ГьерекIдерил магIарда жамагIаталъул гIачиязда вукIун вугила къватIиб росулъа вачIарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гIезегIанго гIадамал унел рукIун руго Азайни вугев ханасухъе, гьесие сайгъаталъе батIи-батIияб пихъил цIурал гьагьалги лъун, хIамулги рачун. Гьев ханасги жив кIодо гьавун рачIарал гьел гIадамазе гьез бачIаралдаго рекъараб батIи-батIияб сайгъатсалам кьун, ритIулел рукIанила. Хасго басрияб, бихъа-тараб ретIел-хьит, партал гIемер кьолеб...

