Маданияталъул къоги къатIипадул хъабалоги къого соналдасан

21 октябрь – Дагъистаналъул маданияталъулги мацIазулги къо


2036 сон, октябрь. Хунзахъ тIалъиялда цо росулъ.

— Чан сонгIаги, яц, ватIаналде щвечIого бан букIараб, гьеб хIалалъ гIажаиблъи гьабизе? Гьанже ниж гьадин ругоха. 2016 соналъ гьадав хIалчIахъад ГIабдулатIиповас 21 октябрь Дагъистаналъул маданияталъулги мацIазулги къолъун букIине бугилан лъазабуралдаса хиса- басун лъуна кинабго. ГIажаибго цIодораб гIолохъанаб гIелги букIун буго нилъер. Аллагьас кантIизарунги ратиларищха. Бугеб хIалалъ тани, нилъ лъикIалде унел гьечIеблъиги бичIчIун, ку- такалда гIакъилал умумул нилъер рукIинги хIисабалде босун, гьез ирсалъе тараб лъикIабщинаб цIунизе хIукму гьабуна гьез. Гьелдаса нахъе, яц, нилъер школазда байбихьул классазда киналго дарсал авар мацIалда кьола. Школалда дарсал нилъерго мацIалда ругеб мехалъ, ясли-ахаздаги батIияб мацIищха би- цинеб. Гьанже лъималазда школалда дарсал ричIчIиларилан ургъел гьечIелъул, улбулги па- рахат магIарулалъ кIалъала. ГIажаибаб жо – гIурус мацIгиха эл лъималазда дагьабги лъикI лъан батулеб. Доб телефон, интернет, телевизор, мультик кибего ун гьечIелъул. КIиго-лъабго мацI лъалел чагIи, цо гурони лъаларездаса цIодорал рукIунилан гIалимзабаз абуралда божулароан, берда бихьулеб буго. Гьанжесел цIалдохъабаз доб ОГЭ-ЕГЭ 80 баллалдаса гIодобе кьоларо. 100 босулелги санайил камуларо.

 

— Вай, бетIергьанчихвад ЕГЭ жеги чIагойищ, яц, бугеб?

 

— Доб дуда лъалеб ЕГЭялда релълъараб жоцин хутIун гьечIо. Гьанже гьеб буго лъималазул лъайги борцунеб, гьезул напсги гIодобегIан гьабулареб, гIумруялъ гьезие дарс кьолел рукIарал мугIалимзабаз школалдаго босулеб экзамен. Чара гьечIого гьединабго экзамен рахьдал мацIалъулги кьезе ккола. Гьеб кьоларел, авар мацI лъаларел, гьеб лъачIониги бегьулилан ракIалде кколел лъималги рукIунаро, гьединаб мекъаб пикруялъул улбулги тIагIана, яц, араб бакI лъачIого. Гьадаб 21 октябралъул баракатха…

 

— РакIалда бугищ, гьитIинаб мехалъго лъалаан нилъеда гьеб октябрь баракатаб моцI букIин. «ОктябрьгIан берцинаб моцIги дида лъаларо, МацIалда гьоцIо хъвала гьелъул цIар бахъарабго», — йилан рукIунароанищ?

 

— Унха, йо. ГIажаибаб жо. Балъго-щайихал рукIун руго нилъ. Чан гIажаиблъи гьабизе ккарабгиха аб дунялалда бугеб…

— Жакъа байрамищ гьадаб школалда бугебали, цIалдохъаби ругоан цоцазда релълъараб, цIакъ бер- цинаб умумузул ретIелги ретIун.

 

— Кинаб байрам, яц, букIунеб, гьанже школалъул форма буго гьеб. Байрамкъоялъ дагьалги берцин рукIуна. Чухъа ретIингун васазулъ букIунеб къамартIиги, хъабалодулъ ясазул недегьлъиги бихьизе лъикIан дуда…
Хамиз къоялъ дарсаздаса хадур, ретIун кьер-кьерал хъабалабигун, чIван симис халатал шалалгун, гIертIалги рукьалда ран ясал уна ДорехIали иццухъе лъел цIезе. Гьанже гIадат буго гьединаб. МугIалималъ иццухъ ясазе, ретIа-къаялъул, рукIа-рахъиналъул, яхI-намусалъул, адаб-хIурматалъул дарсал кьола. Кьурди-хъатги кечI-бакъанги камуларо.
Гьебго къоялъ васазул чуял тIамиги букIуна ГIалагIарт май- даналда. Чухъаги ретIун, рачелги борчун, чоде вас вахунаго эбелалъул ракI киндай тварххелеб букIунебилан йикIуна дун кидаго. Дирго ясал гурони гьечIелъул. Парпазабулаго хъахIаб шалгун, баччун гIеретIгун, ДорехIалиса тIаде яс ячIунаго дирго букIунеб гIадин букIунеб батиларищха…

