабун йикIана. Гьелъул рос, ЧIарада районалъул ГIириб росулъа ГIусманов Багьавудин, Кочубеялда колхозалъул гIияда вехьлъун хIалтIулев вуго. ГIайшат хъизамалда бищунго кIудияй йикIиналъ, хъизамалъулго ургъелги хIалтIиги гьелъул гъуждузде бегана. Эбел унтун йикIиналъ гIемераб магIишат гьабизе рес букIинчIо, амма бечIчIулеб кIиголъабго гIака
камун рукIунароан. Больницаялде эбелги ккун, вацяцалда хадуб хъулухъ гьабизе чи вукIинчIолъиялъ, анлъго класс лъугIун хадуй цIализеги инчIо гьей. Эмен республика тун къватIив хIалтIулев вукIиналъ лъималазда аскIов гIемер вукIунароан. Хадув эменги хун, эбелги унтун, вацгун яцалъе эбеллъиги эменлъиги гьабизе ккана гьелъ. ГIайшат гIемер ине ккана бетIербахъиялъе Краснодаралде, Ростовалде ва цогидал шагьаразде картошка, пер, хъарпуз бекьулел авлахъазда хIалтIизе.
Байбихьудасаго Багьавудинил лъимал ГIайшатиде ругьунлъана, эбелин абуна. Багьавудиние цоги васги гьавуна ГIайшатица. Гьанже талихIал эбел-эменгун, талихIаб хъизамалда ункъо вас гIолев вуго. ГIайшатилги эмен гьитIинго хваралъул, гьелда цIакъ лъикI бичIчIана лъималазул рекIел хIал. ГIайшатица жийго талихIай эбеллъун ва лъадилъун рикIкIуна. Ва гьеб талихI жеги гьарзалъилин, росгун цадахъ хIежалде ине бугеб анищ тIубаниян абула гьелъ.
ХIалтIи гьечIони, тIегьлъун ечIала
Блогерлъиялде, ай жиндирго гIумру социалияб гьиналдаса гIадамазда бихьизабизе, жиндаго лъалел пайдаял жал цогидаздаги рихьизаризе ГIайшатица гъоркьиса байбихьана.
«Кочубеялда ракъдаллъи букIана, гIемерисел боцIиги бачун мугIрузде яги цогидал хъутабазде унел рукIана. Дунги ана боцIиги бачун эбелалда аскIое, бетIергьанчийин абуни магIарухъе ана гIиги бачун. 10-ялдасаги цIикIкIун гIакаги, гьединго оцалги хьихьула дица. Гьениб дицаго боцIи хьихьулаго бахъараб кIиголъабго видео лъун букIана. ГIемерисезе цIакъ интерес ккана гьелъул. Дие кидаго бокьулаан видео, суратал рахъизе, гьел гьудул-гьалмагъзабазухъе ритIизе. Дица рахъулел видеоязухъ гIемерал гIадамалги ралагьилин, гьелъул кумекалдалъун гIарацги щвелин абураб пикруцин букIинчIо. Росдал гIумруялъухъ ралагьизе цIакъ бокьулеб буго гIадамазе. ГIемерал сообщениял хъван рачIуна. Азарго чиясда гьоркьоса цо-кIигояз цIехола дуца гьединаб захIматаб, бихьиназул хIалтIи щай гьабулебин, росас щай гьабуларебин абун. Чанго нухалда бицунги букIана дица гьезда, рос
ги хIалхьиялда тун гьабулеб гьечIин дица гьеб хIалтIиян. Дир рос ккола вехь, гьеб цIакъ захIматаб хIалтIи буго. ЦIадакьги, гIазукьги, лъелгоги гIияда вукIаго, гьесда гIезегIан гIакъуба бихьула. Россиялъул телевидениялдаса рачIун, передачагицин бахъун букIана гьезул хIалтIул хIакъалъулъ.
Цо-цояз цIехола шагьаралда гIумру гьабизе бокьиларищан. Лъималазе букIинеян абун шагьаралда мина бан буго нижеца. Гьениб гIумру гьабизе бокьилин ракIалдего кколаро. Цоги бакIалде гIумру гьабизе гочине ккани, дун росулъего ина. БоцIи-панз хьихьизеги хур-хералъул хIалтIи гьабизеги бокьула, гьеб гьечIого чIезеги кIоларо. Шагьаралде яхъани, ракъдаллъуда тIегь гIадин, ечIалин дунилан ккола ракIалде. Интернеталдасан дирго хIалтIи бихьизабулеблъи росасдаги лъала. Дица рахъарал видеоязухъги валагьула гьев. Дица щибгIаги бегьулареб жо гьабулеб гьечIелъул, гьес дир блогерлъиги гьукъуларо. ХIатта блогалъул кумекалдалъун, реклама лъуралъухъ дагьа-макъал гъурщалги
щола дие», - ян бицана ракIги рагьарай, яшавги берцинай ГIайшатица.