Темирхан ХIасанов, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор Жакъа Палестинаялъул ракьалда бугеб ахIвал-хIалалъ ва гьенир унел ругел вахIшиял лъугьа-бахъиназ рахIатхвезабун буго дунялалъулго махлукъаталъул. ГIисинал-чIахIиязухъ балагьичIого гъурулеб буго халкъ. Гьениб бугеб зулму чIезабеян ахIи барал данделъаби тIоритIулел руго гIемерал пачалихъазда. ХIатта цо-цо жугьутIазул къокъабицин къватIире рахъунел руго рагъ лъугIизабеян. Муъминзабазул ярагъ — дугIа бугин абулелъул, гъурулеб бугеб динцояб агьлу...






