«Гьудулзабазулгун накъит» абураб проект хIалтIизабизе байбихьана редакциялъ. Нижерго студиялда гьабураб щибаб гарачIвари газеталдасан цIализе гуребги, гьелъул видео «ХIакъикъаталъул» сайталдасан, Телеграм-каналалдасан бихьизеги рес буго нужер (hakikat.info, hakikat_gazeta).
Жакъасев гьоболлъун нижер гъанситохъ вуго МухIамад БисавгIалиев.
- МухIамад, тIоцебесеб иргаялда, баркула театралъул 88-абилеб сезон рагьи. Гьал къоязда букIараб «Кьурулъ хутIарав ГIали» драмаги цIакъ бокьана. Гьаб гIагараб заманалда магIарулал рохизаризе щиб хIадурулеб бугеб театралъ?
- Аваразул миллияб театралъ исанасеб сезон дагьаб цудунго рагьана. ХIисабалде босун буго магIарухъе гастролал гьаризе. Хунзахъа байбихьизе руго театралъул сапарал. Театралдаса рикIкIадаздаги бигьаго бичIчIулеб гIадатияб асарги бихьизабун байбихьана исанасеб хIалтIул сон. «Росулъ ккараб кепаб иш» буго хъвадарухъан, драматург ГIарип Расуловасул асаралда рекъон лъураб комедия. Гьеб бачIинахъего лъикI къабул гьабуна халкъалъ. Дица кидаго абулаан, театр букIине бегьуларин гIицIго релъарохизе унеб, рекIелгъеялъулаб бакIлъунилан. ХIукуматалъ театралъе гIарац биччалеб буго гьениб чиясе тарбия кьезе, сурараб сурун, гьунар, берцинлъи, кIодолъи бихьизабизе, гьелдаса наслабаз мисал босизе. Гьеб масъала букIиналда бан, бищун некIсияблъун магIарулаз рикIкIунеб «Кьурулъ хутIарав ГIали» баллада, драмаги гьабун, бачун буго нижеца репертуаралде. ХIусен Казиевас цIакъ берцинаб мацIалъул текст хIадурун лъуна гьеб сценаялда. Гьебго заманалда, театралъ пикру гьабичIого бегьуларо цIикIкIун зрителал жанире рачиналъул.
Репертуар цIигьабиялъул бицани, гьаб сезоналъул ахиралде ниж хIадурун руго ГIабасил МахIамадил тарихияб «Саба-Меседо» драма бихьизабизе. Дир бичIчIиялда рекъон, гьеб
асар буго магIарул драматургиялда бищун камилаб. НекIсияб, пасихIаб мацI ва литературияб рахъалъ камилаб букIин гуребги, гьениб лъун буго магIарулазул тарих. ГIурусазул «Слово о полку Игореве» гIадин, магIарул миллаталъул бищун некIсияб хъвай-хъвагIай буго ГIандуникI-нуцаласул васият. Тарихалдасан лъала ГIандуникIил цо яс йикIараблъи, хадуб нуцаллъи Булачханихъе щвейги. ГIабасил МахIамадил асаралда рекъон, жиндир цохIо йигей ясалде бугеб рокьиялда тIалъи босула, ГIандуникI-нуцалас жамгIияталда цебе жиндирго къадру, цIар цIуниялъ. Цоцалъа тIечIого нуцаллъиялъул ирс цIунизелъун, ригьин гьабулаго ханзабазул гурони би жубазе биччалареб гIадат букIана. Жиндир вацасул вас Булачхание ине инкар гьабурай яс гIунизе гIаздалаб ГIакаро магIарде йитIула ГIандуникIица. Архивалда, музеязда лъагIелалъ хIалтIун лъазабуна доб заманалда кинаб ретIел-хьит, ярагъ, тIагIел-гIучI букIарабали. РатIлил модельер Вера Агошкина гIадал, республикаялда бищунго лъикIалин рикIкIунел стилистал ва цогидал махщелчагIи рачун руго цIияб спектаклялъе хIажатаб хIадур гьабиялъе. «Саба-Меседо» сценаялда лъеялъе, сундулъго барахщичIого, хIажатабщинаб чIезабун буго. Исанасеб театралияб сезоналъ
«Саба-Меседо» магIарулазда бихьила.
— Гьеб кIудияб хIалтIи рагIалде бахъинабизе, гIемераб гIарац гуребги, къуватаб творчествоялъул хIалтIиги хIажалъула. Бугищ гьеб рахъалъ ракIчIей?
- Махщел камиллъиялъе гIорхъи гьечIин абула. «Саба-Меседо» нижеца сценаялда лъолеб буго цIакъ кIудияб хIалтIи ва гIемерал харжал тIад гьарун. ХутIараб, актеразул гьу
нар камиллъизаби, балагьулезе бокьулеблъун спектакль лъугьинаби – гьеб буго режиссерасул иш, гьесул бихьиялда ва бичIчIиялда бараб жо. Режиссер МухIамадгIарип Сурхатиловас «Саба-Меседо» гIицIго живго лъикIав лъугьун гурелъул лъолеб бугеб. Нижеца цадахъ пикру дандбан, жавабчилъиялда хIалтIулев вуго гьев. Дагъистаналъул театралиял махщелчагIазул пикруялда рекъон, цогидал миллиял театразда дандеккун, магIарул театралъул буго бищунго къуватаб актеразул къокъа. КIиабилеб къуватаб
рахъ, нилъер руго жидеца кассаялдеги ун, саялде ун, билетги босун, театралде рачIунел гIадамал. РукIуна постановкаби киналго шартIал гIуцIун лъурал, амма халкъалъе къабуллъичIого цо нухалъги бихьизабун тарал. БукIуна цо-цо гьелъул гIаксалдаги, гьалъги щиб кьелебин ккаралъги кьвагьи бахъинабула.
