«Нилъ дагъистаниял — цо халкъ»

КIиабилеб ноябралда МахIачхъалаялъул «Гьудуллъиялъул рокъоб» тIобитIана «Миллатазда гьоркьоб ракълие ва разилъиялъе гlоло» абураб конференция. Гьенир гlахьаллъана ДРялъул бетlер Сергей Меликов, ДРялъул муфти, шайих Ахlмадапанди Гlабдулаев, жамгIиял хIаракатчагIи, рухIиял церехъаби, батIи-батIиял идарабазул вакилзаби, гIолилал ва журналистал. Аэропорталда ккараб лъугьа-бахъиналъ жамгIияталда гьоркьоб ургъел чIвазабун буго, гьелда тIасан суалалги гIемер руго. Конференциялъул гIахьалчагIазул рахIатхвезабун бугоан, гьеб лъугьа-бахъиналъ миллатазда ва диназда гьоркьоб бугеб ракълие ва разилъиялъе зарал гьабилин абун. Палестинаялъе кумек гьабизе бокьараз ракъли­ лал акциял дандги ран, законалда рекъон, тIоритIани лъикI букIинин абуна республикаялъул бетIерас. Къварилъиялда ругезе квербакъизе Муфтиятгун ва гурхIел-рахIмуялъул фондалгун хIалтIизе бегьилин тIадеги жубана гьес.

Аэропорталда ккараб гъалмагъиралъулъ гIахьаллъаразе кинаб тамихI букIине бугебалиги бицана республикаялъул бетIерас:

«ГIайибиязе кколеб тамихI гьа- бизе буго. Гьениве тохлъукьего ва ургъел, хIисаб гьабичIого ккарасе рес кьезе ккола гьединаб пиша тIокIаб такрар гьабичIого тезе ва гьабуралъул хIисаб гьабизе». ДРялъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас киназдего хитIаб гьабуна: «Нуж рукIунге сверухъ бугелъул ургъел гьечIеллъун. Жакъа кколеб бугеб жо нужеда хъвазе гьечIин ракIалде ккоге. Нужерго лъималгун кIалъай. Митингаз лъикIалде рачунаро», — ян.

Муфтияс лъикIаблъун рикIкIунеб буго аэропортал- да ккараб гъалмагъиралъулъ гIадамал сабруялде ахIаралъухъ ДРялъул гIолилазул ишазул министр Камил СагIидовасеги миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовасеги шапакъатал кьезе. «Лъие букIаниги нилъ рикьрикьизаризе бокьаниги, гьезухъа гьеб бажаризе гьечIо. Щайгурелъул нилъ руго цогояб халкъ, нилъ руго дагъистаниял.

Кинал- го миллатаздехун, тIолалго диназдехун лъикIаб бербалагьиги буго нилъер, щайгурелъул гье- динаб амру гьабун букIана нилъеде МухIаммад аварагас (с.гI.в.). Нилъеца улкаялъул президентасулги рахъ ккола, щайгурелъул гьес тIолабго дунялалъул бусурбабазул рахъ кколелъул», — ан абуна АхIмад-апанди ГIабдулаевас.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА