«Дунги ахирияв шагIир ватила Ахирзаманалъул росулъ вахъарав»

АхIмадил МухIамад, МахIмудил тIармил

ТIадегIанал чIваби хъвалищ кIиязго.

Дихъа бажаричIеб дуда кIванани,

Дица дуй кIудияб рохел гьабила.

 

Гьедин хъвана кIудияв шагIир ХIамзатил Расулица, жеги гIолохъанав шагIир гьанжего гьанже АхIмадил МухIамадилгун лъай-хъвай ккараб мехалъ.

Гьанисан байбихьана АхIмадовасул шагIирлъиялъул нух. 13 ноябралда гьесул гIумруялъул тIубалаан 68 сон. БачIунеб итни къоялъ, Аллагьас хъван батани, Поэзиялъул театралда ракIалде щвезавизе вуго шагIир. АхIмадовги гьечIого тIоцебесеб нухалъ кIодо гьабизе буго гьев гьавураб къо.

БитIаралда битIарабин абизе ккола, чи цевеса ун хадуб гурони нилъ кантIуларо гьесул хIакъалъулъ бищун лъикIалги къиматалги рагIаби абизе.

ЧIаго вукIаго гьесда абизе щвечIел рагIаби ратула къачIан гьев ракIалде щвезавулеб къоялъ гьасие гьурщизе. Кинаб илбисалъ ккун чIезарун рукIунелали лъаларо, инсан ракьалда вукIаго гьесда аскIорги рукIун абизе кидаго кватIун ккола нилъ.

Гьединго кколеб буго АхIмадов МухIамадил хIакъалъулъ абизе рукIарал рагIабиги.

Дие гьев кидаго хутIана Гьонода росулъа вахъарав цо вугев шагIирлъун. Аллагьас кьураб гьунар гьаб ракьалда билизе течIев, хIажатаб бакIалда кIалъазеги лъалев, пагьмуялъул цIураб ракIалъул, росуги хирияв, росдал гIадамалги рекIее гIагарав инсанлъун.

 

Чабхил кIкIалахъан кIанцIун,

 Бекерулеб буго чан.

Чанахъанас нахъойги,

 Босулеб буго ишан…

 

АнцIила ункъо сон бараб мехалда хъвараб МухIамадил «Чанил кечI» жакъа гIемерисел магIарулазда рекIехъе лъала. ШагIир халкъиявлъун лъугьуна гьесул шигIруги гьунарги халкъалъухъе щвараб мехалъ, гьез гьеб унго-унголъунги къабул гьабидал.

Дун щибаб къоялъ къулула АхIмадил МухIамадил тIахьазде тIаде. Щибаб нухалъ гьениса босизе цIияб пикруги, цебесеб нухалда рагIун букIинчIеб цIияб рагIиги, рагIабазулъ бахчараб магIнаги батула нахъе босизе.

Зама-заманалдасан дица цIалулеб тIехь буго гьесул «Поэт» абураб пикрабазул къисалъун лъугьараб, магIарул шагIирзабазул пагьму-гьунаралъул хIакъалъулъ хъвараб. ХIикматаб асар буго гьеб.

Гьениб буго «Дир шагIирзаби» абураб бутIаги. Инхоса ГIалихIажиясдаса байбихьун, ГIумархIажи Шахтамановасде щвезегIан, классикаллъун лъугьарал халкъиял шагIирзабазул гIумруялъул, бечедаб творчествоялъул бицунеб буго гьес гьениб гIажаибго ракI тIаде цIаледухъ.

Гьединго кутакалда дие хирияб асарлъун хутIана, устар СагIид-афандиясул тIехь цIалун хадуб хъвараб гьесул кечIги.

АхIмадовасул поэзиялъул дунялалъ асир гьаричIел чагIиги ратизе бегьула магIарулазда гьоркьор. Кинавго чиясе рокьизе тIадаб гьечIелъул гьесул кучIдул. Амма адабияталъул унго-унголъунги магIнаги бичIчIулев, гIагараб ракьалде рокьиги бугев, мугIрул иццул тIагIамги бичIчIулев, тIалайдухъан беролеб кIкIуйги, корониб бежараб чадил тIагIамги хирияв чияс жакъаги ракIракIалъ, пикру гъварилъуде биччан цIалула гьесул асарал.

 

Дир рахъалъан абе АхIмадовасда,

АхIи-хIур лъугIанин, дагIбаги сванин.

 Дагьа-макъал кепкал кодоре щварал.

Гьудулзабаздаги дун кIочон танин.

Дир рахъалъан абе АхIмадовасда,

 АхIун пайда гьечIин гьанже кучIдузул.

РекIее рокьарал ракьулъе индал,

Ракьалда вукIине бигьаяб гьечIин.

Гьал рагIабиги хъвана магIарулазул гьунар тIокIав, къанагIатаб пагьмуялъул шагIир ЖабрагIил ХIасановас. Гьел кIиялго гьудулзаби рукIана. ШагIирзабазул мацIалъ кIалъан цоцаздаги ричIчIулел. Гьединал гIадамаз берцин гьабула нилъер миллияб адабият.

Ашахан ЮСУПОВ