Парахалъиялъул хъаравуллъуда

 

Россиялъул солдат, улкаялъул вас, Аслан, дур гьунараз хIайран гьаюна. ВатIаналъул гIузру дурголъун тарав, Дагъистаналъул цIум, чIухIула жакъа. ВатIан цIунулезул кьеразулъ дуца Дагъ- истаналъул гуч бихьизабуна. Жеги гIолилазе мисаллъунги мун, гIагараб ракьалъул мустахIикъав вас. Гьанже заманалъул бахIарзазда гъорлъ багьадурлъиялъул цIар хъвана дуца. Лъебелазул ва- сас бихьизабуна кьучIал умумузул ирсилав вукIин. ЦохIо ВатIаналъул лъимал ругилан нахъеги ахIана мугIрузул васас. Аваристаналъул тарих цIилъизе, дур къохIехьеялъги лъалкI толеб буго. Дудаса рохарал лъимал рихьидал, рекIей гьабун тараб берцинаб асар. Жидер дада бищун лъикIав вугилан, ахIи гьез балелъул, магIу гирана. Россиялъул солдат, улкаялъул вас, тIадегIанлъиялъул тIогьазда вугев. Къиматаб ракьалъул къадру тIокIав вас, Аслан, дуе икъбал гьарулеб буго.

 

Жакъасеб къоялъул бахIарзал

Щалха гьел кколел жакъасеб къоялъ- ул бахIарзал? ГIезегIан руго гьел ракълилаб гIумруялдаги. Амма жакъа бахIарчиясул цIар бахъиндал, бищун цебе нилъеда ракIалде рачIуна СВОялъул бахIарзал. Дагъистаналъул тарихалъул тIехьалда цIияб къиса хъвалел ругел гьезул щивав мустахIикъав вуго бищунго тIокIал ва берцинал рагIабазе.

Бокьула гьел ри-хьизе, гьелгун дандчIвазе, гьезухъ гIенеккизе. Нижеца гьел ахIула редакциялде, хъвала гьезул гьунаразул хIакъалъулъ. Гьаб нухалда иргадулаб дандчIваялде ахIун вукIана ЛъаратIа районалдаса Аслан КъурамухIамадов. ЧIагоял бахIарзал. Унго-унгоги, гьезда берчIвайдал, рекIелъе бачIунеб чIаголъиги. Нилъго гIадал гIадатиялги руго гьел, гIамал берциналги руго гьел…

Амма ватIаналде къо ккедал, ахир кинаб ккелебалиги пикруги гьабичIого, гьелъул ахIи къабул гьабурал гIажаибал гIолилал. Аслан лъалалдего, лъалеб букIана дида гьесул рагъулаб къисмат. Гьесул хъизамалъухъе МахIачхъалаялъул бетIер Юсуп Умавов щвараб видео бихьидал, бичIчIана дида Асланица жиндирго къисматалда рикIарал бахIарчилъиялъул ишанал борхалъуда рукIин. Гьединго бихьана РГВКялъул телеведущая Хатимат МухIамадовалъ гьесул хIакъалъулъ бахъараб фильмги.

 

ЦохIо Эбел-ВатIаналъул лъимал

2022 соналъул октябралда «Ахмат» спецназалда цадахъ Аслан КъурамухIамадовги ана жиндиего бокьун СВОялда гIахьаллъизе. Гьев ккана Луганск областалде.

— ТIоцебесеб къоялдасаго байбихьана нижер рагъулаб гьудуллъи. Гьениб букIана гIицIго цохIо миллат – Россиялъул лъимал. Унго-унгоги, рагъулаб гьудуллъи букIун бугеб хирияб. ГьитIинабго чадил кесекгицин бащад гьабун бикьулеб, ватIаналде бугеб рокьиялъ цолъизарурал, тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ракIал цIурал, цохIо къисмат бугел гIолохъабазул гьудуллъи. Гьедин букIинчIебани, ракьги бухъун, гьенир гьарурал «рукъзабахъ» регарахъун рукIарал нижее бецIал сардалги гвангъилароан. Гьелъго ккун рукIун ратила ниж. Гьеб киналдего тIадеги — цого пикрабиги, цого мурадалги, анищалги цого рукIана нижер – ВатIаналъул гъасда даим бакараб цIаялъул гвангъиги, хинлъиги, кунчIиги цIуни. Амма… кутакалда захIмат букIана гьудулзаби ками. Чан магIу гирараб гьезул жаназабазде. Гьеб букIана цIакъго гъваридаб пашманлъи. Гьединал лахIзатаз гIумруги кIочон толаан, гIагараб Дагъистаналъул сипатги тIамулаан цебе. Чан лъукъарасе гьабизе кка- раб кумек. Нижер щивав хIадур вукIана цогидазе гIоло гIумру кьезе. Гулбузул цIад хьолбохъ балеб бугониги, ургъел букIунароан — нижеца лъукъаралги чIваралги гъоркь тезе бегьуларон. Гьединаб букIана рагъулаб гьудуллъиялъул багьаги къуватги, — ян бицана Асланица.

