Миллияб политика цебетIеялъе тадбирал

Гьал къоязда Москваялда унел руго политикияб ва миллияб рахъалъ кӀвар цӀикӀкӀарал тадбирал. «Россиялъул халкъазул жамгӀиябгун пачалихъияб гӀуцӀиялъул» тӀоцебесеб съездалде хӀадурлъулаго, Россиялъул субъектаздаса рачӀарал вакилзаби жакъа дандчӀвана «Россиялъул халкъазул гьудул- лъиялъул рукъалъул» ва улкаялъул ЖамгӀияб палатаялъул нухмалъулелгун. Гьениб кӀвар буссинабуна халкъазда гьоркьосел миллиял суалазде. Киназулго кӀалдиб буго МахӀачхъалаялъул аэропорталда ккараб лъугьа-бахъин. Гьелда бан тӀобитӀараб хасаб данделъиялда Россиялъул президент В. Путиница загьир гьабуна рекъел цӀунизе кколин абураб пикру.

Миллияб политикаялъул Стратегиялда хиса-басиял гьариялъул суалалда хурхун жакъа ЖамгӀияб палатаялда тӀобитӀана данделъи. Гьениб дица гьабуна халкъазул миллиял мацӀал, адабият лъазабиялде жавабчилъи цӀикӀкӀинабизе кколин абураб магӀнаялъул кӀалъай. Гьелъул рахъккуна Коми-Пермяцк автономияб округалъул, Гъарачаево-Черкесия ва Осетия республикабазул вакилзабаз, Россиялъул ЖамгӀияб палатаялъул комиссиялъул нухмалъулев Владимир Зориница ва РФялъул Президентасда цебе гӀуцӀараб Миллияб политикаялъул советалъул член Светлана Смирновалъ.

Гьал къояз Москваялда тӀобитӀизе буго Россиялъул халкъазул форумги. Рехсарал тӀолгороссиялъул чӀахӀиял жамгӀиял тадбиразул ас- лияб магӀна буго «2025 соналде щвезегӀан Россиялъул пачалихъияб миллияб политика цебетӀезабиялъул хӀакъалъулъ» абураб Стратегия кинаб даражаялда гӀумруялде бахъинабулеб бугебали мухӀкан гьаби ва хадубккун гьеб рахъалъ тӀуразе кколел масъалабазул халгьаби.

Зикрула ИЛЬЯСОВ