Мариуполалда халкъазул цолъи

Гьал къоязда Хьаргаби районалъул бетIерасул заместитель АсхIабгIали Маликов щвана Донецкиялъул халкъияб республикаялде. Россиялъул халкъал цолъиялъул къо кIодо гьабуна ДНРалъул Мариуполь шагьаралда. АсхIабгIали Маликов гьениве щвана культурияб программагун. Гьесда цадахъ рукIана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъаби, Гиннессил тIехьалда цIар хъварав ГIумар ХIанапиев ва цоцо кочIохъаби.

Гьеб байрамалъулаб тадбиралде рачIараз баркала кьуна дагъистаниязе, гьениб хъулухъ гьабулел ругел нилъер бахIарчиял рагъухъабазе.

Мариуполалде цевеги чанго нухалда щун вукIана АсхIабгIали Маликов. СВО байбихьаралдаса нахъе цIиял регионазул шагьаразде ва нилъерго аскариязухъе чанцIулго щвана Маликов гуманитарияб кумекгун. Ихдалги Мариуполалъул бетIер Олег Моргуновгун дандчIван вукIана гьев ва республикаялъул рахъалдаса гьезие бажарараб кумек гьабуна

Россиялъул халкъал цолъиялъул къоялъул хIурматалда А. Маликовас Мариуполалъул мэрасе сайгъат гьабуна буртина, бухари-тIагъур ва ханжар

АсхIабгIали Маликов исана цIализеги лъугьана Мариуполалъул пачалихъияб университеталъул пачалихъияб ва муниципалияб нухмалъиялъул факультеталъул ма гистра тураялде. Гьев ккола гьеб университеталда цIалу лев вугев Дагъистаналдаса тIо цевесев студентги.

П. СУЛТIАНОВА