Дагъистанги чIахI-къулги

Гьаб ахир лъалареб, ахираб лъалареб заманаялъ Дагъистаналде какдолел, бугебщинаб чIахI-къулги хъублъиги гьенибе рехизе къеркьолел гIадамал гIемерлъун руго. Раккулел руго гьел жибго Дагъистаналда жанирги, хасго къватIирги, хIатта океан бахун дорехунцин. «Щив гьев? ва Щал гьел?» абурал суалаз рахIат толарел чагIи нилъеда гьоркьорги гIемерлъун руго. Бицина дирго пикру. Разилъуларел рукIинеллъиги лъала. Амма рекIелъ бугеб къватIибе кьезе бокьана.

 

Бисмиллагьги бахъун церехун ина

ТIоцебе дида кколеб буго, Дагъистаналъул караван Аллагьасул нухде, къиблаялде балагьун унеб бугилан (караваналде гьоркьоре уна аслияб къагIидаялъ бусурбанал халкъал). КигIан караван битIараб нухде гIагарлъаниги, гIемерлъула гьелде хIапдолел гьаби. Гьезул руруй бугоха жакъа нилъер гIундузда рагIулебги. Щибха гьабилеб? Рохизейищ роххилел яги пашманлъизейищ пашманлъилел? Гьайгьай, рохила ва цере рилълъина.

Нилъер гIагарал мугIрулги, мугIрузул Дагъистанги бокьулел гIадамал гIемерлъун руго. Гьединлъидал буго тушбабазул хъубаб ахIи-хIурги.

Сундасан дица, Дагъистан бокьулел гIадамал гIемерлъулел ругин абураб пикру босулеб бугеб? Цебеялда дандеккун, радал Бисмиллагьги бахъун, какиеги чурун, лъикIаб нигатги гьабун гурони рокъоса къватIире рахъунарел, хирияб Дагъистаналъул ракьалда хIетIе чIоларел гIадамал гIемерлъун ругелъул. Нилъ рокьуларезда кколеб буго, нилъее Дагъистан бокьулеб букIарабани, нилъ цIодорал рукIаралани, нилъ дуниялги талавур гьабун бечелъараб Америка гIадин бечедго яги къокъаб заманаялда жаниб 4000-ялдасаги цIикIкIун лъимер чIван «бергьунел ругел» гIизраилал гIадин «къуватал» рукIинаанилан. Нилъее, имам Шамилица васигат гьабун гьечIо бечедаб Дагъистан бокьайилан, васигат буго «Гьал гIицIал мугIрул рокьа!» – йилан. ГIицIал, амма рорхатал, кьварарал мугIрулги рокьани, Цогояв Аллагьасде мугъчIвайги бугони, нилъ лъидаго къезаризе кIоларелъул.

Цо сайталда «цIакъ гIакъилав» экономистас абуна Дагъистан нахъе ккун бугила, экономикаялъул гIалимзабазул гуреб, шагIирзабазул, хъвадарухъабазул ва спортсменазул культ цIикIкIун гьабулеб бугелъулилан. Гьез материалияб пайда, ай чIамчIам кьоларилан. Дидани бихьулеб буго, Дагъистаналъул тIолалго балагьазеги захIмалъабазеги гIиллалъун шагIирзабазухъ, хъвадарухъабазухъ, исламиял гIалимзабазухъ гIенеккунгутIиялъ бугилан. Масала, Дагъистаналъул халкъияв поэт ва исламияв гIалимчиясул руго гьадинал кочIол мухъал:

Къаникь бетIер щапизегIан

Тушманасдаги божуге! — абун.

Машгьурав шагIир ва хъвадарухъанас абухъе, «Аваристаналъул бищун бегIераб гIакълуялъухъ» ЦIадаса ХIамзатихъ гIенеккун тушбабаздаги божичIого жидерго бетIер хIалтIун иш бачарабани, Совет хIукумат биххизабичIого, битIизабизе кIвелаан. ШагIирасухъ гIенеккичIо ва хъархъалъеги ккана. Дагъистаналъул дунялалдаго машгьурав халкъияв шагIир Расул ХIамзатовас абун буго:

Хун лъикI, гIорхъабазда рагъухъан гIадин,

Рогьоялда къвал бан цо къо базегIан.

Нилъер КПССалъул ЦКялъул Политбюроялъул членаз, ВатIанги бичун, ватIаналъе хилиплъиялъул рогьоялда къвал балалде цебе, гьел мухъазул магIна босун букIарабани, гьаб инжитаб хIалалде улка ккечIого букIинеги бегьулаан. Къудукьа Мусаласдаса байбихьун, Инхоса ГIалихIажиясухъги гIенеккун гIумру тIамурабани, нилъ гIемерал гъалатIал гьаричIого рорчIизе бегьулаан.

 

Лъица хъуб гьабулеб бугеб?

Дагъистан бокьуларезги, цо-цо бокьулезги гIемер бицунеб буго нилъер гьаниб чIахI-къул гIемерлъун букIиналъул, экология хъублъулеб букIиналъул. Суал кьолеб гьечIо, лъица гьеб хъуб гьабулеб бугебилан.