 

— Вай, гьебищ, яц, доб букIараб. Росулъеги щун машинаялъуса гъоркье рещтIана… Доре- хIалисахун буго цо гIажаибго берцинаб ясазул тIел бачIинеб. Кьер-кьерал хъабалабиги руго, хъахIал шалалгун гормендабиги руго, паркъелел гIертIалги руго…
Гьезухъ ялагьун хаган йикIаго, гинчадерил рахъалдасан бугоха рекIаразул тIел бачIунеб. Вай, цо гьезул ратIлил берцинлъи, чакмабазул цIваки, чорхол рекъей. Чуялгиха ккун чIезаризе кIоларого… Кино бахъулел чагIигIаги рачIун ратилин йикIана.
Цо нухалъ бихьунилан гьадин асар гьабулеб, щибаб анкьил гIадаталъ гIадамазул пикруго хи- сизабун батила умумуз нилъее ирсалъе тараб рухIияб бечелъиялде.

 

— Бугоха, яц. Гьанже нилъер чагIаз байрамалде яги берталъе нилъерго миллияб ретIел гурони ретIунаро. КечI-бакъанги кьурди-хъатги цин нилъерго букIуна, хадуб цогидазулги биччала. Данде кквезе жоги къваригIунелъулха…
Гьеб бицуней йиго мун, Гьанже щар чIвалеб дадги давагьинги кьечIого яс рукъалде кьоларо. Гьелдаго цадахъ тIанса-салмагги, гIеретI-гулгунги… ТIубанго гьечIониги, цо рукъгIаги умумузул къагIидаялъ къачIачIеб минаги букIунаро.

 

— Дун бахIараб заманаялъ, цониги чиясул рокъоб гIеретI яги дад бихьани, дозул рокъоб музей буги- лан абулаан.

 

— КъанагIатаб жо музей букIинарищха. Гьанжени гьеб музей гуро. Гьанже гIумруги яшавги буго гьадинаб: нилъер умумузул букIарабги цIунараб, цIиябги ккураб. ТIанса-салмагазул артелалда 120 чи хIалтIулев вуго, театрал рихьизарулел, жамагIаталъе тарбия кьолел клубалъул чагIи руго, кинабалиго федералияб проектилан, росабалъ нухал, паркал, хIорал къачIалел бега- вулзаби руго, жамагIат битIараб
нухде ккезабулел дибирзаби руго, къватIахъ игIланал магIарулги гIурусги мацIазда чIван руго. ГIолохъаби росулъго чIолел руго, доб цIар рагIараб гьобоги хIалтIулеб буго. Колхозалъул хурзабахъ бугIа-ролъ барщун буго, картошка бакIаризе росуго бахъун буго, росдал хьагазда гъоркьа цIа камураб къо гьечIо, росулъ, ЧIанкIал цIаралда, фонтангун парк бан буго. ГIодоб ккураб плитаялъухъ ралагьидал, давагьинин ккун, тIаса хьитал рахъизе гьесула гIемерисел…

 

Гьеб кинабго буго гьадаб 20 соналъ цебе 21 октябралъ лъазабураб Дагъистаналъул мада- нияталъулги рахьдал мацIазулги къоялъул къуват. КидагIаги, яц, доб бугеб, цIакъ хIурматалда тIобитIулин гьеб байрам ТIалъиялъго.

 

— Цо-кIиго къоялдасан.

 

— Вууу гьай, ана дун хIадуризе! Вацап группаялдасан лъазабизе ккола киназдаго, коралги ракун, росдаего метер гьуинал чадал режеян. Мунги байрамкъоялъ ЧIанкIал паркалде ячIа. КIудияб хъазниб гьабураб пулавги кваназе, гьуинал чадалгун гIечул компотги гьекъезе, гьант битIун магIарул мацIалъухъги гIенеккизе. Бахъухъги букIинарищха… Гьеб мехалъ бихьила дуда нилъер умумул кинал чагIи рукIаралали. Дида букIине буго гIурччинаб къатIипадул хъабалоги, симис халатаб хъахIаб хараги. Нагагь дуда дун лъачIонигиян бицун толеб буго.

 

— ДитIа?!

 

— Мун гьаб нухалъ туристилан тела.

 

Сурат босана гьаниса: https://gazetaingush.ru