«Щив чи вугониги ракI разиго, кири щвезе букIиналда ракIги чIун, Аллагь разилъиялъул мурадалда къурбан хъурав, гьев чиясе гьеб жужахIалда цебе пардавлъун чIола». (ХIадис бицана ГIали-асхIабил вас ХIасанидасан). Къурбан байрам ккола исламалда бищунго кIвар бугеблъун. Къурбан къоялъул адабал кинха цIунизе кколел? Кинаб пайда нилъее гьеб суннат тIобитIиялдалъун щолеб? Гьелъул бициналде ракIалде щвезабилин байрамалде хIадурлъулаго...
