ВатIан цIунулезулги цIуне тIалабал

СВОялда бугеб ахIвал-хIалалъул, гьелда гIахьаллъулел дагъистаниязул ва гьезул гIага-божаразул хIакъалъулъ бицунел тадбирал гIезегIан тIоритIула нилъер республикалда. Гьезул цояблъун букIана ДРялъул ЖамгIияб Палатаялъул нухмалъулесул кумекчи ГIалибег ГIалиевасул хIаракаталдалъун 8 ноябралда Гъизляр шагьаралда тIобитIараб данделъиги. Гьелда гIахьаллъана ЖамгIияб Палатаялъул нухмалъулев ГIазизбек Черкесов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Сахлъи цIуниялъул, Социалияб рахъалъ цIуниялъул, ЗахIматалъул министерствабазул, «Защитники Отечества» ва « Мы вместе» фондазул вакилзаби, тахшагьаралъул ва районалъул администрациялъул жавабиял хIалтIухъаби, депутатал.

ГIолилазул централда гьел дандчIвана СВОялъул гIахьалчагIазул гIа гарлъигун, гьенив вукIана лъукъун вукIиналда бан рокъове вачIун вукIарав ва нахъеги дове ине къачIалев вугев районалдаса цо аскариявги.

ГIадатияб, рагьараб ва эркенаб хIалалда араб данделъиялда рорхана гIемерал суалал. Гьезда гьоркьоб аслияб бакI ккуна кинго тIураларого, хадур рехъерхъун ругел социалиял (коммуналиял шартIал ва бигьалъалаби чIезари, гьитIичазе ясли-ахазда бакIал гIунгутIи ва гь. ц), сахлъи цIуниялъул суалаз, хIажатал документал ва справкаби щвеялъулъ ругел захIмалъабазда хурхарал масъалабаз

Рорхарал суалал росана кагътиде, рихьизаруна гьел тIуразе кколел тIадал идараби, кьуна тIадкъаял.

Гьеб киналъулго хIакъалъулъ хъвараб макъала бахъизе буго хадусеб номералда.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