Дагъистанияз, хIайван хъунани, гьан гуребги, ургьимесалдасанги пайда босулаан, чахъу хъуни рассукI гьабунги, махьва-бадаку, бакьал цIураб гьаналъе хIалтIизабунги, пайда босулареб жо букIунароан. ХIатта бакIвалиялда жаниб батараб жо хур беэнлъиялъе хурибе балаан. Турулареб, заманалдасан ракьалде яги цоги пайдаяб жоялде сверулареб жо щибго букIунароан. ЧIахI-къул (мусор) гIемерлъана, целлофан ва пластик бачIараб мехалъ. Гьебги бачIана жакъа нилъгун тушманлъиялда ругел улкабаздаса.

Гьелдасаги квеш ккараб жо буго, нилъ магърибалъулги машрикъалъулги севералъулги югалъулги нухал цолъулеб бакIалда ругелъул, гIемерал улкаби лъугьана зулму-хIалалдалъун нилъеда тIад кверщел гьабизе. Нилъ данде къеркьана, данде рагъана ва гьез дагъистаниязул гIамалхасияталде, напсазул экологиялде асар гьабичIого хутIичIо. Дагъистаналда хутIана тIаде рачIаразул цо-цо гьунар тIокIал гIадамалги (шайих Абулмуслим гIадал) шагьидзабиги, хутIана напсияб чIахI-къулги.

ГIемер бицуна аза-азар дагъистаниял Шамил имамасде данде рагъулелги рукIанилан. Гьел рукIана гIицIал мугIруздаса цIикIкIун боцIимал хириял, багьа-багьана батун анир хутIарал, напсазул экология хъублъаралги, ай чIахI-къулилан абичIониги, Дагъистаналъул менталитеталда рекъоларел, гьеб хисизабизе къваригIарал чагIи. Советияб пачалихъалъулги, жакъасеб капиталистияб гIуцIиялде дандеккун, гIадамазул гьабулеб тIалаб цIикIкIун букIаниги, ахираталде рокьи букIинчIо ва Дагъистаналда напсияб чIахI-къул тана.

 

БитIараб нухда ругони…

Гьаб хиса-баси ккаралдаса Дагъистаналъул гIемерав сахав чиги лъугIизавуна ва жакъа какун, гьезда, ай сахав чиясда божулареб хIалги гьабулеб буго. Щайха Дагъистаналъул муфтиясдаса байбихьун, ЧIикIаса устарасде (къ.с.) щвезегIан анцI-анцI гIалимчиги, имамзабиги, церехъабиги чIварал? Гьел битIараб нухда рукIун ва гьезул ритIухъаб рагIиялдаса бергьине гIакълу букIинчIого.

Жакъа Палестинаялъул халкъ щай гъурулеб бугеб? Гьезул ритIухъаб тIалабалдаса бергьине гIакълу гьечIого, кигIан жугьутIал цIодоралин бицен бугониги, хIобол жагьиллъи букIун. ЧIван гурони гьезулгун данде кколеб рагIи батизе кIвечIого, кIудиял гIуни гьезул лъималазда щиб гьабилебали лъачIого чIвалел чагIи руго лъимал.

 

Жагьиллъи бергьине тезе бегьуларо

ГIакъиллъиялъ гьел бергьунел гьечIо, цо гIабдаласда кIолила азарго гIакъиласда жаваб батулареб суал кьезеян абула. Америкаялъул бутIрулги, гьезда нахърилълъаралги гIантал рукIин бихьизабулел хIужаби руго, жидеего, тIубарал халкъазего зарал бугониги къотIаби хвезари, гара-чIвари гьабунгутIи, санкциял лъазари. Гьеб гуребги, Аллагьасде дандечIарал бихьиназулги руччабазулги гьоркьорлъаби тIиритIизариялъ, гьерсал рицун ва Аллагьас рижарал халкъалго дунялалдаса лъугIизаризе лъугьин. Гьединго жидеца гIемераб заманаялъ пайда босулареб ва босилебищалиго лъалареб боцIимал, зулму гьабун данде гьаби. ТIокIаб кIудияб ахIмакълъи кинаб букIинеб?

Дагъистан, АлхIамдулиллагь, гьелда дандечIараб буго ва гьединлъидал нилъ какулелги руго. Какулел руго нилъ, чIухIиялъ, гIамалкIодолъиялъ, ццидаца, нич тIагIиналъ, гIакълу дагьлъиялъ ва гьезул гIагарал чагIаз. Дида гьел берцин рихьуларо, гьездаса гIемерго берцин бихьула Дагъистаналъул бокьараб росулъ, къотIнобе рехараб сипатго гьечIебин кколеб гамачI. Дица Дагъистаналъул тушбабазда абулеб буго, гьабилареб лъаниги, цин Дагъистаналъул цIар бахъилалде, гьанже лъикIал пастабиги руго, кIал чуре, Аллагьасда божиялъул гьитIинабгIаги асар батани, Бисмиллагь бахъе, какие чуре ва хадуб ургъун абе абулеб рагIи.

ЛъикIаб букIинаан Дагъистаналъул тарих цIалани, цIа бакилалде гьелъ мунго вухIулевлъи ва гвенд бухъилалде гьениве мунго ккелеблъи лъан букIа. Аллагь гурхIун кантIизареги нуж! Лъан букIа, Дагъистаналъул нужеда бараб жо щибго гьечIо. Гьеб Аллагьасул цIуниялда гъоркь буго. Нужеца гIемераб сурсат харж гьабулеб буго Дагъистаналда питна багъаризабизе, кIолеб гьечIелъул ццидалъги руго. Нужеда гIакълудал асар батани, гIодоре риччан чIелаан. Аллагьас лъикIаб хъван батаги. Амин!

Шамил МУХIИДИНОВ