РекIкIаб ахIиялъул кIичIикь

РекIкIаб ахIиялъул кIичIикь

Палестинаялде рещтIараб къварилъиялъ пашман гьавичIев чиго ватиларо нилъеда гьоркьов. Амма лъалеб жо буго, киб бугебги балагьаб ахIвал-хIал жидерго хасал мурадазе гIоло хIалтIизарулел къуватал рукIин. Гьезул кодор ясикIабилъун руго, ракIги биги гьалдолел, рекIкIаб ахIиялъул кIичIикье ккарал нилъер гIолохъабиги. Гьеб чорокаб политикаялъул гьаниб бицун хIалги кIвеларо.

Исламияб дин загьирлъаралдаса нахъе гIара бияздаги ягьудияздаги гьоркьоб батараб рокьукълъиялъул биценги тарихалда бикIун буго. Илбисалъул нух да даимлъарал бакътIерхьул улкабазул бецIал къу ватаздаса бергьине бусурбабазул улкабаз гIамал гьабунгутIиялда гIажаиблъула бакътIерхьул пачалихъазул политикаялдаса рикIкIадал гIадамал.

Кин гьабилеб нилъеца рикIкIадаб улкаялда ругел динцоязе кумек? ГIицIго Аллагьасда гьарила, дугIа гьабила! БатIияб къагIида жакъа гьечIо. РикIкIад чIезе хIаракат бахъила мекъаб нухалъ унездаса. Илбисалъул нух ккуразул къорикье ккараз бачун бачIунеб питна дагьабищ бихьараб нилъеда? Баракат гьечIолъиялъул тIирабаз тIубан нилъер республикаялъул гьумер хъублъизабизе хIаракат бахъана гьез гьаб нухалдаги. Миллатазда гьоркьобе ракьа рехулеб букIин якъинлъаниги, нахъеги гъобго къорикье ккезе щай нилъ чIолел? Щайха гIолилал гьедигIан рикIкIалъун ругел дагъистаниязе хасиятабщиналдаса? ГIемерисез, цо кIалдиса гIадин, такрар гьабула гьеб бугин хъизаналъгун цIалул идарабаз ватIанбокьиялъул кьучI лъунгутIи, гIолилазул агъаз гьечIолъи, эркенлъи хIалакин, хIалхьи цIикIкIин! Гьелъиеги тIадругезул тIалаб хIажат гьечIищха, тарбия-лъаялъул кьучI щулаго лъеялде ургъаралани рикIкIалъилаандай гIолилал нилъерго улкаялъул гIуцIиялдаса? Гьаб суалгун масъала къойил борхизе, батIаго бицине ккарабги буго.

Дагьал гъорлъе раккун бачинин гьаниб цо мисал, цIакъ гIадатияб, гIемер дандчIвалеб. Ункъо лъимер бугеб, гьоркьохъеб ресалъул, хъизан буго шагьаралда яшав гьабун. ТIоцесеб лъимер — яс, росулъ гIурав, иман-исламалъул, светияб лъаялъул лъикIаб кьучI щварав росуцоясеги кьун берцинаб яшавалда йиго. Хадур гIолел васазе магIишат гьабулаго, ригьзал гIуцIулаго эбел-инсул заман къанагIалъана лъималгун гIодорчIун хабаралъе. Школа лъугIана, махщел щвезеян цIализе лъуна. Кидагосел масъалаби — гIарцухъ гурони кьун бажаруларел экзаменал! Аслияб жо — спортзалазде хьвадулел ругоян вохун вуго эмен. Сардилъ къватIире ахIулел гьудулзаби цIикIкIана, мегеж ризлъарабгIан эбел-инсулгун ракIрагьараб хабар лъедерлъана. Гогьдаризарун, берцин рихьун гIуна доб хъизаналъул гьайбатал васал. Ригьнал гьарулаго мавлид бегьичIо, сухIмат гьукъана, гIиллаго гьечIого чIегIербарал нусалги рещтIана къавулъ.

«Нужер гьал васал мекъаб нухде кколел ратизе гуринха», — ян гьезул хьвадиялда щаклъун, ракIунтун гIакълу кьолел гIагарал чагIазухъ гIинбачIо эбел-инсуца. «Нижер васазул магжилгун тIажазул бицине ирга щун руго гьал, мода буго гьанже гьединаб», — ин бадиб тIил кьабараб гIадин жаваб кьуна эбелалъ. КъватIисан босун бачIун васаз бицанщинаб ургьибе биччана гьез. Яцгун, дурцгун дагIбадана нужей рабитIаги чIумалги щаян. Сверухъ ругел вацгIалзаби добго «мода» гьабеян жидедаго хадур цIазе лъугьана, рикIкIалъана кьолбол чIахIияздаса. Гьеб буго хIакъикъат!

Лъел цIураб парччи нилъеца чIобоголъизабидал, гьаваялъ цIоларищ, хъанхъара, рищни-хIур бакIарун заманаялдаса хъублъуларищ? БотIролъе, рекIелъе тIинкIулеб чIахIиязул гIакълу, эбел-инсул малъи, щибабкъойилаб тIалаб гьечIони, гьодорлъиларищ лъималазул ракIал? Гьеле гьеб чIобоголъиялдаса пайда босизе, жидерго мурадазул мугьал рехизе жанисел тушбабиги рукIинарищха хIадурун. ГIемер хIалбихьи щварал гьезул чукъби камураб бакI кибго гьечIелъул.

ТIадехун мисалалъе рехсараб хъизамалъул васалги дол «дагъистаниязул бахIарчилъи бихьизабе» абун аэропорталде ахIулезул кьеразулъе ккана. Гьанже эбелэмен бетIерги ккун, жидерго свериялда хIукуматги какун, кире, лъихъе кумек гьарун инелали лъаларого руго хутIун. Бицун бичIчIичIесда бихьун бичIчIулин абулаан умумуз.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА