Тушбабазда таризаризе кIвезе гьечIо

Жакъа Палестинаялъул ракьалда бугеб ахIвал-хIалалъ ва гьенир унел ругел вахIшиял лъугьа-бахъиназ рахIатхвезабун буго дунялалъулго махлукъаталъул. ГIисинал-чIахIиязухъ балагьичIого гъурулеб буго халкъ. Гьениб бугеб зулму чIезабеян ахIи барал данделъаби тIоритIулел руго гIемерал пачалихъазда. ХIатта цо-цо жугьутIазул къокъабицин къватIире рахъунел руго рагъ лъугIизабеян. Муъминзабазул ярагъ — дугIа бугин абулелъул, гъурулеб бугеб динцояб агьлу тушманасул зулмуялдаса цIунеян Аллагьасде гьаризе мажгитазде хьвадулеб буго Дагъистаналъул халкъги. Гъазаялда бугеб ахIвал-хIал нилъер щивасул рекIелъ-къан букIиналъул бицунеб буго ахирал къоязда республикаялда лъугьа-бахъаралъги. Цин Хасавюрталда пуланаб гостиницаялда жугьутIал рещтIун ругин абун гьелъул азбаралде ракIарана нус-нус ракьцоял. Хадусел къоязда Тель-Авивалдаса бачIараб самолеталда согIаб дандчIвай гьабизе МахIачхъалаялъул аэропорталдеги щвана азаргоялдасаги цIикIкIун дагъистанияв. Хасавюрталда букIараб багъа-бачари низам цIунулел идарабазда хехго гIодоцинабизе кIвана. Аэропорталде ракIараразин абуни гIадлу хвезабуна, сверухъ бугебги бека-биххун, щивго виччалареб самолетал рещтIунеб бакIалдецин щвана. КIиябго акцияги букIана республикаялъул нухмалъиялда дандбачIеблъун. ГIадамазул рекIел хIалги, диналъул вацаляцазул, гурхIел тун чIвалел лъималазул гьезие бугеб ургъелги — кинабго бичIчIула. Амма дагьаб сабруги букIине ккола. Гьеб кколелъулха Алжаналъул кIуллъун. Гьел тадбиразда гIахьаллъаразе бокьун букIун батила Дагъистан Гъазаялда унеб чIвадарухъанлъиялда данде букIин загьир гьабизе. Гьедин абизе ва ахIи базе лъицаго гьукъун гьечIо. Гьелде тIадеги Россиялъул президент Владимир Путиница гьеб тункагIусиялда Палестинаялъул халкъалъул рахъкколеб буго. Гьедин букIаго, Западалъул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел телеграм-каналазда бахъинабураб ахIиялда хадурги рилълъун нилъерго аэропорталда гъалмагъир гьаби гьеб битIараблъунги кинха рикIкIинеб. БитIараб гьечIо пуланаб къокъаялъул макру тIубараб миллаталъул гIайиблъун чIезабиги. ЖугьутIазда гьоркьорги ругелъулха, цебехун абухъе, Палестинаялда лъугьа-бахъунелда дандечIарал гIадамал. Лъица щиб бицаниги, гьел лъу- гьа-бахъинал ккун руго. Амма гьанжеги нилъ, тушбабазе рекIехъе, цоцалъ къацандун бегьиларо. Аэропорталда гъалмагъир гьаби, интернеталдасан рагIарал харбазда божи — гьеб лъикI гьечIо. Законалда рекъон тамихI гьабичIого жавабиял идарабаз теларо. Амма дуниялго гьезда тIад цузабизеги бегьиларо. Кин букIаниги, гьел кколелъулха диналъул вацал-яцазда ракIунтун къватIире рахъарал чагIи.