— Исана цIияб соналде лъураб музыкалияб программаялда бихьана, магIарул кучIдул ахIизе гуребги, миллиял кьурдабазеги актераз бахъулеб хIаракат. Цебеккун гьединаб гьунар халлъулароан театралда.
— ЦIияб соналъул программаги кIиабизе бихьизабулаго, миллаталъул махI цIикIкIинабиялда тIад хIалтIана ниж. Музыкалияб, хореографиялъул рахъалъ творческияб коллектив цебетIеялъе цIияв режиссерас чIаголъи гьабуна. Байбихьуда актерал рукIана гьеб бакIлъи цIцIазе бокьуларого. Гьезул гIарзал режиссерасе загьир гьаридал, музыкалиябгун драмаялъул театралъул актеразул кьурдуе тIадагьлъиги, бакъан биччазе гьунарги букIине кколин бичIчIизабуна Сурхатиловас. Гьелдаса жалго актерал разиго руго гьанже.
— ГIицIго Авар театралъулги бицун, хъвадарулев чи хIисабалда суалго кьечIого, мун виччазе рес гьечIо. «Дир цогидаб кодолъи - кучIдул, поэмаби. Дир черновикал. Балагьизе БисавгIалиевасда гьаре гьенир бегьулел пикраби хутIун ратани». Гьадин хъван буго Расул ХIамзатовас жиндирго васияталда. ШагIирасул 100 сонилаб юбилеялде щибго хIадуричIого чIун ватунгутIи хIакъаб буго.
— Расул ХIамзатовасул васияталда хурхун, кагътиде росун тарал гъосул хъвай-хъвагIаял дихъе щвечIолъиялъул бицун нилъеца гьабураб гара-чIвари «ХIакъикъаталда» бахъун букIана, шагIир камун хадусел соназго. Расулица васияталда рихьизарурал асарал дидаго рекIехъе лъалаан. ТIоцебе гъоб васият букIин лъараб мехалда, пикру букIана, Расул ХIамзатовасул асарал гьел рукIинги чIезабун, щибаб асаралъул паспортги гьабун (текстологическая экспертизаян абулеб гIелмияб тIалаб букIуна), щибаб асаралъе литературоведческиял баяналги кьун, хасаб тIехь биччалин.
Гьелдаса гIемерал соналги ана, гъол текстал дихъе щвечIо. СССР биххаралдаса переводческияб школа биххун, Расулил ахирал соназул асарал гIурус ва цогидал переводчиказухъе щвечIо. ХIатта, гъов чIаго вугеб мехалъ бахъараб «Киниги гъанситоги» буссинабун гьечIо жеги гIурус мацIалде. Дир хIукму ккана, дидаго ракIалда ругеб къагIидаялъ, гьагъал, васияталда рехсарал асарал цойиде ракIарун, гьезул подстрочникал гьаризе. ГIурус мацIалъ цIалулезе гьел асаразулъ Расул рагьиялъе букIине, профессионалиял переводчиказ хадуб художествиябгун поэтикияб перевод гьабизе бегьилин гьездаса.
Гьабуна дица гьеб тIехь. Лъабгоункъо батIиял вариантал рукIана дол, Расулица дие цIаларал «Нухалги мехалги», «ЧIегIераб ящик», «Кавказ», «ПатIимат» асаразул. Гьел киналго
дида ракIалдасан лъала. Цереккун басмаялда рахъарал гьел асаразулъ гIезегIанго гъалатIал, такрарлъаби руго. Гьел рихьизарунги кьуна баянал. Цоги, жамгIиял гьиназда, масала, Фейсбукалда хадуб халкколезда бихьун букIун батила, «Расулихъе кагътал» абураб цо проект букIана дир доба. Гьагъаб проектги бачана тIехьалда жанибе. Дица гъосухъе хъвалел кагътазулъ, тIоцебесеб иргаялда, Расул рагьулев вуго гIадан хIисабалдаги, поэт хIисабалдаги, поэзиялда художник, философ, лирик, гражданин хIисабалдаги. Дица рехсанщинаб данде бакIаридал, гIезегIан саламатаб тIехь лъугьана. Басмаялда бахъизе хIадурун буго. Гьеб ишалъулъ дие гIакълучилъун вугин абизе бегьула гIалимчи Гьарадерихъа МухIамад МухIамадов. Жив мацIалъул гIалимчи вугониги, литератураялъул лъикIаб бичIчIи бугев чи вуго гьев. Дицаго хъвалел цоцо жал гьесда дандрала,
мацIалда хурхарал суалазулъ кумек букIуна МухIамадил рахъалдасан.