Сергей МЕЛИКОВ: «Кьураб рагIи кквезе ккола»

 

Гьал къоязда социалиял объектал раялъул хIакъалъулъ бицараб чанго данделъи тIобитIана республикаялъул нухмалъулес

198 социалияб бак1 – планалда

Хамиз къоялъ Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас тIобитIана 2024-2026 соназда социалиял объектал раялъул хIакъалъулъ бицараб данделъи.

Дагъистаналъул районаздегун росабалъе гьарурал сапаразда, жамагIатазулгун дандчIваязда лъала щиб районалда, кинаб росулъ школа, ясли-ах, ФАП, нухал, гIолел-гIоларел рахъал ругелали.

Дагъистаналъул бетIерасул тIадкъаялда рекъон, киналго идарабаз кьуна разе кколел бакIазул сияхI. Гьениб буго 198 социалияб бакI, гьелъие хIажалъулин 73 миллиард гъурущин абуна хIукуматалъул тIоцевесев вице-премьер Манвел Мажонцица. Цебе-хадуб кинаб базе бугеб, сундасан байбихьизе бугебали халгьабизе кколинги абуна гьес.

«Цо росулъ школа бан батани, гьенибе газ бачин тIоцебесеб бакIалда букIине ккола. Цоги росабалъ спортивиял кIалгIаби хIажат ратани, гьел хадусеб иргаялда тезе бегьула. Киналго тIаде росарал бакIал ран лъугIизаризе ккола. 2024 соналда цебечIараб масъала буго, разе байбихьарал бакIал рагIалде рахъинари», — ян лъазабуна С. Меликовас.

Министерствабазул нухмалъулез бицана жидедаго цебечIараб хIалтIул хIакъалъулъ. Масала, ДРялъул бакIал раялъул министр Артур Сулеймановас бицана гIагарал соназда, аслияб къагIидаялда, лъай кьеялъул бакIал разе ругин абун. Кинабниги 86 социалияб объект буго гьал соназ хIалтIи гьабизе планалде босараб. Гьезда гьоркьоса 49-ялда хIалтIаби гьаризе байбихьизе буго. Цин генералияб планги бугеб, ихтияр кьолел документалги ругел бакIал раялде кIвар кьезе бугин абуна Минстроялъул нухмалъулес.

Дагъистаналъул бетIерас абуна, социалиялги экономикиялги рахъал кьочIоеги росун, шагьараздаги росабалъги гIумру цадахъ це бетIолеб хIал гьабизе кколин

Социалияб рахъалдаго цадахъ промышленнияб рахъалдеги кIвар кьезе ккола. Масала, цере росабалъ рукIана росдал магIишаталъулги промышленниялги предприятиял. Гьениб магIишатги цебетIолаан, хIалтIизе бакIалги рукIунаан. Дербенталда букIана лъабго консервазул завод. Гьенибе нигIмат баччулаан тIубараб Юждагъалдасаго. Жакъайин абуни гьениб цониги гьеб тайпаялъул бакI хутIун гьечIо, — ян абуна ДРялъул бет1ерас.

МугIрузул районазда лъай кьеялъул бакIал разе кIвар букIиналъул бицунаго, гьес ракIалде щвезабуна Цмур росулъ меценатас, гьанжесел тIалабазда дандекколеб, школа ва общежитие банин абун. Гьеб дагьаб гIатIид гьабидал, аскIор ругел росабалъаги лъимал цIализе рачIине рес бугин гьеб школалдеян абуна Меликовас.

ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ бицана министерствоялъ гьабулеб ва гьабизе ракIалда бугеб хIалтIул.

«Ахти росулъ музей къачIазе буго, гьеб туристазе бокьулеб бакIлъун лъугьине ккола. Гьединго МахIачхъалаялда бугеб Рагъулаб реццалъул музей къачIаялъеги дизайн-проект хIадурун буго. «Культурная среда» федералияб проекталда рекъон Дагъистаналъул изобразительнияб искусствоялъул музеялдаги капремонт гьабизе буго», — ян бицана министралъ.

Сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъ бицана ДРялъул бетIерасул тIадкъаялда рекъон, разе ругел, къачIазе кколел сахлъи цIуниялъул учреждениязул хIакъалъулъ план хIадурун бугин абун.

Киналъулго хIасилги гьабун, тIаде росарал социалиял объектал раялъул план хIадуризе кколин лъазабуна С. Меликовас. ГIадамазе кьураб рагIи кквезе кколинги бичIчIизабуна гьес данделъаразда

 

Школал ва ясли-ахал

АрбагI къоялъ тIобитIараб данделъиялда Дагъистаналъул бетIерас борхараб аслияб суал букIана 2023 соналъул ахиралде щвезегIан школал ва ясли-ахал ран рагIалде рахъинариялда хурхараб.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна министерствабазул вакилзабаз, районазул нухмалъулез, хIалтIи тIаде босарал гIуцIабазул нухмалъулез.

ДРялъул БакIал раялъул министерствоялъул баяназда рекъон, «Демография» ва «Лъай кьей» миллиял проектазда рекъон, 65 лъай кьеялъул объект (54 школа ва 11 ясли-ах) бан рагIалде бахъине ккола исана сон лъугIилалде.

Артур Сулеймановас ва «Аслияб бакIал раялъул хасаб управление» ФГУПалъул нухмалъулев АхIмад Дибировас щибаб объекталда хIалтIи унеб куцалъул бицана.

12 школа ва ясли-ах нусабго проценталъ лъимал къабул гьаризе хIадурун бугин абизе бегьула. Киналго бакIал разе тIаде росун руго хасаб управлениялъ ва харж гьабизе буго 700 миллион гъурущин абуна министрас.

а министрас. Гьединго гьаб соналъул ахиралде ихтияр щвезе ккола 1450 цIалдохъанасе бакI бугеб анкьго школа ва 430 лъимералъе бакI бугеб ункъо ясли-ах базеги.

Табасаран, МухIарамкент районалда, Къоркъмасхъалаялда, ЦIумада районалъул ТIисси росабалъ школал разе руго.

Ралел бакIазда хIалтIухъаби гIолел гьечIолъиялъул суалги борхана данделъиялда. ТIадеги гIада мал росейин ва кIиго сменаялъ хIалтIунги цIараб болжалалда социалиял объектал ран рахъине кколин лъазабуна ДРялъул бетIерас.

П. МУХIАМАЕВА