«Дир цIалдохъан жанив гьечIеб рукъ батизе гьечIо Хунзахъ»

Лъималазул къадарги цIикIкIун, кIийиде бикьизе ккана нижер щуа- билеб класс. ГIурус мацIалъул дарсидаги кIийиде рикьана ниж. «Атаева Маргарита Петровна» — гьадин хъван бихьана мугIалимзабазул сияхIалда. «ВахI, нилъер фамилия бугей, амма цIарги отчествоги гIурусал щийдай гьай?» – ан пикру гьабуна дица. Ва гьале нахъисеб къоялъ классалде жание лъугьун ячIана, гьурма- да недегьаб гьими басандулей, хIеренаб балагьиялъул мугIалим – Мар- гарита Петровна. Гьелъ нижее цохIо соналъ гурони дарс кьечIо, амма щибаб гьелъул дарс жакъа гIадин ракIалда буго. Маргарита Петровнаялъ дарсал кьуна дир кIодоэбелалъеги, хадуб ин- суеги ва гьале – гьанже диеги. Гьелдаса нахъе ана гIезегIан сонал. Амма Расулил «Вера Васильевна» рагIидалги, МахIачхъалаялда бугеб гIурус учительницаялъе бараб па- мятникалда цевесан унагоги, дида пархан ракIалде ячIуна Маргарита Петровна. Пикру ккана гьелъухъе гьоболлъухъ ине.

 

— Маргарита Петровна, дуца нижее гIемер бицунаан дурго лъимерлъиялъул лахIзатазул хIакъалъулъ. Бокьилаан цоги нухалдаги гьеб заман ракIалдещвезабуни.

— Дун гьаюна Горький (гьанжесеб Нижний Новгород) шагьаралда хIалтIухъабазул хъизамалда. Гьенибго 10 классги лъугIизабун, цIализе лъугьана Кострома шагьаралда бугеб педагогикияб институталде. 10 сон барай чIужу йикIана дун КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб заманалда. Нижер хъизамалъеги гьел рукIана цIакъ захIматал сонал. Къадги къасиги кьвагьи-гIанхъи букIунаан тIаде ралел бомбабазул. Амма нижер шагьар кинго бахъизе кIвечIо. Дир кIиго вацги гIахьаллъана рагъда. Гьезул цояв рагъда чIвана, цогияв рагъ лъугIун кIиго-лъабго сон индал, щварал ругъназул хIасилалда къадаралде щвана.

— Учителасул пиша тIаса бищизе кинха дур пикру ккараб?

— Дир эбел-эмен рукIана заводалъул гIадатиял хIалтIухъаби. Гьезул цIали-къалиги букIинчIо. Эбелалъул кIудияб анищ букIана ниж цIализе лъугьине. Диего бокьана гIурус мацIалъул учительлъун яхъине. Гьедин, университет лъугIигун, рикьа-къотIиялъул хIасилалда ккана дун Дагъистаналде. 1953 соналдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегIан гьанийго хутIанаха дун (елъулаго).

— Дагъистаналде ине дуегойищ бокьараб?

— Дир рес букIана Казахстан, Сибирь ялъуни Кавказ тIасабищизе. Дие щаялиго Дагъистаналде ине рекIее къабуллъана. ГьитIинго кинофильмазухъги балагьун, Кавказалъухъ рокьиги ккун йикIарай дие, гьале рес щвана гьение хIалтIизе ине. Гьедин ккана дун МахIачхъала шагьаралде, Лъай кьеялъул министерствоялде. Гьениб бихьизабураб чанго районалда гьоркьоса дицаги дир гьудулалъги тIасабищана Хунзахъ район. Гьеб букIана 1953 сон. Ниж рачIунел ругин абун тел- ги кьечIого, данде вачIунев чиги ккечIого, дунги гьудулги, ролъпурчIина баччулеб трехтонка-машинаялде тIадеги рахун, къокъана Хунзахъе. Гьедин щвана ниж ГIараниб бугеб «Горянка» школа-интернаталде. Гьений дун хIалтIана кIиго соналъ, хадуй лъикIай учитель хIисабалда дун ячана Хунзахъе. Хунзахъги кIиябго школалда хIалтIана. КIиабилеб шко- ла рагьулелъул, мунагьал чураяв Ясулов ХIажица гьение ячана дун. Дир гьудулин абуни, цо лъагIалица Хунзахъги хIалтIун, тIадюссун ана. Дир вукIинесев бетIергьанчи – МахIач Атаевас гьелъие открепление кьуна. Дунин абуни, гьесие росасе ана. Доб мехалъ дов районоялда хIалтIулаан. Хадуб ниж гIемер унаан Горькиялде гьелъухъе щвезе.

— МагIарухъе – Хунзахъе унелъул, кинал пикрабигун нуж къватIире рахъарал? ХIинкъи-къайго букIинчIищ, чияр бакIалде унелъул? Кин нуж къабул гьарурал? — Нижее бачIинахъего интернаталда цо рукъ кьуна. Гьенир рукIана лъабго ясги цо гIолохъанчи Павликги – киналго гIурус учительзаби. ЖанахIалъувги вукIун, ворчIухъан гIадин, нижее цIуна-къай гьабун вукIунаан гьев. Анир ясал рикъулел рагIулинги абун, кирего ниж щвезаризеги рачинеги вилълъунаан гьев. Хадуб, дирги МахIачилгун лъай-хъвай ккедал, гьесги ГIабдулатIип ХIамзаловасги (гьев хIалтIулаан районоялда), гьанжеялдаса нахъе гьазул тIалаб-агъаз жидеца гьабилинги абун, гьев Павлик батIияб бакIалде вахъинавуна. — ТIоцересел дарсал ракIалда ругищ? Лъималаз кин нуж къабул гьарурал? — Киданиги кIочонаро тIоцересел къояз ккараб лъугьа-бахъин. Рагьун журналгун, цебесан гьелда лъималазул фамилиял ва цIарал хъвалей йикIана дун. Цо ясалда гьикъана дур фамилия щибан. — МухIамадова, — ян абуна гьелъ.

— ЦIар? — Написат. — Не надо писать, я сама напишу. Ты скажи, как тебя зовут, — ян абуна дица, гьелъие жиндицаго хъвазе бокьун бугинги ккун. — Написат. — Я поняла, что ты умеешь писать. Как тебя зовут? — Написат.

— Ладно, потом поговорим с тобой, — янги абун, гIодой чIезе йитIана дица гьей яс. Хадуб, Написат абураб цIар букIунеблъи лъайдал, релъиларищха ниж. Вай, гьел лъималазе ниж рокьулел рукIараб куц! Интернаталда рукIана росабалъа ва районаздаса рачIарал лъимал. Эбел-эмен аскIорги гьечIого, нижин абуни, гьез хьол- бохъа рорчIизего риччалароан. Щиб букIаниги бицеян гьардолаан, гьез- да цадахъ дарсалги гьарулаан, цадахъ кьижизеги рачунаан гьел ясаз ниж. Цебе лъималазул кIудияб гъи- ра букIана гIурус мацI лъазабизе. Доб мехалъ гьанже гIадал ресалги рукIинчIелъулха мацI лъазабизе.

Дир тIоцерел цIалдохъаби

— КъахIиса яцал ГIабдурахIмановазулги дирги нахъалъагIан бухьен къотIичIо, гьел дихъе кидаго щвезе рачIунаан. Амма, гьайгьай, цIикIкIунисел дир цIалдохъаби Хунзахъа рукIана. Дир цIалдохъан жанив гьечIеб рукъ Хунзахъ росулъ батиларин ккола дида. ЧIахIияб ригьалъул гIадамазулги нижедехун букIана кутакалда лъикIаб бербалагьи. Масала, чирахъалъе керосин босизе унаан ниж. Гьениб цIакъ кIудияб ирга букIунаан, амма киназго ниж цере риччалаан. Гьединго, къваригIараб-тараб цIехон нижехъе рокъоре щвезеги рачIунаан, щиб-щибниги босун. — Нужеего захIмат букIанищ магIарухъ бугеб гIумруялдеги гьа- ва-бакъалдеги ругьунлъизе? — БитIун бицани, тIоцебесеб заманалда ругьунлъуларого рукIана. Рокъобе ракIги лъун, ракIбакъван рукIунаан. Амма гIадамазул хинаб бербалагьиялъ нижеда гьеб кинабго кIоченабуна. — МахIач Атаевасул Хунзахъ гIемер бицуна, махщел тIадегIанав учитель хIисабалда. Кин дурги гьесулги лъай-хъвай ккараб? — Гьев доб мехалъ хIалтIулев вукIана районоялда. Цо нухалъ къасимехалъ клубалде концерталде ана ниж. Гьенив цо гIолилав вукIана бандурка хъвалев, ниж кьурдизе журана. Гьенир кьурдулаго тIоцебе лъай-хъвай ккана МахIачилгун. — Гьесул хъизамалда нус хIисабалда кин мун къабул гьаюрай?

