Кавказалъул регионазде ц1икIкIун кIвар кьезе гьесизаруна инвесторал 3-4 маялда МинВоды шагьаралда тIобитIана «Кавказалъул инвестициялъулаб выставка» абураб кIудияб тадбир. СКФОялъул регионал экономикияб рахъалъ церетIеялъул мурадалда ахIараб гьеб тадбиралъ данде гьавуна 3000-ялдасаги цIикIкIун чи. Гьезда гьоркьор рукIана республикаялъул нухмалъулел, хIакимзаби, бизнесменалгун инвесторал, пачалихъиял хIаракатчагIи. ХIасил-калам, кIудияб чIаголъи букIана МинВодыялъул дармилаб централда жаниб кIиябго къоялъ. Выстакваялде вачIана...