Улкаялъул къисмат кодосел васазул гьа

— Апди Алавудиновги гIемер вачIунаан нижехъе. КIудияб божилъигун ва хьулгун ралагьулаан ниж гьесухъ, — илан цIидасанги бицине байбихьана Асланица, – гьев вукIана унго-унгояв бихьинчиги бахIарчиги. Жиндирго каламалдалъун гьесда кIолаан анцIила микьилъ ругел гIолохъабазул гIумруялде рокьи тIадбуссинабизе. Чан нухалда дандчIварав хвелгун. Амма гьел лахIзатазгицин кIочонеб букIинчIо ВатIаналде рокьи аслияб букIин. Гьедин букIана нижер щивасулъ беролеб цIаялъул ахIи – ватIаналде — рокьи, тушманасде – ццин. Нилъер бахIарчиял умумуз цIунизе кьураб ВатIаналъул къисмат нижер щивасда бараб букIана. Гьеб бичIчIулаан нижедаги. Щиб жо, масала, дие кколеб ВатIан – эбелалъул кечIги, инсул кьвариги, хъизанги, талихIалъул гараллъун дие ругел лъималги, Дагъистанги, Россияги. Гьеб кинабго букIине гьечIо кIудияб Россиялъул гъасдаги гIодобе биччай гьечIони. Дие дагьабги хиралъана ВатIан гьеб ункъо моцIида жаниб. БичIчIуларебги бичIчIана – ватIан гьечIони, гьечIо гIумруги.

 

ТIоцебесеб къоялдасаго байбихьана нижер рагъулаб гьудуллъи. Гьениб букIана гIицIго цохIо миллат – Россиялъул лъимал. Унгоунгоги, рагъулаб гьудуллъи букIун бугеб хирияб. ГьитIинабго чадил кесекгицин бащад гьабун бикьулеб, ватIаналде бугеб рокьиялъ цолъизарурал, тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ракIал цIурал, цохIо къисмат бугел гIолохъабазул гьудуллъи.

 

ВатIаналъе бараб гьаялъе ритIухъавлъун вукIине бажари ва хутIи — гьединаб букIана щивав солдатасул рекIел ахIи, — янги абун, угьун биччана Асланица… Унго-унгоги, гьел лахIзатаз щибдай гьесда цебе бачIараб – чIварал гьудулзабазул сипатдай? Гьесдаго цадахъ дунги лъугьана дирго пикрабазулъе. Цебе чIезабулеб букIана ракълилаб гIумру гIуцIизе рижарал дир ВатIаналъул васазул кьварараб ва къвакIараб гIамал-хасият. Асланихъги ялагьун, чухIизе бачIунеб букIана дида – гьавги кколелъул жакъасеб бахIарчилъиялъул вакил. Гьале дол дир мугIрузул васал, жакъаги нилъер парахалъиялъул хъаравуллъуда ругел. Гьединал пикрабазда дун йикIаго, кIалъан ячIана дихъе Залму Батирова, заман батани, жиндир кочIохъ гIенеккиларищилан. Хъвалеб бугеб темаялъе цIакъго дандеккараб кечI батидалги, Асланицаги гIемер бициндал чIварал гьудулзабазул, бокьана гьеб гьаниб лъе зеги:


— Санайил ихдаде хириял мугIрул Харайдухъ жемидал, руссина ниж тIад.

Орденахъ хвезеян арал рукIинчIо, Ун рукIана, бокьун ватIан цIунизе.

МугIрул чIван къункъраби роржунеб мехалъ, Халгьабе хьвагIулел нижер куркьбазухъ.

Ниж хвечIо, ниж чIаго рукIине руго — ВатIан хириязе хвел букIунаро.

 ГIолохъанал лъудби, хириял улбул, ГIайиб чIваге – кьураб рагIи хисана.

 РекIкIаб жо батана чарамул гулла, Макьилъ щвела гьанже цо-цо нужехъе.

 ВатIаналде тIаде къо ккараб мехалъ, Къан борчун букIана черхалда ярагъ.

 Гьеб цIаруй бухьараб сапар букIинчIо, Гьеб налъуй гьабураб нигат букIана.

 

 

Ина сонал. Сверила ихал. Асланилги гьев гIадал аза-азар гIолилазулги цIарал цIунун хутIила нилъер ВатIаналъул тарихалда. Улкаялъул хадусеб къисмат кодосел гьез бараб гьаялъул багьа цIакъго хирияб ва тIадегIанаб буго. Гьанибго рехсезе бокьун буго цоги хIикматаб лъугьа-бахъиниланги абун, цIидасанги гарачIваризе лъугьана Аслан:

— Рагъул цересел кьеразда ругел ниж радалго гьужумалде ине кколаан. Берцинго цебехун унеб букIараб машина, щибго гIиллаго гьечIого, чIана. Машинаялъуса къватIиреги рахъун халгьабуниги, жагъаллъараб жоги батичIо. Щиб гьабилебали лъаларого, чIун хутIун рукIана ниж. Ва цо заманалдасан ниж щвезе кколеб рукIараб бакIалде тушманасул рахъалдасан базе лъугьана гуллаги, бахъана квешаб гьаракьги кьвагьиги… Гьеб заманалде гьеб кьвагьи бахъараб бакIалда рукIинеги кколаан ниж. Кьвагьа-гIанхъиги лъугIана, машинаги, жибго билълъине лъугьараб кинигин, цебехун ана. Бихьулищха ТIадегIанав Аллагьасул кумекалдалъун ниж хвалдаса хвасарлъараб куц.

 

ЦIияб талихIалъул кунчIиялъухъе

Иргадулаб рагъулаб тунка-гIусиялда лъукъана Аслан. Ункъо моцI бана гьес госпиталалда. Гьабуна чанго операция.

ТIубана Асланицаги ВатIаналде цебе жиндирго налъи. ЦIидасанги ялагьана дун Асланил цIияб талихIалъул хIакъалъулъ бицунеб видеороликалъухъ: Жиндир дада дунялалдаго бищунго лъикIавилан гIаламалъего ахIулей гьитIинай яс каранде къалев гIолохъанав эмен вихьидал, рухIдаллъизе бачIана. Гьале доб – Асланил хъизамалда кунчIараб цIияб талихI — гьесул къисматалъул бахIарчиял тIанчал. Биччанте гьелъул кунчIиялъухъе гьеб гъанситохъ данделъизе гIицIго рокьиги берцинлъиги. Гьадинаб буго Россиялъул солдат, Дагъистаналъ- ул вас, Бихьинчилъиялъул ва Къадировасул орденазул кавалер, ЛъаратIа районалъул Гъоркьноб (Гортноб) росулъа Аслан КъурамухIамадовасул къисматалъул къиса. Жакъасел гIолилазул хIакъалъулъ щиб пикру дур бугебилан гьикъидал, гьадин абуна Асланица:

— Нилъер гIолилал руго лъикIал, къохIехьейги бахIарчилъиги бидулъ бессарал. Хасго гьеб загьирлъана, бихьана, ВатIаналде къо ккедал. Нилъее умумуздаса ирсалъе щвараб гьеб бечелъи нилъе- цаги хадусел гIелазухъе кьезе ккола. Дун божула жакъасел гIолилазда. Гьелгун цадахъ Дагъистаналъул букIинесеб къисмат талихIаб букIиналдаги божула дун. Дица гIолилазе гьарила сабруги, ритIухълъиги, гIакъиллъиги. Гьеб кинабго цадахъ гьезул пикрабазулъ хIалтIани, Аллагьасдаги ватIаналдаги цере къадруяллъун хутIизе руго.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА