Улбул, парахат кьижа!

Гьал къоязда ГIурус театралда бихьизабуна Расул ХIамзатовасул «ЦIуне улбул» абураб асаралъул кьучIалда гIуцIараб спектакль. Гьелдалъун рагьана Балеталъул ва операялъул театралъ жиндирго иргадулаб сезон.

— Эбелалъул кечI. ГIумруялъулго аслу. Гьеб кечIалъ гъола нилъер къисматалда куркьбал. Жибго кочIолги руго куркьби. Свакан буго эбелалъул кечI. Жиндирго магIица бакI гьарурал куркьби загIипго хьвагIулел руго эбелалъ цо лахIзаталъ. Кьурдабазул мацIги пашманаб буго. Улбузул хъахIабги чIегIерабги кIазазул дандчIвай. КIиго кьералъул къеркьей. Улбул, парахат кьижа. ЦIуне лъимал. Къункърабазде сверарал васазул ахIи. Хунзахъ тIобитIараб тадбиралдаги гIахьаллъарав театралъул артист Б. ГIабасовас гьаб нухалдаги цIидасанги рачана хъахIал къункърабазул сариназухъе — гьадинаб букIана спектаклялъул аслияб магIнаги кIварги.

Гьале сценаялда – Дагъистаналъул Халкъияв артист, инсул роль хIалев вукIарав ГIабдула МухIамадмирзоев. ШагIирасул кочIодалъун гьес жиндирго васасда малъулеб буго эбел цIунейилан. Эбелалъул роль хIарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Жамиля ХIамзатовалъул цееяхъиналъ гIемерисел руччабазул бадиб магIу хулизабуна. Спектаклялде ахIаразда гьоркьор рукIана СВОялъул гIахьалчагIазул хъизамалги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА