Дунялалъул лъугьа-бахъинал: Дагъистаналъе дарсал

Гьаб буго дунялалъулго политикияб гIумруялъулъ гIемерго кIвар цIикIкIарал лъугьа-бахъинал ккараб сон. Цо чанго улкаялда (Франция, Германия, Великобритания, Индия) рукIана рищиял. Лъалеб букIахъе, рищиязул хIасилаз кIудияб хиса-баси ккезабула пачалихъазул политикияб ва экономикияб гIумруялъулъ.

Гьелдаго цадахъ дунялалда кколел руго гIемерал тунка-гIусиял, рагъ-кьалалъул хIужаби. Гьаб соналда гьединал кьалул лъугьа-бахъиназ кверщел гьабуна ГIагараб Бакъбаккуда, Африкаялда ва Азиялда. Граждан рагъазде рачиналде гIунтIун, гIазаб кьуна гьенир ругел гIадамазе.

 

Халкъалъе буго зарал

2011 соналда байбихьараб граждан рагъ Сириялда жегиги къотIун гьечIо. Гьелъ улкаялда жаниб кIудияб бихха-хочиги гьабулеб буго.

ЛъикIаб ахIал-хIал гьечIо гIараб мухъалъул бищунго мискинаб пачалихъ Йеменалда. Гьениб граждан рагъ байбихьана 2014 соналда, амма жеги гIодобе буссун гьечIо гьеб. ГIадамазул гIумру гьабиялъул гIодобе ккараб даража, ракъи, зулмухIал гьаби ва унтаби тIиритIи – гьел руго гьеб халкъалъул гIумруялъул аслиял рахъал. Гьединалго гIемерал гIунгутIаби руго Африкаялъул Сомалиялда, Ливиялда ва Суданалда.

2022 соналда Россиялъул аскарал Гъарабагъалдаса нахъе рачун, Украинаялъул фронталде ритIарабго, Азербайжан Эрмениязул шагьаразде нахъеги тIаде кIанцIана ва дагьабги хIалуцинабуна гьениб букIараб ахIвал-хIал. Кин бугониги, Россия гьоркьобе лъугьиналдалъун ахир лъезе бажарана гьел пачалихъазда гьоркьоб букIараб лъугIел гьечIеб тунка-гIусиялъе.

Украинаялда граждан рагъ байбихьана 2014 соналда. Жакъа къоялде хIукумат-пачалихъин абизе бакI гьениб хутIун гьечIо, кинабго биххун, бичун лъугIун буго. Жакъа Украинаялъул 80 процент ракьалъул бетIергьаби руго Америка, Польша ва цогидалги улкаби.

Гьеб киналъго кIудияб заралияб асар гьабулеб буго жакъа дунялалда хIинкъигьечIолъи цIуниялъе. Гьединлъидал дунялалъулго улкабазул рахIатхвезабун буго Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб бугеб питнаялъ. Гьеб рикIкIунеб буго гьаб заманалъул рагъ-кьалазул халатаб сияхIалда бищунго кIвар цIикIкIараблъун ва хIинкъи бугеблъун. Гьел лъикIал гурел гьоркьорлъаби дагьалги квешаб ахIвалхIалалде сверана гьаб соналъул байбихьудасан. Москваялъ гIайиб гьабулеб буго Вашингтоналде ва НАТОялде.

 

Америкаялда ратула кьалбал

Гьел рехсарал рагъазул, тункагIусиязул халгьабураб мехалда пикру бачIунеб буго цо-цо гьадинал хIасилал гьаризе:

Цо бугони, рагъ-кьалалъе, тункагIусиязе гIиллалъун кколеб гьечIо (кигIан нилъеда гьедин батилин кканиги) халкъалъ хIалтIизабулеб дин;

КIиабизе бугони, халкъал цоцалъ рангутIиялъе кигIан дагьабниги кумек, асар гьабулеб гьечIо гьез цебеккун цадахъаб гIумруялда гIемерал сонал ран рукIиналъ;

Лъабабизе бугони, халкъал, гIадамал цоцалъ разаризе кIудияб хIаракат бахъулеб буго улка-ракьалъул, халкъазул ургъел гьечIел, гIицIго жиде-жидер гIумру лъикI гьабизе бокьарал гIарац кодоб бугел, амма намус тIагIарал политиказ;

Ункъабизе бугони, кинаб улкаялда рагъ-кьал, тунка-гIуси кканиги, гьелъул кьалбал ратула я Америкаялда, ялъуни Англиялда.

 

Кинабго лъикI бугинги абун нилъ чIезе бегьуларо

РачIинин Дагъистаналъул хIакъикъаталде. Дунялалда кколел ругел гьел лъугьа-бахъиназул, гьел кигIан нилъедаса рикIкIад ругониги, руго нилъеца хIисабалде росизе кколел рахъалги. Дица тIадехун рехсараб кIиабилеб гIиллаялъ нилъ дагьалго ургъизе тIамулел руго. Щайгурелъул нилъералдасаги гIемерал соназ цо ракьалда цадахъ гIумру гьабун рукIарал, тIадежоялъе цого миллаталъул гIадамазда гьоркьоб бижулеб буго жахIда-хIусуд, кколел буго дагIба-рагIи ва тунка-гIусиял. Нилъерин абуни республикаялда гIумру гьабулеб буго гIемерал миллатаз. Гьединлъидал нилъер гьанибги гIадамазда гьоркьор гьединал цоцада ричIчIунгутIиял ккани, гьелъ расги лъикIаб хIасил кьезе гьечIо. Гьеб букIине рес гьечIиланги абун, нилъерабго гьабулел нилъ ругони, цо къоялъ нилъ гьелъул нугIзаллъун ккезеги бегьула. АнцIго-къого соналъ цебе лъида ракIалде кколеб букIараб хъизамалда номер цоабилев ва номер кIиабилев эмен вукIинилан абун? Гьединлъидал гIолеб гIелалъе тарбия кьей, рахьдал мацI лъазабиялдасан байбихьун, букIине кколеб даражаялде бахинабичIони, Дагъистаналъул миллатазда гьоркьорги гьединал хIужаби ккезе бегьула. Миллияб тарбия кьеялъул иш «кинабго лъикI бугиланги» абун тезе киданиги бегьуларо. Гьеб букIине ккола миллияб политикаялъул ва диназул, культурияб, гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул министерствабазул гуребги, республикаялъул киналниги жамгIиял гIуцIабазулги. Гьениб жидерго бутIа лъолеб буго жамгIиябгун пачалихъияб «Россиялъул халкъазул ассамблеялъул» Дагъистаналда бугеб гIуцIиялъги.

Нилъеда кIочене бегьуларо тIолабго XIX гIасруялда Великобританиялъ Кавказалъул халкъазул дин цIунулебиланги абун, гIурусазде данде гъазават гьабизе нилъ ахIун кинаб зарал ккарабали.

«БатIи-батIиял халкъазул гIарцухъ ричун росизе щолел цо-цо нухмалъулездасан пайдаги босун, гьитIинаб ракьалъул Англиялда кIвана гIемерал ракьазда кверщел гьабизе ва «жидее бакъ кидаго тIерхьунарилан» чIухIдаризе. Амма нилъ чIаго рукIаго, гьезие нилъеца гьединаб рес кьеларо», — ян хъвана И. Сталиница 1943 соналда. Кьезеги кьечIо.

 

Р. ХIамзатовас хъвавухъе:

Кинабго Европа босарав залим

Загьрудал капсулал квине тIамичIищ?

Британиялъул премьер Черчиль,

Честьги ккун досие, тIаде вахъинчIищ!

 

Амма хадусел соназ Англиялъго гIадаб цогидазул би цIцIулеб политика билълъанхъизабуна Америкаялъги. Бихьулеб букIахъе, гьелъулги бакъ тIерхьунеб буго. Гьеб якъинго бихьизабуна КIудияб ВатIанияб рагъда хадусеб дунялалъул тарихалъ. Дунялалъул улкабазда гьоркьоб Россиялъул къимат-къадру дагь-дагьккун борхулеб буго. Гьединлъидал цо улкаялъ бокьа-бокьарабги гьабун, ханлъи гьабулеб заман нахъа толеб буго нилъеца. Гьелъ кумек гьабизе буго дунялалда хIакъикъияб гIадлунизамги, гIодобе биччайги, демократияги букIинабиялъе. Гьеб пикру загьир гьабуна Россиялъул президент В. Путиница дагьал церегIан къоязда тIобитIараб данделъиялдаги.

Зикрула ИЛЬЯСОВ, «Россиялъул халкъазул ассамблеялъул» Дагъистаналда бугеб гIуцIиялъул председатель