— Гьезиеги дун рекIее гIуна. ТIоцее МахIачица дун гьение ячана гIурус учитель йигинги абун, лъай-хъвай гьабизе. Гьесул эбел – Узлипати- ца дида абуна гьабсагIат нилъеца чай гьекъезе бугин. Гьеб параялъго, бацIцIадги гьабун, чухIа-кIутIизе букIине ражидал бетIерги кьуна. Дидайин абуни, бичIчIуларо чаялдаги ражиялдаги бугеб гьоркьоблъи. Гьединги, гъармухъчаялде гьоркьобе базе къваригIун букIун буго. МахIачил эмен лъикIаб хъулухъишалда вукIана, гьединлъидал гье- зул хъизамалда гIурус мацIги лъикI лъалаан. Гьесул эбелалъе дун цIакъ йокьулаан, кидаго адаб-хъатирги гьабулаан. Амма, дун ячинехъин йигин МахIачица абидал, гьелъ абу- на, гьобол хIисабалда къабул гьайилила, амма чIужулъун ячине разилъиларин. Дуца гIурусай ячине бокьиларин абуна гьелъ гьесда. Нагагь, дуца дида дандеги вахъун гьеб иш гьабуни, жий ЦIолбокьа гъоркье кIанцIизе йигин хIинкъиги кьуна гьелъ. Гьезул рукъзалги битIун кьурул рагIалда рукIана. Гьеб мехалъ МахIачица гьелъие махсара гьабуна, хIадурейила, жинца ячинила мун гьениса гъоркье кIанцIизайизе. ЧIечIо МахIач, гьей мукIур гьайичIого. Доб заманаялъ гьанже гIадин батIи-батIиял миллатазулгун гьарулел ригьналги гIемер рукIинчIо. КIиго-лъабго моцIидасан гьелда гьеб кинабго кIочон тана, дун гьелъие йокьана. Хасало гьелъ дун печь бакараб хинаб рокъой толаан, жийгойин абуни, квачараб рокъое унаан кьижизе.

— МагIарул мацI лъазабизе хIа-ракатго бахъичIищ дуца?

— БитIун бицани, лъазабичIо. Гьелъие гьадинаб гIиллаги букIана. Хунзахъа МалахI абурав чиясе росасе ана цоги гIурус учитель – Мария. Лъималгун цадахъ эбел-инсухъе щвезе гьей ингун, лъималазда цо рагIи гIурус мацIалда абизабизе кIун гьечIо долда. Гьелъул эбел гIодизе лъугьун йиго, жинца абураб жо бичIчIулеб гьечIин гьездаян. Дунги щаялиго хIинкъана, дир лъималги гьединго лъугьинин. Амма дир лъималазда кIиябго мацI лъана. Щаялиго, дида аскIоре ккаралги дида кидаго гIурусалъ кIалъалаан. Цогидаз бицунеб бичIчIула дида, амма дунго гаргадизе жеги хIалбихьичIо.

— Маргарита Петровна, Хунзахъ хутIиялдаса ракI бухIанищ дур?

— Дун кутакалда йохарай ва талихIай йиго БетIергьанас дир къисматалда дие къачIан батараб сайгъаталдаса. Дица Хунзахъ тIалъи дирго кIиабилеб ВатIанлъун рикIкIуна, киналго хунз – гIагарал чагIилъун. Амма гьанже цIикIкIиндал, ракI рокъобе Новгородалдеги цIалеб буго. Бокьилаан, дирго лъимерлъи арал къватIахъ сверизе, цо лахIзаталъниги доб гьайбатаб заманалде, гIурусаз абухъе, «в прекрасное далеко» тIадюссине.

Гара-чIвари гьабуна МухIамад МАНАПОВАС.