НекIсияб ЧIурмутIалда «гардан чIвай», гьенгеруял ва «гвеш къачарал» («Балъгояб даптар»)

 

ЧIурмуталда халатал хасалил сардаз гьабизе жо тIагIарал чагIаз, рекIелгъеялъе, кеп-гIоркьалъе ургъарал цо-цо гIадатал рукIана. Гьединал гIадатаздасан цояблъун ккола «гвеш къачарал» (абуледухъ литературияб мацIалде буссинабуни – квеш къачIарал) – хохорал магIнаялда. Щибаб росулъ гьеб гIадаталъул жиде-жидер хаслъаби руго. Нижер росулъ хасалил сардаз рокъо-рокъоре рачIунел ратани, Къамилухъ ва Гъенеколоб гьез бертабалъ гIадамазе рекIелгъей гьабула. Гьурмада маскагун ва хасаб ретIелгун гьел бахIаразда цадахъ рахъуна кьурдул горсверуде. ЦIарги буго гьениб гьезда батIияб — «гьенгеруял» – рекъал абураб магIна батилин ккола.

 

— Дида гьезул магIнаго батилин кколаро, гьадинго ракI гъоларел чагIаз ургъарал жал ратила…, — ян абуна дица инсуда, кинаб букIаниги хабар гьес бицинародаян.

 

— Гьадинго щибниги букIунаро. ГIадатазул магIна букIинчIебани, наслабаз наслабахъе кьун, гьел нилъехъе щолароан. Батула гьениб цо нилъ хадур гIунтIулареб бахчараб магIна. Гьеб балагьи буго этнографазулги историказулги хIалтIи. Нилъер, гъоркьилял ЧIурмутIалъул росабалъги букIана гьеб гIадат, рахъунаан нилъер «гвеш къачарал» бахIаралгун кьурдизе. Нилъераз гьанже тун бугоха, Къамилухъ жеги цIунун буго, — ян абуна инсуца ва хадубго цун:

 

— Мун Гъенеколоб яги Къамилухъ берталъ вукIанищ? — илан цIехана.

 

— Къамилухъ вукIана цо нухалъ. Дида гьениб «гардан чIвай» (хонжроца гьанал кусок къотIулеб) гIадат бихьана, — ян жаваб кьуна дица. Ва гьеб ракIалдещвеязул сураталъ чанго гIасруялъул гъварилъуде, некIо заманалде вачун вукIана дун тIоцебе Къамилухъ «гардан чIвай» бихьарабго.

Зурма-къолол гьаракь. БахIарасул рахъалдаса цо залимав чи вачIана цеве, гъежда кIудияб куялъул къулагIиги лъун. Гьеб букIуна бахIаралъул рахъалдаса рачIарал чагIазе сайгъат. БахIаралъул рахъалдаса бищунго къуватав гIолохъанчияс, цо кьабараб ханжаралъ гьеб къулагIиялъул лагъигьодидаса цебехун хутIараб габуралъул рахъ тIезабизе кколаан. Гьеб кинабго унеб букIана гIадаталда рекъон бачунеб зурма-къолол бакъаналда гъоркь. ГIезегIан махщел, къуват ва сихIирлъи хIалтIизабизе ккола, букIине кколеб къагIидаялъ гьеб габур тIезабизе ккани. Кьабулесул масъала буго цо ханжар кьабун габур тIезаби, къулагIи ккурасул масъала буго, кьабулаго гIодобе биччан, кодобе босун, щиб гьабунги кьаби тамах гьабун, гьеб тIечIого хутIи. ГьитIинабниги гъалатI къулагIи ккурав чиясул ккани, къотIун уна габуралъул рахъалдаса гьан, гьеб буго бахIарасул рахъ къураб ва бахIаралъул рахъалдаса рачIараз тIалаб гьарурал шартIал тIуразе ккей, гьезие хIурмат гьабизе тIамулеб къагIида. КъулагIи кквезе ва ханжар кьабулев гуккизе махщел бугев чи бахIарасул рахъалдаса ккани, тIубан къотIичIого хутIула. Гьеб буго бахIарсул рахъ бергьиналъул гIаламат.

 

РекIелгъеялъе ва ихтилат-кепалъе ургъараб жо гьабулаго, мурадалде щвечIеб рахъалда щай гьеб гьедигIан цIакъ квеш букIунебали бицине къамилухъезда лъачIо.

КъулагIидул габур бахIаралъул чагIаз тIезабуни, бахIарасул чагIазда гьеб кутакалда квеш букIуна ва гьезде рагIад рехула. БахIаралъул чагIазе гьез тIадегIанаб адаб-хIурматги гьабизе ккола ва бертин лъугIизегIан гьезул гогьдариги, мекъдариги, барщариги хIехьон, гьезие бокьанщинаб гьабизе ккола.

 

Дун вукIарав берталъ бахIарай ЛъаратIа-райцентралдаса ячун йикIана Къамилухъе. БахIаралъул чагIазда тIоцебе бихьулеб букIана гьеб гIадат ва гарбал тIезариялъул хIалбихьиги букIинчIо гьезул.

Бергьарал къамилухъел баччун къулагIигун кIанцIана горсверуде кьурдизе. Гьеб букIана балагьарал гIажаиблъизарулеб сурат. МоцIрол канлъухъе къалъараб сверухълъи, ракарал цIаял, жанибе тIубанго къулагIи рехулел, кIудиял, лахIчIегIерал росдал хьагал, махщалида белъараб гьанаде цIам щвалев богогьан… ЦIаялгун хьагаздаса рикIкIада гьечIого къолохъан ва зурмихъан. Рорхатал васазулги чергесал ясазулги некIсияб, ЧIурмутIалда гуреб цойгидаб бакIалда лъиданиги бихьизе рес гьечIеб, умумузул кьурди…

Басрияб росдал къваридал къватIалчIван сардилъ, берталъа гьоболасул рокъове вачIунев вукIана дун. Гвангъараб моцIроца бакъуца гIадин къалъизабун букIана къватIазул цояб рахъ. РагIад рехараб рахъалда цIакъ бецIго букIана. Къамилухъ росу буго кIиго гIор жубалеб бакIалда. ГIурул сасалъги, рикIкIадасан рагIулеб зурма-къолол гьаракьалъги тIабигIаталъул ва гIумрудул гIажаибаб орекстр лъугьинабун букIана. Гьеб цIакъ цоцалъ рекъон, берцингоги букIана.

Дица гIемераб пикру гьабуна гьадаб «гардан чIвай» (габур тIезаби) гIадаталда тIад. Щиб магIна гьадалъул букIине кколеб? Лъица ва щиб мурадгун ургъараб? Къуразда щай доб додигIан квеш букIунеб? ГIемерал суалал хутIана…

 

— ХIинкъи бугеб пишаха доб. Хасго гьекъонги ругони… ГIадлу гьечIеб гIадамазул руккел бакьулъ кодоб ханжаргун чи. КъулагIи ккурасул квералда яги хIатIида ханжар щварал лъугьа-бахъиналги рукIана гIезегIан, — ян бицунеб букIана чанго соналъ, гIолохъанаб мехалда Къамилухъ школалъул директорлъун хIалтIун вукIарав инсуца.

 

— Щиб магIнаха гьелъул букIине кколеб? — ян гьикъана дица цо кинаб букIангиги жаваб щвелародаян.

 

— РачIаха ургъизе. БахIарасул чагIаз бачIунеб буго цо кьабараб ханжаралъ кинго габур тIезабун бажаруларебгIан кIудияб куй. Гьелъ бахIаралъул чагIазда бицунеб буго бахIарасул рахъ рес бугел, бечедал чагIи рукIин. БахIаралъул чагIаз гьеб габур тIезабуни – гьелъги абулеб буго, нижги гьадингоял чагIи гурин, бахIарай бахIарчилъи-къуват ва къадру-къимат бугеб тухумалъул яс йигин. Дида гьедин бичIчIулеб буго, батIияб магIнаги батизе бегьула ,- ян абулеб буго инсуца.

 

Гьедин батизеги бегьула, батичIого букIине бегьулаян пикрабалъ вуго дунги.

 

 Сурат босана гьаниса: http://salataviya.ru