АхIмадил МухIамад, МахIмудил тIармил ТIадегIанал чIваби хъвалищ кIиязго. Дихъа бажаричIеб дуда кIванани, Дица дуй кIудияб рохел гьабила. Гьедин хъвана кIудияв шагIир ХIамзатил Расулица, жеги гIолохъанав шагIир гьанжего гьанже АхIмадил МухIамадилгун лъай-хъвай ккараб мехалъ. Гьанисан байбихьана АхIмадовасул шагIирлъиялъул нух. 13 ноябралда гьесул гIумруялъул тIубалаан 68 сон. БачIунеб итни къоялъ, Аллагьас хъван батани, Поэзиялъул театралда ракIалде...





