Щив кколев мугIалим? Гьев вуго букIинеселъе кьучI лъолев чи. Гьесда цере цIалулел лъимал руго нилъер букIинесеб! Пикру гьабуни, мугIалимасулалдаса кIвар бугеб хIалтIи лъилго гьечIо. МугIалимас жинда цере цIалулел лъималазе кьураб лъаялдаги тарбиялдаги бараб буго дунялалъул букIинесебги инсанияталъул къисматги. Лъидаха гьеб бичIчIулеб бугеб? Пачалихъалъ мугIалимасул гьабулеб къиматалъухъ балагьани, гьеб бичIчIулев чи къанагIат гурони гьечIо. Гьеле гьеб буго гьаб дунялалда квешлъиги, тIекълъиги, гIантлъиги, хIалихьалъиги, вахIшилъиги, хъантIиги гIемерлъиялъе гIилла.
Бищун цебе босани, мугIалим лъималаздеги дарсаздеги регIичIого вукIине, ургъун руго гьесие гIемерал тIадкъаял. МугIалимасе дарс кьезе шартIал чIезаризе тарал, гьесул кумекчагIилъун рукIине кколел завучал, директорзаби, методистал, инспекторал, консультантал лъугьун руго гьезул зулмучагIилъун, кумекалъул бакIалда, квалквал гьабулел чагIилъун. Гьезул тIадкъаяздаса хадуб, аслияб ишалъе мугIалимасул я заман, я рухI, я сахлъи хутIуларо. ГьабсагIаталда лъай кьеялъул идарабазда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьани, мугIалим дарсаздеги лъималаздеги регIизе виччангутIи бугин аслияб мурадилан кколеб буго.
Лъил мурад гьеб? Лъаларо! Амма хьул буго. Дунялалдаги пачалихъалдаги лъугьунел ругел лъугьа-бахъиназухъ балагьун, хьул буго Совет улкаялда букIараб ва гьеб биххун хадуб жакъа къоялде щвезегIан бугеб лъай кьеялъул системабиги дандеккун, кIиялъулго лъикIал рахъал росун, квешал тун, жакъа щиб гьабилебалиги лъалеб, гьелъ хадур кинаб хIасилалде рачинелалиги бичIчIулеб, мурадги якъинаб лъай кьеялъул гIуцIиялде нилъ рачIинилан. РачIинчIони,жакъа гlадин лъай ва тарбия кьеялъул ишги унеб бугони, гьелъ лъикIалде рачунаро.
Школалъ лъималазе тарбия кьезе кколарин ахIделаго анцI-анцI сонал индал, гьанже бичIчIун буго тIадчагIазда лъималазе школалда тарбия кьезе кколеблъи. ГьанжелъагIан лъица кьезе доб тун букIараб? Эбел-инсуда лъимал кида рихьулел? КIудиял эбел-эменгицин лъималазде регIунищ ругел? Чан чиясул йигей, лъималазда лъикIаб-квешабги малъун, рукъалъул тIалабги гьабун рокъой йикIине рес бугей кIодоэбел? Хасго шагьаразда.
Тарбия кьеялда цадахъго, Дагъистаналдаса тIагIинабуна «миллияб школа», ай цо мацIалда кIалъалел районазда байбихьул классазда рахьдал мацIазда дарсал кьей. Лъица, щай, сундуе гIолойилан хъвазе байбихьани, жакъа рагIа-ракьан батиялда щаклъи бугелъул, гьел суалал хадуселде тела. Киназдаго бичIчIулеб жо буго, гьелдаса нахъе росабалъгицин рахьдал мацI лъалел лъимал дагьлъараллъи ва гьединаб ахIвал-хIал къо бахъанагIан цlикlкlунеб букlин. Миллияб мацI лъаларел лъималазда тарихищ лъалеб, гьезие маданиятищ бокьулеб, адабиятищ цIалулеб, цIалун гьебищ бичIчIулеб? Жидерго кьалбаздаса тIураб, гIолохъанаб гIелалъе, щибги кьочIое босун, нилъеца тарбия кьезе бугеб? Тарбиялъул кIвар бичIчIарал чагIазда, тарбия кьезе аслияллъун кколел Дагъистаналъул рахьдал мацIазул, адабияталъул, маданияталъул ва тарихалъул дарсазул кIварги бичIчIизе ккеларищ?! Кинаб бакIалдаха нилъер школазда гьал предметазул дарсал ругел?!
Нилъее хутIараб жо буго хьул. Хьул буго гьаб рагъул-кьалул балагь хехго тIаса инилан, нилъер васал сах-саламатго тIадруссинилан. Хьул буго нилъер пачалихъ берцинаб гIумруялда цебетIолеб букIинилан. Хьул буго, цере риччарал гъалатIалги хIисабалде росун, лъай ва тарбия кьеялъул хIалтIи школазда лъикI гьабилин, жидер миллаталъул мацIги, тарихги, маданиятгун адабиятги лъаларел лъимал нилъер гIемер рукIинарилан. Хьул буго магIарул мацIалда хъвадарухъабаз, шагIирзабаз, гIалимзабаз нахъе тараб рухIияб бечелъиялдаса пайда босилин, гьелъул кьучIалда кьелин тарбия гIун бачIунеб гIелалъейилан. Хьул буго пачалихъалъул бутIрузда бичIчIилин пачалихъалда аслиял чагIи мугIалимзабиги гьезда цере цIалулел лъималги рукIин ва гьеб бакIалдасан гъалатI битIизабизе лъугьинилан!
МугIалим, цIалдохъан ва цIалул тIехь! Гьеле гьезда сверун кьурдилеб, гьезие хIалае чIун букIине ккола лъай кьеялъул системаго. Гьеб буго кьучI! ЛъикIав тохтур вахъинеги, лъикIав инженер вахъинеги, лъикIав космонавт вахъинеги, лъикIав агроном вахъинеги, лъикIав министр вахъинеги, лъикIав чи вахъинеги къваригIуна лъикIав МУГIАЛИМ! ЧIахъаги мугIалимзаби щибаб къоялъ, щибаб лахIзаталъ! ЦIалдохъабазул баркалабаз, тIадчагIазул тIалабаз, пачалихъалъул харжаз кIодо гьареги, кIудияб сабруги сахлъиги кьеги!
Гьалгощинал рагIабаздалъун абизе бокьун букIана: «Баркула, МУГIАЛИМ, дуда мугIалимасул къо!» — йилан.