Мариза МухIамадова ккола ИЯЛИялъул гIелмияй хIалтIухъан. Гьей йикIана гIемераб заманаялъ Фазу ГIалиевалъул кумекчIужулъунги. ШагIиралъул гIумруялъул ахирисел къоязде щвезегIан гьелда аскIоса камичIей, жийго Фазуца жиндирго рекIел тахида тIадегIанаб бакI кьурай Маризахъе гьоболлъухъе щвана ниж ва хабар ккана, шагIир Фазул гуреб, Фазу чIужугIаданалъул хIакъалъулъ — Мариза, тIоцебе Фазу ГIалиевалъулгун лъай-хъвай кин ккараб? — Нижер...

