Хадур ралагьун тана эбелги лъабго лъимерги…

 
Гумбет районалдаса жидеего бокьун кIиго мугIалим хIалтIизе ана Запорожский областалъул Мелитополь шагьаралде. 
 
Гьезул цояй, Аргъвани росдал школалда гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун хlалтlулей йикlарай Заира Пахрудиновалъулгун бухьен гьабуна нижеца.
 
 
 
— Дун йикIана «Каскад» абураб лъималзул лагералда хIалтIулей. Августалда, гьений хIалтIулеб заманалда, Ватцапалда бугеб учительзабазул къокъаялде рехун бачIана республикаялъул Лъай кьеялъ­ул министерствоялъ гьабураб лъазаби. Украинаялде хIалтIизе ине бокьарав чи ватани, гьес гьаб таблица цIезабеян абураб. ГIемер ургъичIого цIезабуна дицаги гьеб ва министерство­ялде битIана. Чанго къоялда­сан ахIун бачIана мун хIадур йигищин къватIие яхъиней­ин абун. ТIубанго ракIчIун йикIинчIониги, йигин, жакъа бокьанигиян жаваб кьуна ди­цаги. Бахчиларо, диеги ургъел букIана, лъалаан доба рагъ букIинги, лъалеб букIана кие дун уней йигеялиги. Амма дица таваккал тIамуна. Лъабго лъи­малги руго дир, херай эбелгийиго. Гьелдаги лъалаан доба рагъ букIин. Дун дое инехъин йикIин лъайдал, ургъел чIван лъугьинарищха гьейги. Эбелалъул вацасда кIвана гьей мукIур гьайизе. 
 
 
29 сентябралда рахъана ниж МахIачхъалаялдаcа къватIире. Дунги малъун жеги лъабго чIужугIаданги чанго бихьин­чиги вукIана нижер. 30 сентябралда гIорхъоде щведал, доб рахъалда ругел, риххун, тIатIала ккарал чIвадназухъги балагьун, цадахъ рукIарал бихьиназ абу­на, нужее жеги кватIун гьечIин инкар гьабизе, нахъруссине рес бугилан. Амма нужее кка­раб ккелинги абун, таваккалги тIамун, ана ниж Запорожский областалде.
Ургъел букIана киндай ни­жеда дандчIвай гьабила, щиб­дай ккелаян абураб. Рокъор тарал гIагаразулги букIинарищха гьединабго ургъел. Амма цIакъ лъикI къабул гьаруна ниж гье­зул Лъай кьеялъул департамен­талъ. 
Цебесеб къоялъ гIорхъоде щведал, эбелалдеги кIалъан, дица абуна: «Гьанже бухьенги къотIулин, щолелъуе щварайго дунго кIалъалин, ургъел гьабуге», ­- ян. 
Нахъисеб къоялъ, департа­менталда йикIаго, кIалъана эбелалъухъе. Дун гьание щваралдаса на­хъе аскIобго гIадин рагIулеб букIана кьвагьулеб гIарададул сасги. Расги лъикIаб хIал букIинчIо. «Дие щай букIараб гьание ячIин?» абураб суал чан­го нухалъ кьуна диего. Амма гIадан сундего ругьун­лъулелъул, дунги ругьунлъун ккана. 
 
 
Мелитополь шагьаралъул школалъул коллективалъ дун лъикI къабул гьаюна, лъимал­ги диде хехго ругьунлъана. Му­гIалимзабазул къоялде гIемерал сайгъаталги рачIана. Жидеда нужер «Лезгинка» кьурди ма­лъейиланги рачIуна аскIоре. 
Гьединал, ракIжубарал чагIи руго школлъималги учительза­биги.
ЗахIмалъаби дандчIвагоги хутIичIо. Школалъул гIемераб программа тIагIун батана бада­-гъудур ккаралдаса. Амма цо­цалъ рекъон хIалтIун, ракIалги бащад гьарун рукIиналъ нижеда захIмалъаби къезаризе кIвана», -­ ян бицана Заира Пахрудиновалъ.
 
 
Аргъваниса Заира гьение ун йикIин лъайдал, Мелитополь шагьаралде вачIун вуго гьелъ­улго росуцояв, гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалим Загьирбег Салимовги.